Ссылки для упрощенного доступа

Депутаталги низам цIунулелги


Дагъистаналъул парламенталъул иргадулаб сессиялда бицана арал рищиязул, коммуналиял хъулухъазул тарифазул, низам цIунулезул хIалтIул ва гь.ц.

Коммунистазул партиялъул вакил Биярслан Изиевас абуна дагъистанияз токалъухъ гIемер гIарац кьолеб бугин, гьелъул къадар гIодобе бачине кколин.

Гьединго гьес бицана республикаялда тIад газалъухъ кьезе кколеб гIарцул налъи бугин, гьебги 19 миллиард гъурущ. Налъи буго токалъухъ кьезе кколлебги – 1,9 миллиард гъурущ.

«Коммуналиял хъулухъазухъ дагъистанияз гIарац жиндир заманлда кьола, амма гьеб гIарац бикъулеб буго ток бикьулел гIуцIцIияз ва гьелдалъун энергетикиял компаниязда цебе налъи буго республикаялъул», - илан абуна Изиевас.

КПРФалъул цогидав депутат МахIмуд МахIмудовас бицана Дербент шагьаралъул шураялда депутатал рищиязулъ къанунхвезабияъул чанги хIужа букIанилан.

Рищиял тIоритIулеб къоялда, 8 сентябрялда, партиялъул вакилал ун руго Дербенталде. Гьезда бихьун буго рищиязда къанагIат гурони гIадамал рачIунел гьечIолъи.

Мисалалъе, цо участокалда гьаракь рехизе микьго гурони чи вачIун гьечIо, амма протоколалда хъван буго 1200 чи вачIанилан.

МахIмудовас абуна низам цIунулел идарабазде гIарза хъванилан жидер партиялъ ва хьул бугин рищиязул хIасилазул цIидасанго хал-шал гьабилин.

«Патриоты России» партиялъул парламенталъулав Мадер Канберовас абуна Дагъистаналда туризм цебетIеялъе бичан букIанин исана 6,5 миллиард гъурущ, амма туризмалъул рахъалдасан щибго гьабун гьечIилан.

Амур гIорги гIорхъиялдаса кIанцIун лъеца арал уралалъулазе кумек гьабеян гьарана дагъистаниязда «Единая Россия» партиялъул депутат Жамалудин ГIумаровас.

Вице-спикер Николай Алчиев хъинтIана низам цIунулезул хIалтIуда. «Къуваталъул идарабазда гIемерисала хIалтIуле руго рацIцIадал ва лъикIал чагIи, амма гьезул хIалтIи цебетIезе бичалеб гьечIо цо-цо хIалтIухъабаз», - илан абуна Алчиевас.

Цо-цо низам цIунулез жидерго хIалтIи къануналда гьечIого бачиналъ полициялдехун бугеб гIадамазул бербалагьи лъикIлъизабулеб гьечIилан рикIунеб буго спикер хисулес.

Низам цIунелузл идарабазул нухмалъулезда Алчиевас абуна депутаталгун хасаб данделъиги гьабун хIукму къотIизе кколин хIинъкигьечIолъиялъул суалал кин тIуразе бегьулелян.

Дагъистаналъул президент Рамазан ГIабдулатIиповас абуна ахирисеб заманалда жинда ккун букIанин республикаялда теракталгун чIваял гьоркьоса къотIанин. «Амма руго цо-цо унтарал чагIи, фанатикал.

Гьезда бичIулеб гьечIо я гIакъилаб рагIи, я къанун. Гьелдалъун холел руго нилъер гIадамал. КIиябго рахъалдасан холел руго дагъистаниял.

РакIалда кколеб буго, жамгIият ругьунлъун бугин кколел лъугьа-бахъиназда», - ян абуна ГIабдулатIиповас.

Депутатазда президентас гьикъана, лъида лъалеб букIинчIебали гIарцухъ такъсирчагIи эркен гьарулел диванчагIазда гъорлъ рукIин. ГIемерисала гьел сабаблъун чIвалел руго Дагъистаналда диванчагIиян абуна ГIабдулатIиповас.

Гьес гьединго гьикъана депутатазда, лъида лъалеб букIинчIебали низам цIуниялъул система ришватчилъиялъ ккун бугеблъи.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Нилъ ругьунлъун руго руцIухIун чIезе. Амма лъида лъалареб экстремисталгун, террористалгун ва такъсирчагIигун бухьен бугеблъи депутатазул? Лъида релъараллъун нилъ лъугьунел ругел?

Цо-цо журналистал руго экстремистазул идеология тIибитIизабулел. Экстремизмалъул пропаганда гьарулел мажгитал руго.

Гьел масъалаби кин раккаралали хIисаб гьабизе ккола. ГIагараб заманалда депутатаз парламенталъулал денделъаби гьаризе кола.

Гьенир цере лъезе кола диваналъул системаялъул масъалаби, жанисел ишазул министерлъиялъул масъалаби, полициялъул масъалаби, гьединго мухъалъул полициялъул масъалаби».

Сессиялда депутатаз 27 суалазул халгьабуна.

Къануназул проектазда цIилъаби рачиналда хъинтIарал рукIана гIемерисел суалал.

Гьединго депутатаз хIукму къотIана 2014 соналъул байбихьудасан Дагъистаналъул нухмалъулесда президентилан абичIого тезе.
XS
SM
MD
LG