Ссылки для упрощенного доступа

Хасавюрталда чIван вуго шагьаралъул нухмалъулев хисулев


Дагъистаналъул Хасавюрт шагьаралда чIван вуго шагьаралъул нухмалъулев хисулев Сатаев СагIидахIмад. Гьев гьединго кколаан шагьаралъул магъалаби ракIарулеб хъулухъалъул нухмалъулевлъунги. ЦIех рехчагIаз гьев чIваялъе гIиллалъун рехсолеб буго гьесул хъулухъалъулаб хIаракатчилъи. Гьединго итни къоялъ Волгорадалда гьабураб такъсиралда тIасан цIиял баянал кьолел руго ЦIех-рехалъул комитеталъ

СагIидахIмад Сатаев чIван вуго радал сагIат ичIгоялда бащдаб хIалтIараб гIужалъул Хасавюрталъул Батырмурзаевасул цIаралда бугеб къотIноб. ЦIех-рехчагIазул цереккунисел баяназда рекъон хIакимчиясде кьвагьи лъун буго Стечкин абураб кIиго пистолеталдасан.

Сатаев СагIид ахIмал хун вуго азарханаялде вачун хадув. Гьесул букIун буго 60 сон. Шагьаралъул магъалаби ракIарулеб идараялъул нухмалъулев гуревги гьев гьединго вукIун вуго Хасаюврт шагьаралъул нухмалъулев хисулевлъунги. Гьеб хъулухъалде вачIун микьабго сон букIанин гьесулилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе шагьаралъул нухмалъиялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев НурмухIамадов НурмухIамадица.

СагIидахIмад чIваялъе кIиго батIияб гIилла загьир гьабулеб буго цIех рехчагIаз аслияблъун рехсолеб буго гьесул хъулухъалъулаб хIаракатчилъи. Гьединго абулеб буго вице-мэр чIван ватизе бегьулин налъи сабалъуниланги. Амма гьеб хIужа бачIинахъего къинабуна НурмухIамадица. Гьевгун цадахъ хIалтIулаго араб щуго анлъго соналда жаниб цониги гIарац сабаблъун, ялъуни хъулухъ сабалъун кинаб букIаниги гIала-гъважаялъе гьоркьов гьев ккараб хIужа жинда лъаларилан.

НурмухIамадов НурмухIамад: «Чиясе квешлъи гьабизе кIолеб даражаялъул чи гьев вукIинчIо, гьесул хъулухъалхулаб хIаракатчилъи сабалъун чIванин гьевилан абизе кинго кIоларо. Гьаз батIи-батIияб жо бицунеб бугоха, лъаларо.Гьесул вас вукIаан диванчилъун. Гьезул кIиязулго автомобилалги рукIана цоцада релълъарал, лъаларо васасде гьабулеб букIараб такъсир букIарабищ гьебалиги».

Э.Р: «Цебекун гьесие хIинкъи кьолеб букIиналъул кинаб букIаниги хIуж ккун букIанищ?

НурмухIамадов НурмухIамад: «Я администрациялда, я цадахъ хIалтIуле чагIазулгун цонигиязулгун дагIаб рагIи карб гIанасебцин жо букIинчIо. Гьедин хIинкъаби кьезе гIадаб кIудияб магIишаталъул чиги гьев вукIинчIо, цогидазул гьанде ругел гIадаб дармил базабиги тукабиг гьесул рукинчIо, 1974 соналдаса нахъе хIукуматалъул хIалтIуда батIи-батIиял хъулухъазда хIалтIарав чи вукIана»

Ахираб кIиго лъабго анкьида жаниб Хасвюрталда хурхун къватIире рачIарал криминалиял харбазда рекъон абизе бегьула гьениб ахIвал-хIал дагьабго хIалуцунеб бугилан. Мисалаъе цебесеб къоялъ октабралъул къоло кIиабилеб къоялъ Хасавюрталда бугь «Хиргъу» дармил рукъалда аскIоб 12 кг тротилалъул къуват бугеб кьвагьул алат тIатинабунилан абураб баян кьуна терроралда дандечIараб миллияб комитеталъ. Цересел анкьазда кIиго полициялъул хIалтIухъан чIвана Хасавюрталда гьезул цояв полициялъул капитан Магьдиев Батирби.

21 октабралда Волгоградалда ккараб такъсиралда сверун цIиял комментариял раккана кIиябго къоялда жаниб. Интернеталда лъун буго жийго жинцаго кьвагьизаюрай Асиялова Наидал рос Соколов Дмитрийил кIудаинсул комментариял. КIудияв Соколавас абулеб буго интеренталда хъвалеб бугин Наидаги Дмитирий цоцазда лъанин Москваялда цIалулел ругеб мехалъ. Гьеб бугин гьереси. Гьел кIиязулго лъай-хъвай кканин интернеталдасан. Гьеладаса хадур дандчIван руго гьел «Долгопрудный» абураб шагьаралда. Хадуб гьабун буго ригьинги. ГIагарлъи дандечIун букIун буго Дмитрийида ячунгейин дудасаго анццIго соналъ кIудияй ясилан. Хъизан гьабун кIиялго данделъараб мехалда жиндица гьикъанин гьесда, Дмиитрий мун гьеб ригьнадаса рази вугищан ва гьев жинде мукIурлъанин гьечIин, жиндир ракIбухIанин гьелдасан.

Соколавасул гIагарлъи божулел гьечIо Дмитрий хъачагъазда гъорлъги вукIун гьес такъсир гьабунилан абураб жоялда. Кинин кIолеб лъагIалида жанив вусс сверизеги гаьун гъарачилъиялъул бичIчIицин гьечIев гIолохъанчиясда кIуди-кIудиял такъсир гьабизе, гьеб букIине рес гьечIеб жо бугилан абулеб буго гIагарлъиялъ.

Гьелдаго цадахъ цIех-рехалъул комитеталъ баян гьаруна Волгоградалда такъсир гьабизе Наида хIадур гьаюрай чагIазул цIарал. Гьел ккола Дагъистаналдаса Къурбанов Русланги ГIумаров Къурбанги. ЦIех-рехчагIаз бицунелда рекъон гьезда хадуб буго 16 чи чIваялъул такъсир. 2012 соналъул январалда Хъумторхъала мухъалъул Чапаево росдада аскIоб экстремизмалда данде къеркьолеб идараялъул хIалтIухъан, полиициялъул майор АхIмадов Къурбан чIварал чагIиги гьел кколин абулеб буго баяналда. Гьебго соналъ маялда МахIачхъалаялъул « Аляска 30» абураб посталда цоцада хадуб кIиго кьвагьи гьабурал чагIиги тIадехун рехсарал Къурбановасулги ГIумаровасулги хIалтIи бугилан хъвалеб буго гьенибго. Доб мехалъ хун вукIана 17 чи, лъукъун вукIана 100 саги цIикIкун чи, амма официалиял гурел баяназда абулеб букIана хваразул къадар жеги цIикIкIун бугилан. ЦIех-рехалъул комитеталъ абулеб буго хвалде уней хIисабалда Наида хIадур гьайизе гьелъул росгун цадахъ квербакъун бугин гьел кIияцагоян.

Гьединго цIех-рехчагIазухъан щварал баяназда абулеб буго жийго жинцаго кьвагьизаюрай Наида Асиялова ахирал щуго-анлъго соналъ хIалтIулей йикIанин Мосвкаялъул цо коммерциялъулаб компаниялда.

Гьелдаго цадахъ цIех-рехалъул комитетталъ абулеб буго Волгоградалъул автобусалда кьвагьи ракIалдаго гьечIого ккарб жо букIинеги бегьулин, Асияловалъги гьеб кьвагьул алат цогидаб бакIалде босулеб букIараб жо батизеги бегьулин, жиндирго тохлъиялдалъун лъачIого кодоб кьвагьун батизеги бегьулин гьеб. ЧIванкъотIарал хIужаби рагьизе ругин экспертизаялда хадубилан абулеб буго гьениб. Гьединго нижехъе щварал цогидал баяназда абулеб буго Наида Асиялова Гъуниб мухъалъул КIкIуяда росулъа кколиланги, амма гьеб баян официалияб куцалъ тасдикъ гьабулеб гьечIо лъицаниги.

Жибго Волгоградалда кьвагьараб автобусалда жанир рукIарал лъукъарал гIадамазул къадар 55 чиясде баханилан абураб баян кьуна информ.алатаз арбагI къоялъ, гьезда гьоркьоса 20 лъимер. ЗахIматго лъукъаразул цо бутIа битIун буго Мосвквялъул азарханаялде, хутIарал гьенирго сах гьарулел руго.
XS
SM
MD
LG