Чара гьечIого кьезе кколел цогоял пачалихъалъул экзаменазул сияхIалда гьоркьоса хIисабалъул гIелмуялъул дарс нахъе гьабизе кколилан лъазабуна гьал къоязда Москваялъул, шагьаралъул мажлисалда лъай кьеялъул вакил Кругляков Виктор абурав чияс. Гьесул пикруялда рекъон хIисабалъул гIелмуялъул цебе гIадаб кIвар рагIуларо жакъасел тIадегIанал цIалул идарабазда цIалулел гIолилазе. Амма улкаялъул лъай кьеялъул церехъабаз кIудияб ахIи-хIур бахъинабуна гьелда рази гьечIого. Дагъистаналдаса мугIалимзабазул гьелда тIасан бугеб пикру лъазабуна нижеца.
Лъай кьеялъул вакилзабаз гьелда рази гьечIого хъуй бахъинабуна. Гьел хIинкъун руго къанунияб куцалда щула гьабун гьеб хIукму гIумруялдеги бахъинабизе бегьиялда.
Санкт Петербург шагьаралъул физикаялъулгун математикаялъул лицеялъул нухмалъулев Патрусевич Максимица абулеб буго нахъени кин гурин хIисаб кьеялъул дарс бегьулеб ичIабилеб классалдаса байбихьун кьезе тIамизе кколин лъимал гьелда тIасан цогояб пачалихъалъул экзамен кьезе. Гьебго пикруялда тIад рекъолев вуго гьесулго пишацояв, «Царицыно» абураб лъай кьеялъул централъул нухмалъулев Рачевский Ефимги.
ГIелму лъазабиялъул тарихалде раакани хIисаб кьеялъул гIелмуялъул кьалбал байбихьула нилъер гIасру щвелалде цебе. НекIсияб греказул ва румазул гIалимзабаз бабйихьана тIоцебе хIисаб кьеялхул гIелмуялъул цIи-цIиялрорхалъ
Гьедин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Гумбет мухъалъул ТIадинхоросдал гьоркьохъеб школалъул мугIалим СагидахIмадов ГIабдулатIипица. ХIакъикъаталдаги жакъа киналго тIадегIанал цIалул идарабазде жаниер лъугьунелзул чара гьечIого кьезе кколарин хIисаб гIелмуялъул экзаманилан абуна гьесги, амма цогояб пачалихъалзул экзаменазул кьердаса гьеб нахъе гьабиялъул пикру гьесие кингоги рекIее гIолеб гьечIо:
СайгидахIмадов ГIабдулатIип: «Математикаялъул экзамен кьезе кколарел чанги цIиял ВУЗал раккун руго гьабсагIат. Физикаги математикаги гьел руго цоцае гIагараб гIелму. Амма школалдаги жакъа гьеб кIиябго дарсие риччарал сагIтал дагь гьарун руго. Мисалалъе цебе анкьида жаниб физикаялъе бихьизабун букIана щуго сагIат. Гьанже кIиго гурони гечIо. Гьединго цебе щибаб къоялъ рукIунаан математикаялъул дарсал. Гьанже гьелги дагь гьарун руго. Батила гьезул гьелда жаниб жидерго цо политика.
Жакъа цохIо физикаялъулгун математикаялъул факультетал ругел цIалул идарабазда гурони цогидал бакIазда гьелъул цо кIвар гьечIо. Гьелъ батила математика къваригIараб бакIалда къваригIун, гьечIони, тIубанго хIажат гьечIилан абураб пикру гьез загьир гьабулебги».
Нижеца ГIабдулатIипида гьикъана жакъа мисалалъе лъималазе тIасабищизе рес кьуни цогояб пачалихъалъул экзамен кьезе кинаб нужеца тIасабищилеб абун, гьединазда гьоркьорги кIиго тайпа рукIине бегьулин рикIкIунеб буго мугIалимас.
СайгидахIмадов ГIабдулатIип: «Лъимални жакъа цохIо хIисаб кьеялъул дарс гуреб цогидаб бокьараб дарс нахъе реханиги рохила, гьезие цонигиялъул агъаз гьечIолъи бихьулеб буго.
Жакъа цIалдохъабазул кIиго батIияб тайпа буго. Цоял рукIуна хIисабалъул гIелмуялде рокьи цIикIкIарал, кIиабилезул цIайи гуманитриял гIелмабаздехун букIуна. Жакъа мисалалъе гIурус мацIалъул дарсие ункъил къиматалда цIалулев гIолиласда хIисабалъул гIелму тIокIкIун лъала. Гьелда хурхараб бокьараб масъалаги гьес бигьаго гьабула. ГIурус мацIалъул диктант абуни гьес гъалатIал риччан хъвазе буго, гьединго гIаксалдаги, гIурус мацIалъул дарсие щуйил къиматазда цIалулесе физика математика гIадал дарсал кIудиял рекIее гIоларо».
Амма киналго тIадегIанал цIалул идарабазд хIажалзуларин хIисаб кьеялъул гIелмуялилан абураб пикруялхул рахъкколеб гьечIо Гъуниб мухъалхул Гьонода росулъа хIисабалъул дарсил мугIалим ГIабдулманапов Гъайирбего. Чанго гIасрабаз цереккун хал гьабуни хIисаб кьеялъул гIелму гьеб букIанин киналго гIелмабазул ханлъун. Жакъа жинда лъаларин цониги цIалул идара хIисаб кьеялъул гIелму къваригIунареб, хIатта литературияб институталде, музыкалияб, богогьаби ва кьурдухъаби - бокьараб махщелалъе гIадмал куцалеб цIалул идара босейин гьениб кибехунго кьолаанин хIисабалъул рахъалъ экзамен. Жакъа хIисаб кьеялъул гIелму цогояб пачалихъалъул экзаменазда гьоркьоса нахъе гьабунани школалда гьеб малъиялъул рахъги лъалаго загIиплъизе бугилан рикIкIунеб буго Гъайирегица.
ГIабдулманапов Гъайирбег: «Бербалагьи дагьлъила, рокьи дагьлъила, лъиениги къваригIунареб аб нижееги щайилан абураб пикру букIине буго цIалдохъабазул. Жакъа лъагIан математика киналго гIелмабазул бетIерилан рикIкIунеб дарс букIана, гьанже эб къваригIунарилан абуни лъималазулги хIатта гьелъул дарс кьелел мугIалимзабузулг
Цогояб пачалихъалъулаб экзаменазул сияхIалда гьоркьоса нахъе хIисабалъул дарс нахъе гьабизе гьабураб хIукму гьечIин ва гьединаб хIукму гьабизе жидеда ракIалдаги гьечIилан абулеб буго Россиялъул лъай кьеялъул министр Дмитрий Ливановасги.