Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца Россия ахIана Сириялда тIоритIулел жиндирго тадбираздаса инкар гьабиялде. Гьелдаго цадахъ гьес абуна Владимир Путин ахIвал-хIал рукIалиде бачиналъул процессалда кколин конструктивияв партнерин.
Политологазул пикруялда, «конструктивиял партнеразда» бажаризе ккола гIаммаб мацI батизе, гIаммаб проблема баккараб мехалда. Гьединаб проблемалъун, ай, тушманлъун кIиябго рахъалда «Исламияб пачалихъ» абураб экстремистияб гIуцIи бухьулеб буго. Щай цинги рахъал цолъуларел, гьелде данде къеркьеялъул мурадалда?
Гьеб суалалъе жавабал кьолел экспертаз абулеб буго, гьелъие аслияб квал-кваллъун кколин Сириялъул президент Башар Асадиде рахъазул бугеб бербалагьийин.
Цолъарал Штатаздаги Европаялъул улкабаздаги гьев вихьулев гьечIо Сириялъул нухмалъи гьабизе ихтияр бугеб фигура хIисабалда, гьес улкаялда авторитарияб режим гIуцIун букIиналда бан. Магърибалда Башар Асад вихьулев вуго Саддам, ХIусен, Муаммар Каддафи, Ким Чэн Ын ва гьездаго релъарал чIагоялги хваралги лидеразул сияхIалда гъорлъ ва рикIкIунеб буго гьес президентасул хъулухъ тезе кколин.
Москваялъ, гIагсалда гьесул рахъ кколеб буго ва рикIкIунеб буго, Башар Асадил къисматалда хурхараб хIукму гIицIго Сириялъул халкъалъ гьабизе кколин.
I4 ноябралда Венаялда Сириялъул суалалда сверун рукIарал кIалъаязда гьоркьоб лъолеб букIана гьесда хурхараб суалги.
Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровасул лъазабиялда рекъон, Россиялъул, Цолъарал Штатазул, Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул, Франциялъул, Британиялъул, Германиялъул, СагIудиязул ГIарабиялъул, Туркиялъул, Ираналъул ва халкъаздагьоркьосел цо-цо гIуцIиязул вакильзаби гIахьаллъарал кIалъа-басаязда, бажарун гьечIо Башар Асадида хурхун цо пикруялде рачIине.
Амма гьеб данделъиялъул гIахьалчагIаз мухIканлъизабун буго бащдаб соналда жаниб Сириялъул заманалъулаб хIукумат гIуцIиялъул график.
«Исламияб пачалихъ» гIуцIиялде данде къеркьеялъул халкъаздагьоркьосеб коалиция гIуцIиялъул суал борхизабулеб мехалда, Россиялъ Магърибалдаса тIалаб гьабулеб буго Башар Асад хъулухъалдаса нахъе иналъул суал борхизабичIого тей.
Сергей Лавров: «Дир пикруялда, гьанже кинабгIаги щаклъи гьечIо, террористазде данде къеркьеялъе цолъиялъул суалда цереккунисел шартIал лъей данде кколеб жо гьечIеблъиялда бан. Терористал ккола «Исламияб пачалихъ». Исламиябги гьеб кинниги гьечIо. Гьеб гIуцIи пачалихъалде буссине биччангутIи ккола нилъер гIаммаб масъалаги».
Гьединаб лъазаби Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас гьабуна I8 ноябралда. Гьесулго рагIабазда, Парижалда гьарурал терактазда ва Россиялъул аэропланалъул катастрофаялда хадуб, Магърибалъул позициялда ккана хиса-басиял. Гьес жубана, жиндир хьул бугин Сириялда хурхараб проблема гьоркьоб лъолеб мехалда Башар Асадил суал хьибилалда тезе букIиналъулин.
АрбагI къоялда Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца лъазабуна, жиндие бокьизе букIанин, Россиялъ жиндирго кIвар Сириялъул талъиялъул рахъ кквеялдаса террористияб «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялде данде къеркьеялде буссинабунийин. Гьесулго рагIабазда, гьес гьеб суал гьоркьоб лъезе буго Россиялъул президент Владимир Путинильгун.