Ссылки для упрощенного доступа

Дагъистаналъул салафиял ДАГIШалде данде


Дагъистаналъул салафияз «Исламияб пачалихъ» террористияб къукъа лъазабуна бусурбабазе данде кколареблъун.

МахIачхъалаялда бугеб салафиязул абулеб мажгиталде хьвадулез официалияб лъазаби гьабуна Россиялда гьукъараб террористияб гIуцIи «Исламияб пачалихъ» бусурбабазе данде кколареб гIуцIи бугин ва гьенире ине бегьуларин. Цоги салафиязул абулеб Котровасул къотIноб бугеб мажгит абуни, къуваталъул идабараз къаралдаса чанго анкь буго. Щиб хисизе бугеб гьеб лъазабиялъ, дагьлъизе бугищ республикаялда къуваталъул идарабаз салафиязде гьабулеб тIадецуй?

Россиялда гьукъараб террористияб къукъа «Исламияб пачалихъ» (ДАГIШ) бусурбабазул халифат гуро, гьенире ине бегьуларо ва гьезул рагъулъ гIахьаллъизе бегьуларо. Гьединаб баян тIибитIизабуна МахIачхъалаялъул Венгриялъул рагъухъабазул къотIноб бугеб салафиязул мажгиталъул вакилзабаз Фейсбукалда. Гьезул баяназда рекъон, рехсараб гIуцIиялда данде вагIзаби гьарулел рукIана мажгиталда цереккунги. «Исламияб пачалихъалда» (ДАГIШ) хурхарал суалал мажгиталде рачIунел гIолилаз гIемер кьолел рукIанин. Дагьалъ цебе мажгиталъул вакилзабаз лъазабун букIана, къуваталъул идарабаз жидедаса мажгит къазе тIалаб гьабулеб букIанин. ГьабсагIат гьеб лъазаби тIибитIизабулеб буго къуваталъул идарабаз мажгиталде гьабулеб тIадецуй дагьлъизеян рикIкIунеб буго цо-цо экспертаз. Гьедин бугищ гьеб, щай гьанже гьабулеб официалияб лъазаби абун цIехана «Эркенлъи» радиоялъ рехсараб мажгиталъул имамасул кумекчи МухIамад МухIамадовасда.

МухIамад МухIамадов: «Мажгиталда сверухъ унел лъугьа-бахъинал лъалев чиясда бихьун букIун батизе бегьула, цебеккунги дица тIиритIизарулел рукIана гьебго магIнаялъул гIалимзабазул фатваби интернеталда. Щайгурелъул, гIемер руго гьеб суалалъе жаваб балагьулел чагIи, хасго гIолилазда гьоркьор. ГьабсагIаталда гьабураб лъазабиялдаги хIакъикъаталда бусурбабазул гIалимзабазул пикру рехсон буго, гьеб цохIо нижер мажгиталъул пикру гуро. БичIчIикьеялъулаб лъазабиян абизе бегьила гьелда. Къуваталъул идарабазул тIадецуялда бараб жоги гьечIо гьениб. Нахъойги абулеб буго, гьеб пикруялъул вагIзаби цереккунги гьаруна нижеца. Мисалалъе, дагьалъ цеве мажгиталде щварав Россиялъул Азиялъулаб бутIаялъул бусурбабазул муфтий Нафигулла ГIашировасги гьебго жо бицунеб букIана. Интернеталда гьеб лъазаби лъун буго, щайгурелъул гьениб унеб буго аслияб къагIидаялъ Исламияб пачалихъалда хурхун дагIба. Нижер мажгиталда гьелда хурхун бахIс гьабулев чи гьечIо, ИГИЛалъул рахъ кколел чагIи гьенир гьечIо. Лъазаби гьабуна мажгиталде рачIунел чагIазул щаклъи букIунгутIизе, гьезда бичIчIизе бугеб ахIвал-хIал».

Гьеб мажгиталъ официалияб лъазаби гьабичIониги къуваталъул идарабазда лъалеб букIана лъица рахъ кколеб «Исламияб пачалихъалъул» (ДАГIШ), лъица кколаребали. Гьеб лъугьа-бахъиналъ Дагъистаналъул салафиязде къуваталъул идарабазул бербалагьи кьучIдасанго хисизе гьечIоян абуна «Эркенлъи» радиоялъе гIалимчи-философ АхIмад Ярлыкаповас.

АхIмад Ярлыкапов: «Къуваталъул идарабазда гьадингоги лъалеб букIана, рехсараб мажгиталъул вакилзабаз терроризмалъул рахъ кколареблъи, Исламияб пачалихъалъул идея гьезие рикIкIадаб бугеблъи. Гьеб позиция гьез цебего лъазабун букIана. КIудиял хиса-басиял гьеб лъазабиялъ гьаризе гьечIо дир хIисабалда. Амма бокьилаан, рагьун гьез лъазаби гьабурабго пачалихъалъул гьездехун бугеб политика хисани, ярагъ кодобе босуларел салафиязде тIадецуй гьабичIого тани. Жибго лъазабиялъул бицани, дир хIисабалда, гьеб цохIо мажгиталъ гьабизе кколароан, киналго Дагъистаналъул салафияз гьабизе кколаан».

Гьединаб лъазаби гьаби буго цIакъ кIвар бугеб хIужа. Гьелъ къуваталъул идабазе мажгитазде гьужумал гьаризе багьанаби дагьлъизарилаян рикIкIунеб буго Халкъазда гьоркьосеб кризасалъулаб группаялъул Шималияб Кавказалъул проекталъул нухмалъулей Сокирянская Екатеринаца. Гьелъул пикруялда рекъон, Исламияб пачалихъалде бугеб бербалагьиялда хурхун чIван къотIараб жаваб гьечIолъи букIана дагъистаналъул салафиязда гIунтIизабулеб аслияб гIайиб. Гьеб лъазабиялдаса хадубги тIалъиялъ ва къуваталъул идарабаз салафиязул мажгитал къани, ялъуни гьезде тIадецуй цIикIкIани, хадуб диниял рикьалабазда гьоркьоб диалог гIуцIизе кIвезе гьечIин.

XS
SM
MD
LG