«Рошен» корпорациялде гьоркьобе уна Украиналда бугеб щуго ва Литвагун Россиялда бугеб цо-цо кондитеразул фабрика.
«Рошеналъ» жиндирго къайиялъе экспорт гьабула Совет Союзалде гъорлъе унеб букIараб ичIго улкаялдеги, Америкаялдеги, Канадаялдеги, Израилалдеги. Россиялдаги гьелъул къайи лъалхъинчIого босулеб букIана. 2012 соналда корпорациялъул хайир бахун буго 175 проценталде ай цо млрд. 300 миллион гъурщиде. ($ 40 млн.).
«Рошеналъул» хважаин ккола политик ва олигарх Петр Порошенко. Гьев вуго Украиналда бищунго бечедав 20 чиясул сияхIалда. «КурактIогьилаб» нухмалъи бугеб мехалдаги гьанжеги Порошенко вукIана ва вуго Украинаялъул хIукуматалда батIи-батIиял идарабазул министрлъун ва гьес рахъ кколеб буго улка Европаялъул Цолъигун гIагарлъиялъул. Гьеб бугин Россиялъ жидее лъазабураб «карамелалгун-шоколадалъулаб» рагъуе гIиллайин рикIкIунеб буго Киевалда.
Роспотребнадзоралъул бетIер Геннадий Онищенкоца «Рошен» Россиялда гьукъана Россиялъул президент Владимир Путин Украиналдаса тIад вуссун кIиго къо иналде. Гьединлъидал политолог Вадим Карасевас рикIкIунеб буго Путинида бажарун батизе гьечIин Украина Таможенный Союз абулеб цолъиялде лъугьинабизе президент Виктор Янукович мукIур гьавизейин.
«Ноябралда Вильнюсалда букIине бугеб «Машрикъалъул партнерал» саммиталда Украиналъ ассоциациялъулаб къотIи-къай ЕвроЦолъигун гьабизе букIин бичIчIунеб буго Россиялда. Гьанже Украиналъ Европагун дармил интеграция тIаса бищулеб букIин бихьараб мехалда Россиялъ хIукму гьабулеб буго гьелъие дармилгун-экономикияб тIадецуй гьабизе»,-гьедин рикIкIунеб буго Карасевас.
Петр Порошенкол корпорация Россиялъулгун Украиналъул гьоркьорлъабазул къурбанлъун кканин абулеб буго евроинтеграциялъул суалазда сверун Украиналъул вукIарав вице-премьер Олег Рыбачукица.
«Украиналъ стратегияб тIасабищи гьабун буго ва Европаялдехун гьетIараб нижер векторалъе квал-квал кколеб батичIони, Россиягун рекъонхIалтIизе хIадураб буго Украинаян абун букIана Януковичас. Гьеб идеялъул рахъ ккурал каламал рукIана Порошенколги. Украина гьанжеялде ругьунлъун буго Москваялъул хIаязда. Кинаб букIаниги хIукму нижеца гьабулаго Кремлалдасан рагIула Украиналъул халкъалъул ва хIукуматалъул бокьараб тIасабищиялъул адаб гьабизе бугин жидецайин абулеб. Амма хIакъикъаталдайин абуни гьеб «адабалда» цадахълъеллъун рукIуна кинал рукIаниги санкциял. Гьедин букIана 2008 соналда НАТОялде лъугьиналъул хабар баккараб мехалдаги. Гьанжеги ракIалде кколеб буго нижер рахьгун-хIаназулъги гIунгутIаби ратизе рес бугин. Жого гьечIого гурелъул кIирахъалъулал гьоркьорлъабазде гьогьен рещтIараб мехалда Онищенго цеве вахъунев»,-гьедин абуна Рыбачукица Эркенлъи Радиоялъул гIурус хъулухъалъе.
Араб моцIалъул ахиралда Россиялъ инкар гьабун букIана кумурук кьечIого Украиналдаса рогIрал росизе квота кьезе. Гьеб хIукмуялъ лъикIаб кьаби щвезабун букIана Украиналдаса олигарх Виктор Пинчукил «Интерпайп» компаниялда.
Украиналъул оппозициялъул пикруялда Украиналъ ассоциациялъул хIакъалъулъ къотIи-къай ЕвроЦолъигун хъвазесеб къо гIагарлъанагIан цIикIкIине буго Россиялъул Украиналъул батIи-батIияб къайи-цIаялда базе бугеб дагIба.