Ссылки для упрощенного доступа

«Жаназабазул» къанун хисизабулеб гьечIо


ГIагарлъиялъухъе рукъизе жаназаби кьунгутIи я Шималияб Кавказалъул халкъазул, ялъуни гIурус культураялда данде кколеб жо гуро. Гьединлъидал хъачагъал хIисабалда рикIкIарал чагIазул жаназаби рукъизе кьунгутIиялда хурхун бахъараб къанун хисизабеян гьаризе ккола Россиялъул президент Владимир Путинида.

Гьедин хIукму гьабун букIана гьал къоязда Сергей Кривенкоца. Гьев ккола гражданазул жамгIият гIуцIиялъулги инсанасул ихтиярал цIуниялъулги рахъалъ Россиялъул президентасда цебе гIуцIараб шураялъул вакил. Амма Кривенкол гьари гIадахъ босизехъин гьечIолъи бичIчIизабуна прессаялдасан 12 июлалда Кремлялъ.

Сергей Кривенкоцаго гIадаб магIнаялъул пикру загьир гьабуна гьал къоязда бицен гьабулеб шураялъул нухмалъулев Михаил Федотовасги. «Террористал тIагIинаризе кколин рикIкIуна нилъеца. Амма такъсирчи ватаниги, вукъизе чиясул жаназа кьунгутIи Россиялъул халкъазул гIадатазда данде кколаро», - ян абун букIана Федотовас.

Гьеб суал баккана чанго къоялъ цебеккун гражданазул жамгIият гIуцIиялъулги инсанасул ихтиярал цIуниялъулги рахъалъ Россиялъул президентасда цебе гIуцIараб шураялъул вакилзаби Чачаналде щведал. Гьединго гьаб моцIил байбихьуда гьеб суал борхана инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ гIуцIараб Европаялъул диваналдаги. 2005 соналда чIварав Аслан Масхадовасулги цогидал рагъухъабазулги жаназаби Россиялъ нахъе кьолел гьечIин хъвараб гIарзабазул халгьабуна гьениб. Жаназаби нахъе кьей-кьунгутIи Россиялъул жиндирго ихтияр бугин, амма гьеб цIакъ нахъегIанаб хIукму бугин рикIкIун букIана Европаялъул диваналъ.

Амма Кремлялдаго гIадин, Пачалихъияб Думаялдаги руго хъачагъазул жаназаби рукъизе нахъе кьезе бегьуларин рикIкIунел гIадамал. Масала, хIинкъи гьечIолъиялъулги ришватчилъиялда данде къеркьеялъулги рахъалъ гIуцIараб Думаялъул комитеталъул нухмалъулев Николай Ковалевас абулеб буго гьедин кьечIого тезе къанун бахъаралдаса нахъе улкаялда парахалъи рещтIанин. Амма Ингушетиялъул нухмалъулев Юнус-Бек Евкуровас дагьалъ батIайисан абулеб буго. Инсанасул ихтиярал цIунулезул рахъ кколаго гьес абулеб буго гьезул республикаялда, масала, террористалин рикIкIаразул хутIизегIан, хъачагъазул жаназаби нахъе кьолилан.

Кремлялъ гьеб суалалъулъ хиса-басиял гьариялде жиндир хьулго гьечIин абуна ЭР-лъе МахIачхъалаялдаса инсанасул ихтиярал цIунулей Фатима Тарасовалъ.

Фатима Тарасова: «Рахъулел киналго къанунал руго Кремлялъе квъаригIараб къагIидаялда хъварал. Бокьараб къанун гьел тIадчагIаз бегуниса бахъунги, жидеего данде кколеб куцалда рекъезабула. Босе бокьараб къанун. Гьезул цонигиялъ гIадатал гIадамазул гIумру хисизабилин абураб хьулго гьечIо дир. Гьез кинабго рагъуде бачунеб буго. ЛъугIана иш».

Тарасовалъ хадубго тIадежубана гьедин жаназабазда ццим бецIизе лъугьиналъ такъсирчилъи лъугIуларила, гьезул гIагарлъи дандечIезабун гурони.
Дагъистаналда гIемер хабар ккола гьеб суалалда тIасан. Щайгурелъул гIемер тIоритIула хасал операциял. Гьенир гIумруялдаса ратIалъарал жаназаби балъго ричун росизе рес бугин абурал харбалги рукIуна.

Исана хасало МахIачхъалаялда Казбековасул къотIноб хасаб операция гьабун хадур чIван рукIана Шамил мухъалдаса васал. Байбихьуда гьезухъги гIарац гьарулеб букIанин, амма хадур кьунин бицунеб буго ЭР-ялъе гьезул гIагарай гIадан Паризат АхIмадовалъ.

Паризат АхIмадова: «Цин гIарцул абулеб букIанаха гъозда. Амма бакъанидехун нахъе кьунаха гьел».

Жинда къануназул иш лъаларин, амма шаргIалда рекъон, жаназа ракьулъе ккезабизе кколин бицана ЭР-лъе Буйнакскиялъул мажгиталъул дибир ГIабдукаримица.

ГIабдукарим, мажгиталъул дибир: «Гьанже кин вукъилев - чурунищ вукъилев, какищ балеб – гьеб хIукму батIияб гьечIищха? Бокьарав чи ракьудасан вижун вуго Аллагьас, гьединлъидал ракьулъеги ккезавизе ккола. Гьеб буго шаргIалъул хIукму. Къануналин абулел жал батIи-батIиял руго, шаргIалда данде кколищ, кколарищали – гьеб суал батIияб бугоха».

МахIачхъалаялъул рагIалда буго террористал хIисабалда гIадамал рукъулеб хасаб хабзалги. Заназул бакIалда хобазда тIад чIван руго тарихалги хъварал маххул хъарщал.
XS
SM
MD
LG