Блогосфераялда, хасго Фейсбукалда гIемер тIиритIулел руго кватIичIого Амиров къватIиве вачIине вугилан харбал. ГIемерисеб мехалъ гьел рукIуна щаяли лъаларел, балъгоял аккаунтаздаса тIиритIизарурал харбал. АбрагI къоялъ радалго Фейсбукалда «Дагъистан-онлай
Бакъанида «Кавказская политика» сайталъ кьуна информация, гIагараб заманалда мэр къватIиве виччазе бегьулин. Гьелъие далиллъун бачунеб букIана прокуратураялъ цIех-рехалъул идарабаз Амировасда гIунтIизарулел гIайибал тасдикъ гьарун гьечIолъи. Къануназда рекъон, прокуратураялъул ихтияр бугин цIех-рехалъул идарабаз ккурасул ихтиярал хвезарулел хIужаби ругони гьеб гьукъизе. Амма кинабгIаги информация прокуратураялдас
Шевченко Максим: «Нижее информация кьуна прокуратураялъ гуреб, Амировасда сверухъ ругел гIадамаз, гьединлъидал гьез абураб жоялъе баян кьезе кIоларо дида. Информационнияб алат хIисабалда нижеда битIараблъун бихьана нижер цIалдолезухъе щвезабизе Амировасул аскIосеб сверухълъиялъ кьураб баян. Прокуратураялдас
ГьабсагIаталда Саид Амировасул уголовияб хIалтIуда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалда хурхун «ИТАР-ТАССалъе» баян кьуна адвокат Марк Крутерица. Гьесул рагIабазда рекъон, Амировас хал гьабуна теракт гьабизе хIадурлъун вукIанилан гьабураб уголовияб хIалтIул материалазул. 2013 соналъул октябралъул ахиралда цIех-рехалъул идарабаз гьесда гIунтIизабуна самолет кьвагьизе хIадурун вукIанилан гIайиб. Гьединго адвокатас бицана С. Амиров жеги туснахъалъув вугин, гьев къватIиве виччазе щивниги гIедегIун гьечIин.
Амиров жинда гIунтIизабулеб гIайибалъе мукIурлъулев гьечIо ва гьеб уголовияб хIалтIи политикиял дандияз ургъун бахъараб бугилан рикIкIунеб буго. 2013 соналъул анкьабилеб ноябаралда диваналъ хIукму гьабун Амиров туснахъ гьавиялъул болжал халат бахъун букIана 28 февралалда щвезегIан.