Ссылки для упрощенного доступа

Гlолел руго бахlарал


Россиялда гьарулел лъималазул къадар гIемерал соназда жаниб араб соналда тIоцебесеб нухалда цIикIкIун буго улкаялда холел гIадамазул къадаралдаса. Араб 2013 соналда Россиялда гьабун буго цо миллионгун 743 азарго лъимер. Гьедин гьарурал лъималазул къадар 23 азароялъ цIикIкIун буго улкаялда хварал гIадамазул къадаралдаса. Цебесеб 2012 соналда гьел тарихал цоцазда бащадал гIадинал рукIун руго.

2013 соналдаги цебесеб 2012 соналъго гIадинаб букIун буго цIигьарурал лъималазул къадар, амма хварал чагIаздаса гьаруразул къадар цIикIкIун буго хвел 1,1% дагьлъун букIиналъ. Гьедин хъвалеб буго Эксперт. Ру сайталда.
Ахирисеб нухалда Россиялда цIигьарурал лъималазул къадар цIикIкIун букIун буго 1991 соналда. Совет Союз биххараб хадусеб 1992 соналдаса нахъе дагьлъизе байбихьун буго улкаялъул халкъ.

«Россиялъе щибаб лъагIалица камулев вуго цо миллион чи ва гIагарал соназда жаниб гьеб ахIвал-хIал хисизабизе рес гьечIо»,- гьедин хъвалеб букIана 2004 соналда «Российская газетаялда» Дунялалъул экономикаялъул ва халкъазда гьоркьосел бухьеназул рахъалъ Институталъул директор хисулев Евгений Гонтмахерица.

«ГIагараб заманаялда гьарулел лъималазул къадар лагьлъизе буго»,-гьедин абулеб букIана ункъго сон цебе машгьурав демограф Анатолий Вишневскияс. Гьесул пикруяда мигрантазул къадар малъичIого гIадатияб куцалда Россиялда халкъ гIемерлъи щакаб жо букIана ва 2015 соналда улкаялъул халкъ 142-143 млн. чиясде бахинабизейин улкаялъул тIалъиялъ бицунебги «букIунеб жо гурин гIадатияб куцалда халкъалъул къадар 2012 соналда дагьлъизе байбихьизе букIиналъин» рикIкIунеб букIана гьес. Гьесдаго цадахъ хIалтIулев гIалимчи Сергей Захаровасул пикруялдаги 2010-2011 соназда дагьлъизе букIана гьарулел лъималазул къадар.

Россиялдаго бищунго гIемер лъимал гьарулел регионлъун рикIкIуна Шималияб Кавказ. Гьенибги тIоцебесеб бакIалда Гъалгъаязул республика, хадуб Чачанлъи ва лъабабилеб бакIалда Дагъистан бугин лъазабула информалатаз.
Араб соналда Чачан республикаялда гьарурал лъималазул къадар цересел соназде дандеккун абизегIан цIикIкIараб гьечIин бицана Эркенлъи Радиоялъе ГIурас-Мартан мухъалъул ригьиналъул хъвай-хъвагIай гьабулеб идараялъул хIалтIухъан Мартанова Ларисаца.

Мартанова Лариса: «Нижер республикаялда нижеца киданиги гIарз гьабулароан гьарулел лъимал дагьал рукIиналда бан. Гьезул къадар кидаго гIураб букIана. Араб соналде дандеккун исана гьеб къадар дагьабго гIодобе ун буго. Нижер идараялъ хъвай-хъвагIай гьабун буго гьабураб 1500 лъимадул, гьеб къадар дагьабго гIодобе ккун буго цебесеб 2012 соналде данде ккун».

ЭР: Цо-цо баяназда рекъон, Чачаналъ гьарурал лъималазда гьоркьоб васазул къадар цIикIкIараб буго. Тарихал кинал ругел?

Мартанова Лариса: «Статистикаялъухъ балагьани ясазул къадар цIикIкIараб буго. Гьеб къадар васазулалдаса абизегIан кIудиябги гьечIо. Дида ккола ургъел гьабизе ккеларин. БахIарал киназего гIурал руго. Ясал кIудиял гIолел руго».

Цебе ракIалде ккун букIахъе Россиялда гьарулел лъималазул къадар гьал соназ дагьлъулеб гьечIо руччабаз лъимал гьарулеб ригь хисун букIиналда бан. Цебе лъимал гьарулеб ригьлъун 20-25 сон рикIкIунеб букIун батани, гьанже гьеб кколеб буго 25-29 сон ва цо-цо мехалда гьеб 34-деги бахунеб буго. ГIагараб чанго соналъ гьел тарихал лъикIал хутIаниги хадусеб 10-20 соналда жанир гьел гIодоре ккечIого рукIине ресго гьечIин абулеб буго экспертаз. Гьелъие гIиллалъунги бихьизабулеб буго демографияб кризис букIарал 90-билел соназ гьарурал лъимал хъизамал гьаризе кIудиял гIезе рукIин ва гьезул жидерго къадар дагьаб букIин.

Материалы по теме

XS
SM
MD
LG