Дагъистаналъул машгьурав тарихчи Даногъо ХIажимурадица абулеб буго, гьединаб макъала бахъиго кколин Александр Проханов, Александр Дугин, Сергей Кургинян гIадал журналистаз, политиказ ва гIалимчIагIаз загьир гьарулел цIияб «Россиялъул империя» гIуцIиялъул рахъ кколел гIадамал нилъер улкаялда дагьал гьечIеблъи. Бажарулеб жо кколищ цияб имеприя гIуцIи?
Киналха территорияби Россиялъул империялде гъорлъе росичIого хутIарал Андрей Зелевасул пикруялда?
Мисалалъе Америкаялъул континенталда Табаго абураб чIинкIиллъи. Россиялъул Империялъул колониялъун бахъине рес букIана Калифорниялъул бутIа. Азиялда – Босфор ва Дарданеллы лъел къварилъаби. Таиланд, Монголия, Шималияб Иран, магърибалъул Армения, Манжурия. Европаялда Россиялъул рукIине рес букIарал территориязда гъорлъ рехсолел руго Мальта ва Ионикиял чIинкIиллъиял. Парахатаб океаналда - Гаваязул чIинкIиллълаби, Папуа-Новая Гвинея.
Авторасул сияхI цIакъ халатаб буго ва гьес рехсолелщинал территорияби дандрани, Россиялъул империялде гъорлъе ине бегьулел букIун буго бащдаб дунял. Территориябини щиб, гьеб сияхIалда буго моцIги, марсги.
Доногъо ХIажмурадица гьелда бан абулеб буго, историялда лъаларин букIине бегьулебин абураб жойин. Тарих хIужжабаздаса бессараб букIунин. Цингиги гъобго тарихалъ бихьизабулеб бугин империяби, жиндирго бакIлъиялдаса ва кIодолъиялдаса гамаби гIадин, рих-рихун унин.
ЭР. Гьанжесеб заманалда бугищ рес цIияб империя гIуцIизе? Гьелегури империя абураб рагIи абизегIанго хIалтIизабулеб гьечIониги, империялъул магIна бугел гIуцIиязде ахIулел руго гури Александр Проханов, Александр Дугин, Сергей Кургинян гIадал журналистаз, хъвадарухъабаз жамгIиял хIаракаттчагIаз ва политиказ?
Доногъо ХIажимурад: «Инсанияталда лъала гIемер империяби дунялалъул тарихалда жанир рукIарал. Киналго империяби риххула. Риххана Рималъул, ГIусманияб, Византиялъул, Россиялъул ва цогидал имерияби. Киданиги кIоларо гьел имериязде нахъ руссине. Ай, гьеб ккола нахъ тараб этап. Гьединлъидал дица гьел Россиялъул империялде нахъ руссине бокьарал рикьула кIиго бутIаялде.
ТIоцебесеб категориялде гъорлъе, дир пикруялда уна, унго-унгоял авантюристал, рукIине те гьел политикаялдаса, рукIине те диналдаса, рукIине те бокьараб рахъалдаса. Гьел нахъе балагьун рукIуна, гьел империялъул заманалда лъикI букIанин, нилъ рикIкIунел рукIанин, нилъ чIухIарал рукIанин абун. ХIакъикъаталдайин абуни, империя тIегьалеб букIинин, дицани абилароан.
Гьединазул кIиабилеб категориялде гъорлъе уна лъикI история лъалел романтикияб хасияталъул чагIи. Тарихалдаса цо-цо хIужжаби рачун, гьезулги империялда бан букIуна настольгия.»
Доногъоца абулеб буго хIакъикъаталдаги Россиялъул империялъул колониялъун букIараб Дагъистаналдацин ругин гIадамал доб заман дандекколеб букIанин дагъистаниязе, рикIкIунел.
Доногъо ХIажимурад: «Россиялъул империялъул заманалда Дагъистаналъул область букIана хIакъаб колония. Дагъистаниязул цоялги рукIуна, вукIанин пача, букIанин низамин абун. ГIадамазул гIумру лъикIаб букIанин абулел. Гьеб гIантаб хабар ккола. Гьеб букIана унго-унгояб колония. ГIемер соназ рагъун, колониялде буссинабураб регион букIана гьеб. Гьеб гIуцIана бидулаб къагIидаялда, жиндирго къагIидаби тIадги чIезарун.
Дун тамашалъизавулеб жо ккола, жакъаги цо-цо дагъстаниязул ботIролъ "империя" абураб рагIиялъ пуланаб ракI чIараб, кIудияб ва пайдаяб жоялъул ассоциация бижинабулеб букIиналда.
Щай дица гьедин абулеб? Щайгурелъул МахIачхъалаялда жиндего бер буссинабула цо-цо тукабазул яги фирмабазул цIараз. Мисалалъе, "Имприялъул рукъ", "Гордазул империя", "ТIагIамалъул империя", "Конфетазул империя". Дица рикIкIуна гьеб гIадамазул лъавукълъиялдаса, жагьиллъиялдаса бугин. Гьезда лъалеб гьечIо кинаб букIарабали Дагъистан Россиялъул империялда гъорлъ.
Имериялде нахъе нух гьечIо. Киналго имерияби хола, риххула. Цояз бала микьнусго сон, цогидаз - анлънусго, лъабабилез – лъабнусго, цо-цояз - 70, дица абулеб буго Совет Союзалъул хIакъалъулъ. Гьебги абизе бегьула имерия букIанин. Нилъее имериялде нахъ руссиналъ щибниги кьоларо, нилъер колония гьаби гурони.»
Евразиялъул континенталда батIи батIиял пачалихъазда гьоркьосел гIуцIиял рагьи, Доногъол пикруялда, кколеб буго цIияб империя гIуцIиялъе гьарулел хIалбихьиялин. Гьес рехсолеб буго добго Евразиялъул цолъи, Таможенияб цолъи, добго Лъиданиги рачIел пачалихъазул цолъи, ай, СНГ гIуцIиги кколеб буго гьелъие гьабураб галилъун.
Доногъо ХIажимурад: «Совет Союз бихун хадуб нилъ нугIазабилъун рукIана риха-хочун СНГ гIуцIулеб букIараб куцалъул. Бани гьеб? ГьабсагIатги хIалбихьулеб буго гьелда сверун цо-цо галаби гьаризе. Гьеб цолъи бугин абизе дидани кIоларо. Гьеб букIинцин ракIалде щоларо гIемерисезе. Советияб Имерия цIигIуцIизе гьез хIалбихьулеб батани, гьеб хIалбихьиялъ кинабгIаги хIасил кьолеб гьечIин абила дица.
Евразиялъул цолъи, Таможенияб цолъи - гьел гьединалго хIалбихьиязда гъорлъ рехсезе бегьулеб батила. Амма гьезда гъорлъ рукIинаришха экономикиял, политикиял ва цогидал интересал. Гьелде тIадеги жубазе ккеларищха жиб-жиб улкаялъул жидерго интересал гьелда гъорлъ рукIинги. Амма гьединал цолъиязда гIахьаллъулел улкабазда кIочон батила, империялда гъорлъ гьел колонияби рукIунеблъи.
Империяз кидаго гIадамал гьабула жибго чияр территорияби росун жидерго гIорхъаби гIатIилъизарула. Жиндирго асар гьабун жиндирго къагIидаби тIад чIезарула. Гьеб кидаго букIараб жо ккола. Гьеб киналдаго нахъ буго политика, геополитика, экономика, аслиял интересал ва цогидаб.»