МиллатчагІазул пикру бикьулел информациялъул алатазул жигарлъиялдалъун лезгинкацин буссун бугин абизе бегьула "экстремистияб" кьурдоде. Амма гьеб кинабго цадахъ босун ккола улка СССРгІадин биххиялде бачунеб нухин абулеб буго нижер программаялъе интервью кьурав "Настоящее время» газетаялъул бетІерияв редактор Милрад Фатулаевас.
Лъие пайда щолеб кавказофобиялдасан? Щай гьеб цебе гьадин баянго загирлъулеб букІинчІеб, щай гьанже кисса-кибего дагъистаниял, чананал ва кавказалъул цогидал халкъал рехсолел ругел квешал мисалал рачунаго? «Настоящее время» абураб газетаялъул бетІерияв редактор Фатулаев Милрадица рикІкІунеб буго, гьеб кинабго кколин Шималияб Кавказ Россиялдаса батІа гьабизе бокьараз бахъулеб хІаракаталъул хІассилалин. Аммаян абулеб буго гьес гьединал пикраби загьир гьарулел чагІи хІакъикъаталдаги кколин Россия СССРгІадин биххизабизе бокьараб къуваталъул вакизабиян. Жидерго рахъалда гІадамал руссинариялъул мурадазда гьединал къокъабаз чІечІого такрар гьабулеб буго Шималияб Кавказа улкаялдаса батІа гьабуни, Россия буссине бугин гьайбатаб, цебетІураб улкаялдеян абураб пикру.
МискІинлъиялда, язихълъиялда гІумру гьабун ругел россиялъулазда гьез бичІчІинабулеб букІуна, гьезул захІматаб гІумруялъул аслияб багьана кавказалде кІуди-кІудиял дотацияби ритІулел рукІиналда хурхараб бугин абун. КІудияб миллиардазул коррупциялъул бицунеб мехалдаги, гьез гьеб аслияб къагІидаялда хурхинабулин кавказалъул республикабаздайин, жубалеб буго Фатулаевас. Гьединаб позициялъе квербакъи гьабулел журналистазул къадарги улкаялда гьитІинаб гьечІин ва гьеб гьезул бизнесалде буссун бугин рикІунеб буго нижер программаялъул гІахьалчияс.
Милрад Фатулаев: «Россиялъул информалатаз Кавказ рокьукълъиялъул бербалагьи бижинабулеб къагІидаялда бихьизабизе байбихьараб мехалда, тІоцере гІадамал тамашулел рукІанаан. Гьезда берцинго бичІчІунеб букІинчІо, сунда гьеб хурхараб бугебали. Щай нухмалъиялъул, тІоцебего Кремлалъул ва хІукуматалъул букІинчІеб гьелда бан кинабгІаги реакция. Амма гьеб бичІчІана хадуб, жибго федералияб нухмалъиялъ националистазул хьвада-чІвадиялъе квербакъи гьабулеб букІин бихьараб мехалда. Гьелъие руго мухІканал мисалал. Гьелегури дагъистаниязулгун ккараб гъалмагъиралъул хІассилалда хварав миллатчи, "Спартак" командаялъул фанат Егор Свиридовасул хобалде щвана Путин.
Дагьалъ цебе загьирлъараб мисал. МахІачхъалаялде визитгун щварав Дмитрий Медведевас лъазабуна дагъистаниязул бертиналда МоскваялдагІадаб кьвагьдеялъул инцидент ккун букІарабани, Нью-Йоркалда полиция гьединал гІадамазде гьеб бакІалдаго кьвагьдезе рукІанин.
Гьедин нью-йоркалъул полициялъ гьабизе букІиналда кІудияб щаклъи буго дир. Амма гьединал лъазабиял ккола цо-цоязе миллатчилъиялъул актазе изну кьолаго квер хьвагІарабгІадаб жо. Цингиги цебечІезабизе бегьула, кинаб букІине бегьулебали жакъасел шартІазда дагъистаниязул "бертадул иш" бачунел цІех-рехчагІазул ва полициязул хьвада-чІвади.»
Информациялъул алатазда жахІдаялъулгун тушманлъиялъул мацΙ хІалтІизаби, лъугьа-бахъиназул хІакъикъат мекъи бихьизаби, гьереси ккола, Фатулаевасул пикруялда, жалго хІужабаздаса, лъугьа-бахъиназдаса цІикІкІун миллатазда гьоркьоб рокьукълъи бижинабулеб ва гъварилъизабулеб къагІида.
Милрад Фатулаев: «Россиялъул информациялъул алатаз цорахъалъулаб къагІидаялда кавказалъул тематика борхизабулеб букІин, гІаммаб къагІидаялда данде кколеб буго, баччун бажарулареб бакІлъи реххулеб гІадин, Кавказ Россиялдаса батІа гьабиялъул пикруялде россиялъул жамгІият бигьагьабун ругьун гьабиялъул ахирисел соназда жигарго билъанхъизабулеб политикаялде. "ГІела Кавказ хьихьараб!" абураб ахІиялъул цо-цо тІадтаразги рахъ кколеб буго. Амма ахІиялъул пикру данде кколеб гьечІо хІакъикъаталде.
Цо-цо цІехх-рехазул хІассилаз бихьизабулеб буго, гІагсалда, чачаназул ва гъалгъазул республиказда, мисалалъе, магъалабазул ва цогидаб гражданазухъа, фирмабазухъа бакІарулеб гІарцил гІаммаб къадар гьезул республикабазе риччалел дотацияздасан цІикІкІун букІин. Лъаларо, гьединаб информация загьир гьабичІого толеб бугин ккола дида. Гьабулеб батаниги, балъгогІадин, цІакъ энтузиазм гьечІого.
Кавказ батІа гьабизе кколеб букІиналъул пикруялде жамгІият ругьун гьабиялъул ишалда баянго бихьулеб буго Дагъистан аслияб бакІалда букІин.Гьедин гурищ Дагъистаналдеги, дагъистанияздеги гьединаб кІудияб кІвар кьолеб бугеб миллатчагІазул рахъ кколел информалатаз. Гьединаб политика хІакъикъаталдаги централъ билъанхъизабулеб буго. Гьелъие руго гІемер мисалал. Нилъеда лъала щай гьеб гьабулеб бугебали. Нилъеда лъала Шималияб Кавказалда холел "силовиказул", ФСБ-ялъул, полициялъул хІалтІухъабазул, рагъулазул къадар Цолъарал штатазул ГІиракъалдаги Афгъанистаналдаги холезул цадахъ босараб къадаралдасанги цІикІкІараб букІин.
Шималияб Кавказалда бан гуребги, тІолабго улкаялдаги гІумруялде бахъинабун гьечІо гьанже вугев президентасги, цевесесги лъазарун рукІарал реформабазул цогІаги. РукІине те гьел магъалабазул реформа, диваналъул реформа, сахлъи цІуниялъул букІа, армиялъул букІа, цогидал рукІа. Гьединаб хІалалда гІадамазул кІвар цогидаб рахъалде буссинабичІони, гьезул раккизе бегьула суалал, щай гьедин гьеб бугеб ва лъида гьелъул гІайиб бугеб абурал.»
Кавказалда хурхараб информалатазул истериялъул гьединго, журналистасул пикруялда, буго цогидаб масъалаги.
Милрад Фатулаев: «Гьелъ кІвар цогидаб рахъалде буссинабизе бегьула рагІалде рахъинаричІел реформабаздасагуребги, гІадамал мискІинлъиялда хутІун рукІиналдасан, улкаялъул нартилгун газил бюджет букІине кколеб къагІидаялда хвезабулеб гьечІолъиялдасаги.
Нилъеда гьединго лъала, Россиялдаса къватІибе баччулеб капиталалъул катастрофалъулабгІадаб хасият букІин. Гьеб капиталалъул къадар дандбазе бегьула россиялъул тІолабаго бюджеталда. Дихъе щун букІараб статистикаялъ бихьизабулеб букІана, цебесеб соналъул І сентябралдани, гьелъул къадар россиялъул бюджеталдасан цІиккунцин букІана. Информациялъул алатазда лъикІ лъала жидецаго хІалтІизабулеб антикавказияб тІуриречІиялъул хІассил кинаб букІунебали.»
Жакъа цІияб къуваталда загьирлъулеб буго антикавказияб риторика. Гьаб нухалда гьелъие багьаналъун бахъана Москваялда гьал къоязда букІараб дагъистаниязул бертин. Бертиналъул гьобол кьвагьдеялъе гІоло тахшагьаралъул полициялъ чІезабун буго кортеж. Кьвагьдарасе диваналъ бихьизабун буго І5 сордо-къоялъул арест. Амма информациялъул алатазда бахъараб ахІи-хІур жакъаги халат бахъунеб буго.
Милрад Фатулаев: «Узухъда, буго гьениб жалго кавказалъулазул сурукъаб хьвада-чІвадиялъул гІайибги. Амма, гьел киналго хІужаби руго рукІа-рахъиналъул даражаялъул. Гьезул политикаялде кинабгІаги хурхен гьечІо. Гьез кьучІое босуларо, мисалалъе, кавказалъулазул Россиялде бугеб бербалагьи, сепаратизм яги цоги жо. Гьединаб бербалагьиги, нилъеда лъикІ лъала, Кавказалда гьечІо. Кавказалъулазде рокьукълъи бижинабулел материалазул кьучІое гьез росулел руго гІицІго рукІа-рахъиналъул даражаялъул лъугьа-бахъинал. Метроялда ккараб кІаба-кІати букІа, ригьарал ругилан риккине захІматго бегьулел футболалъул фанаталгун данде ин букІа, Манежалда яги цогидал бакІазда кьурди букІа ва цогидаб.
Дагьалъ цебе интеренталда бахъана дагъистаниясул ва гъабардиязул блоггеразул жидерго ракьцоязде хитІабал. Гьез гьел ахІулел руго Москваялда берцинаб хьвада-чІвадиялде. КІвар буссинабулеб буго, жидерго сурукъаб хьвада-чІвадиялъе гІоло цо-цо гІолилаз Дагъистан ва Шималияб Кавказ суризабулеб букІиналде.
Москваялда гьединаб хьвада-чІвади буго. Гьеб хІакъаб жо ккола. Амма дун гьелде кІвар буссинабун чІеларо. Гьединал гІадамазул хьвада-чІваядиялде бан суалал кьезе ккола низам цІунулел идарабазе. Гьединал гІадамал цІазе ккола жавабчилъиялде.
Кавказалъулаз музыкаялъул гьаракь борхизабун бугони, данде кколареб бакІалда кьурдулел ругони, яги ясазда хурхун токІаб хьвада-чІвади загьирлъулеб бугони, гьеб ккола жамгІияб бакІалда алкоголь гьекъейгогІадаб, мехтун ракьда вегун вукІингогІадаб, яги матчалда хадуб фанатал унеб мехалда гьез гьабулебгогІадаб жо. Гьел рихьаралго мокваялъулал рахчула жакъа, хасго фанатазул команда къун бугони. Гьединабго жо ккола гьебги.
Гьеб кинабго ккола полициялъул, низам цІунулел идарабазул суал. Гьезул букІине ккола гьелде жидерго къанунияб реакция.
Кавказалъул хулиганаз, узухъда суризарулел руго жидерго республикаби. РукІа-рахъиналъулин абулел инцидентазги кІудияб зарал ккезабулеб буго дагъистаналъул имиджалъе, хасго гьел гІемерлъун рукІиналда банин абулеб буго Милрадица. Гьесул пикруялда, республика тун къватІир суркъаб хьвада-чІвади бихьизабулел гІадамаз кІудияб кумек гьабулеб буго миллатчагІазе ахІи-хІур багъариялъе багьанаби кодоре кьун. Кинабха бугеб багьана гьединаб хьвада-чІвадиялъул?
Милрад Фатулаев: «Гьел ккола аслияб къагІидаялда 80-абилел соназда гьарурал лъимал. Гьел руго жидер лъимерлъи низам гьечІел 90 соназде ккарал, аза-зар чиясул гІумру бахъараб кІигогІанги рагъалъул заманалда рижарал чагІи.
Санайилго Шималияб Кавказалда холев вуго І500-ялде щун чи. Дица абулеб буго кІиябго рахъалъан, ай, рохьилалин абулезул цо рахъалъан ва полициялъул, федералияб хасаб хъулухъалъул, рагъулазул, гьездаго гъорлъ гІадатиял гІадамазул цогидаб рахъалъан. Узухъда, гьеб кинабго гІадамазда бихьулеб буго. Гьезда бихьулеб буго гьениб къанун хІалтІулеб гьечІолъи. Лъицаниги гьеб цІунун гьечІеблъи.
ГІадамазда бихьулеб буго гьединго Россиялъул информалатазда хурхун бугеб ахІвал-хІалги. Гьезда цингиги бихьулеб буго щибаб къойил жидерго хІалтІудеги нахъеги хьвадулел, къанунал тІуразарулел, берцинаб, дандекколеб хьвада-чІвадиялъул гІадмазде бугеб тІаса ккараб, чІухІараб бербалагьиги. Дица бицунеб буго гІалимчагІазул, спортсменазул, завод-фабриказул хІалтІухъабазул. Гьездецин буго Россиялъул регионазда беццизе бегьулареб бербалагьи. Гьеб бербалагьи ккола информалатазул хІалтІул хІассил. Гьелъие квербакъи гьабулеб буго гьединго нилъер нухмалъиялъ, федералияб централъ.
Гьеб киналъго щулалъизабулеб буго миллатчилъиялъул пикру, хасго кавказалъулазда бан. Гьединаб хІакъикъаталъул буго мухІканаб хІассил. Левада-централъул хІисабалда рекъон, москваялъулазул 63-гІанаб проценталъ абулеб буго, жидее кавказалъулал Москваялда рихьизе бокьуларин.»
Фатулаевас абулеб буго СССР биххаралдасан улкаялда щулалъун бугин пикру Россия гІицІго гІурусазул пачалихъ бугин абураб. Аммаян, жубалеб буго гьес, жибго Москвацин кколарин гІицІго гІурусазул шагьарин, цере гьелъул территориязда татаразулгун башкиразул цо-цо росаби рукІанин. Гьеб гьечІониги, Москва пачалихъалъул тахшагьар кколин, гьеб цоязе жиндирго, цогидазе чияр шагьар букІине кколарин.
Милрад Фатулаев: «Москваялъулазда, росиялъулазда кІочонеб буго Москваялда гІумру гьабизе цогидал миллатазул, цогидал диназул, пуланал къокъабазул гІадамазулги гІумру гьабизе ихтияр букІин.
Гьезул буго ихтияр жура-гъуразе, яги ратІа чІун рукІине. Москваялда гьечІо этниткиял анклавал, амма гьезул жидерго культурияб гІумру букІине бегьула, гьел рукІине бегьула жидерго къагІидаялда ретІа-къан, цояз хІижаб ретІизе бегьула, цо-цояз такъия лъун букІине бегьула, цогидаз ретІизе бегьула буддистазул ретІел. Гьезул гьелъие буго ихтияр.
Москваялъулаз риккунеб буго Совет Союз биххун, І5 республика батІалъун хадуб, гьездаго цадахъ татарал ва башкирал хутІизегІан, киналго миллаталги тІагІине кколел рукІанин.
ХІакъикъаталдаги Россия федерацияцин кколаро. Гьеб унитарияб пачалихъ ккола. Гьез риккунеб буго гьеб гІицІго гІурусазул пачалихълъун, россиялъулазулгуреб, гІурусазул низам гьениб букІине кколин. Кьурдиялъул къагІидаялда, бертал кортеж унеб мехалда дагъистаналъул байрахъ пархизабиялъул яги кинаб букІаниги цогидаб къагІидаялда миллияб хаслъи загьир гьабулеб бугони, гьеб кинабго къабул гьабулеб буго кІудиб такъсиргІадаб къагІидаялда.
Кколел руго полициялъ, хъвалел руго протоколал. Хадуб полициялде данде чІолел рукІанинги абун, І5 сордо-къоялъ реххулел руго туснахъазде. Гьединаб бербалагьи, гьединаб хьвада-чІвади буго гьаниб рукІа-рахъиналъул даражаялъул хІакъикъаталда. Дир пикруялда, гьединал хІужжаби рукІине кколаро политикиял хІукмаби яги лъазабиял гьариялъе гІиллалъун.»
Фатулаевас абулеб буго информалатаз жидерго мурадазде щвеялъе провокациябицин гьарулел ругин. Мисал хІисаблда гьес рехсана «Комсомолькая правда» газеталъул афераялъул хІакъалъулъ.
Милрад Фатулаев: «Дагьалъ цебе нижеца баянлъизабуна «Комсомольская правда» газетаялъул порталалда лъун букІараб видеоялъул гьересияб хасият ва хІакъикъат. Гьелда абулеб букІана, лъабго яги ункъго кавказалъулас хІакъир гьаюлей гІурусазул ясалъул рахъ ккун гьей цІунизе лъугьарав пуланав студентасде тІаде кІанцІанин, гьесде перцовка речІизабунин, вуханин абун. Бихьизабулеб букІана бинталъ бухьараб гипс лъураб гьесул квер. ХІакъикъаталдаги гьеб батана гьереси, гІагсалда, гьев гІолохъанчияс провокация гьабун, жаваб кьеялде ккезарулел рукІун руго живгун цадахъ цІалул гьел гІолохъаби. Гьениб гьабин абизе къаби-къатІицин букІинчІо. Гьанже гьев журналистаздасанги вахчун вуго. Лъиениги комментариялги гьарулел гьечІо. «Комсомольская правдаялъ» гьеб гьереси тІатинабураб мехалъги, кинабгІаги реакцияцин загьир гьабичІо.»
Кинал рукІине кколел галаби улкаялда миллатазда гьоркьосел гьоркьорлъаби рукІалиде рачине ккани, кавказофобиялъул, ксенофобиялъул даражаби гІодоре ккезабизе ккани? Кинаб букІине кколеб жамгІият, кинал рукІине кколел гражданал, кинаб букІине кколеб хІукумат? Дур рецептал, Милрад!
Милрад Фатулаев: «Миллатазда гьоркьосеб гьоркьорлъаби рукІалиде рачине ккани, дир пикруялда хасал рецепталцин къваригІунаро. Бищунго бигьаяб къагІида ккола, къанунал тІуразари. Жакъа ругел къанунал гІуралъ либералиял руго. ГІуралъ демократиял руго. Гьеб цо рахъ.
КІиабилеб, гІуцІизе ккола лъиданиги бачІеб диваналъул система. Лъиданиги бачІеб диваналъул система букІарабани, гьединал ситуайциязда, гьединаб истерия миллатчилъиялъул букІа, динияб рокьукълъиялъул букІа, загьирлъулеб мехалда гІадамазул рес букІинаан, диваналде хитІаб гьабун ритІухъаб хІукму щвезе. ГьечІо гьеб. Гьелъ рес кьезе букІана жидерго бакІазда чІезабизе федралияб нухмалъиги, бакІалъулаб нухмалъиги, миллатчагІазул къокъабиги, гьелго лъазабиял гьарурав губернатор Ткавчевги, газетабиги, гьезул журналисталгун цадахъ. Гьеб кинабго жо гьабизе бегьула лъиданиги бачІеб диван букІарабани.
Лъабабилеб. Гражданияб контролалде гъоркье бачине ккола нилъер полицияги, цогидал низам цІунулел идарабиги. Щиб гьез гьабулеб бугебали, нилъеда лъазецин лъаларо. Хасго Шималияб Кавказалда. Нилъеда лъаларо, щай хасаб операция гьабулеб бугебали, кинал хІассилал ругелали? БукІарабищ яги букІинчІебищ къуват хІалтІизабичІого рорчІиялъул ресал? Кире тІагІунел гьез ккурал гІадамал? Щай гьезул хІакъалъулъ информация щвезабулеб гьечІеб гІагаразухъе? Щай гьединаб информация гьечІеб пресс-хъулухъазухъ яги гьел идарабазул сайтазда?
Буго цогидаб проблемаги. Россиялда руго цІакъ гІемер милтал. Дида лахъе І30 гІанаб. Гьедин букІаниги нилъер улкаялда гьечІо гьеб миллатазул гьоркьорлъаби рукІалиде рачиналъе хІалтІи гьабулеб профилалъул министерлъи. Амма гьечІо федералияб министерлъи.»