Ссылки для упрощенного доступа

Шималияб КореялдагІадин…


Россия - Москва Россиялъул Федерациялъул мажлисалъул данделъи
Россия - Москва Россиялъул Федерациялъул мажлисалъул данделъи

Мекъаб ва жакъасел тIалабазда данде кколареблъун рикIкIунеб буго парламенталъ митингазда низам хвезабиялъухъ лъолеб гІакІадул къадар чанго нухалъ цІиккинабиялда хурхараб къанун къабул гьаби улкаялъул жамгIиял гIуцIабаз, интеллигенциялъ. Митингазул къануналда хиса-баси гьаби жакъасел тIалабазда данде кколарин Россиялъул президентасухъе хитIабал гьаруна гIемерал машгьурал гIадамаз.


Парламенталда цIикIкIунисеб гьаркьазул къадар бугеб нухмалъиялъул «Единая Россиялъ» гІадахъ росичІого тана гІадамазул тІалабал. Федералияб мажлисалъги гьеб къанун нахъ тІамичІого тасдикъ гьабуна. Гьелда рекъон, бокьараб гражданияб хІаракатчилъи загьир гьабулев чи тамихIалде цIазе ихтияр бугин тIадчагIазулин рикIкIунеб оппозициялъулаз.
Россия - Москва Россиялъул Федерациялъул мажлисалъул данделъи
Россия - Москва Россиялъул Федерациялъул мажлисалъул данделъи

Цо-цо политологазул къиматалда, вахІшияб къагІидаялда инсанасул ихтияралги хвезарулеб, нухмалъиялда разигьечІолъиялъе цІакъ гІемер багьанабиги ругеб Дагъистаналда кинаб букІине бегьулеб гьеб къануналъул хиса-басиязул?

Адвокат Къадиев Расул: «Россиялъул пачалихъ жеги къануназул адаб гьабулеб пачалихълъун кколаро. Гьелъие бокьун буго гьединаблъун, къанунал цIунулеб пачалихълъун лъугьине. Гьединлъидал гьеб къанун къабул гьаби-гьабунгутIиялда бараб жо гьечIо. Щивас гьеб хIалтIизабизе буго жидеего санагIатаб къагІидаялда. БатIи-батIияб къагIидаялда хIалтIизабизе буго гьеб щибаб регионалдаги.

ГIакIабазул бицани, гьеб къануналъул проект хIадурулел чагIиги Москваялда тIоритIулел митингазул гIахьалчагIиги гIемерго бечедал ратила МахIачхъалаялда гIумру гьабулел гIадатиял гIадамаздаса. БакI-бакIалъул хаслъиялъул бицунеб бугони, магIарухъа рачIарал, хIалакараб хасияталъул гIолохъаби митингалде рахъани, гьез щибгIаги милат гьабизе гьечIо гьеб къануналъул. ТIадежоялъе хIукуматалъ хIинкъизеги гьарулел ругони, хадусеб нухалда гьез тIаса бищизе буго жидерго мурад загьир гьабизе цогидаб нух. Гьединаб нухин абуни нилъер гьаниб цохIо буго - гьеб ккола экстремизм. Гьединго регионазда гьеб къанун хIалтIизабизе байбихьани, гьелъ экстремизмалде рачинехъин руго, гьеб лъалеб жо буго. Гьединлъидал гьеб буго хвезабичIого жиб борчIулареб закон. Гьединаб къанун къабул гьабиги гIададисеб ишлъун бихьулеб буго. Проект гьабсагIаталда бугеб хIалалда къабул гьабуни, лъицаниги санги гьабичIого гIадамазги полициялъги квер хьвагIун тезе буго гьеб. Щайгурелъул, букIунареб-лъугьунареб жо кколелъул гьеб.»

Медик, жигарай блоггер Анжелика МухIамадова: «ГIадатиял гIадамазул цIакъго дагьал чагIи рихьулел руго дида нилъер гьанир митингалде рахъунел. Гьединлъидал гьезие кинабгІаги ургъелго батиларо гIакIаби къотIи-къотIунгутIиялъул. Щалха нилъер гьанир аслияб куцалда митингазде рахъунел? Журналисталги, тIагIарал, чIварал гIолохъабазул гIагарлъиги. Дунго, узухъда, гьеб къануналда данде йиго, щайгурелъул гьелъул хIасилалда киналго махIрум гьаризехъин ругелъул рагьун кIалъазе кьураб ресалдаса. ГIадамаз хIисаб гьабизе буго митингалде рахъани, жидедаса цIакъго кIудияб гIакIа бахъизе бугилан. Нилъер гьаниб гIадамазе щолеб харж цIакъго мукъсанаб букIиналъ, дида ккола гьел гьеб гIакIа кьеялъул бакIалда эркенлъиялдаса махIрум гьаризего разилъилилан, гьезие гьеб бигьаябги букIина. Гьеб мехалда гьаниб лъугьине буго Шималияб Кореялда гIадинаб диктатура.

Дица гьединго рикIкIуна гьаниб гьеб закон хIалтIизабизе лъугьани, республикаялда гражданияб рагъ байбихьилилан. Щайгурелъул гъурщилги къимат холеб буго къойидаса къойиде, гIадамазе щолеб харжги цIикIкIине гьабулеб гьечIо, гьединлъидал дида ккола гьаб жо халатккун хIехьезе гьечIин халкъалъилан. Египеталда Сириялда ва цогидал улкабазда гIадаб хIасил ккезе буго гьелъ. Гьелъул гIаксалда, гIадамазе ихтияр кьезе ккола лъугьун бугеб ахIвал-хIал хисизабизе, жидерго мурад загьир гьабизе, митингал тIоритIизе. Гурони, гьездехун бугеб бербалагьи гьадин кьваризабиялъ халкъ гьусулеб буго ярагъ хIалтIизабиялдеги цогидал дандечIеяздеги. Гьеб законалъул проекталъулъ хиса-басиял гьари регионазда, хасго Дагъистаналда бараб жо гьечIо. Доба Россиялда щибдай кколеб бугебан балагьун чIун букIуна Дагъистан.»
XS
SM
MD
LG