Гьелда тIасан гIемер ахIи-хIурги разилъи гьечIолъиги буго жалго депутатазулги жамгIиял хIаракатчагIазулги. Щайгурелъул къватIипачалихъалъул жасусалилан цIар лъурал коммерциялъул гурел жамгIиял гIуцIабазул хасаб сияхIги гьабун, хIукуматалъ зама-заманалдасан гьезул гIарцуда хадуб халкквеялда, цинги бокьараб бугьтан тIад лъеялда хIинкъи буго хасго жамгIиял хIаракатчагIазул.
Коммерциялъул гурел гIуцIабазе лъикIаб хIасил кьоларин гьеб къануналъин рикIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчи ГIазизханов Алюсетил. Дагъистаналъул ЖамгIияб палатаялъул нухмалъулев хисулев ккола гьев. Алюсетил пикруялда рекъон, гьеб суалалъулъ политика киб байбихьулеб ва киб гьеб лъугIулебали чIезабизе захIмалъизе буго. Масала, социалияб рахъалъ кумек гьабиги политикалъун рикIкIине рес бугелъул. Руго гьединго рахIму-цIобалъул ишал гьариялъе гIарац бачIунел гIуцIиялги. Гьеб мехалда гьез щибин гьабилебин гьикъулеб буго ГIазизханов Алюсетица.
Гьединлъидал гьеб къануналъ гIемер квалквал гьабизе бугин гражданияб жамгIият гIуцIиялъейин кколеб буго гьесда.
ГIазизханов Алюсет: «ТIалъиялъул рахIатхвейги бичIчIула дида. Кьера-кьералин цIар лъурал революциял ккеялда бугеб хIинкъиги букIина гьеб. Гьезда кколеб батила коммерциялъул гурел гIуцIабазе щолеб гIарац батIиял мурадазе хIалтIизабилин. Гьебги букIине рес буго. Амма дида ракIчIун лъала гIемерисел гIуцIабаз улкаялъе зарал бугел политикиял ишал гьарулареблъи».
Алюсетица бицана коммерциялъул гурел жамгIиял гIуцIабаз лъагIалил ахиралда гьадинги хIисаб кьолин киса щиб жидее щварабали. Гьединлъидал лъилали жасусалин гьезда цIар лъей мекъаб бугила.
ГIазизханов Алюсет: «Гьелъ гьезул къимат гIодобегIанлъизабула, гьелъ гьел хIакъир гьарула. ЖамгIиял гIуцIабазда гьединал бугьтанал лъей данде кколеб жо гуро».
Коммерциялъул гурел гIуцIабазул къануналъулъ хиса-басиял гьаруни, Дагъистаналда жамгIиял гIуцIаби къаялда хIинкъи буго Алюсетил. Гьадингоги дагь ругила гьел республикаялда.
ГьанжелъагIан жамгIиял гIуцIабазе кумекалъе гьабулеб букIараб политикаялда данде чIезе бугин гьеб къанунин рикIкIунеб буго Лачинов Лачиница. «Алазан» абун ЦIоралъул магIарулазул гIуцIиялъул цевехъан ккола гьев. Гьес «Эркенлъи» радиоялъе бицана Россиялда гIезегIан ругин пачалихъалъул кумек щолел жамгIиял гIуцIаби, амма киназего гурин гьеб щолеб. Гьединлъидал гIадамазе кумек гьабизеги къваригIун, гIарацги гьечIого ругел гIуцIабазул рес букIунарила къватIиб улкаялдаса гIарац къабул гьабичIого. Амма гьеб гIарац гьез Россиялда данде хIалтIизабулин абун бичIчIизе кколарила.
КъватIиса бачIунеб гIарцудаса инкарги гьабун, масала, Россиялъул жамгIияб палатаялъ кьолел грантазде божун чIаян абула тIадчагIаз. Амма гьезги гьеб жидедаго берцин рихьарал гIуцIабазе гурони кьолел гьечIин абураб дагIба букIуна жамгIиял хIаракатчагIазул. Гьелда хурхараб мисал бачана «Эркенлъи» радиоялъе Лачиницаги.
Лачинов Лачин: «ЦохIо гIуцIиялъе кьолеб батана гьез 12 млн гъурущ. Гьелъ бихьизабула грантал кьолеб система жанисан ришватазулъ къан букIин. Гьединлъидал киназего щолареб кIалцIиялде божун рукIаян жамгIиял хIаракатчагIи хIалицаго чIезари битIараб гьечIо».
Лачинил пикруялда рекъон, гьелъулъ гуро иш бугеб.
Лачинов Лачин: «Нилъер тушман жамгIиял гIуцIабазул офисазда гуро гIодорчIун вугев. Гьев некIого вачIун вуго, масала, кванил нигIматаздалъун – заралиял жал гъорлъ ругел нигIматал ритIун рачIунел руго нилъехъе, лъай кьеялъул, улка цIуниялъул иш буго бегуниса бахъун. Гьеле, гьениса гIебеде валагьизе ккола тушман. Валагьизе кколелъув валагьулев гьечIо гьаз гьев»
Гьеб буго ЦIоралъул магIарулазул ишазе кумекалъе гIуцIараб гIуцIиялъул цевехъан Лачинил пикру.
Президентасул буюрухъалдалъун, Россиялда санайилго цо млрд гъурущ биччала гьединал коммерциялъул гурел гIуцIабазе. Гьанже цIияб къануналъул суал бачIиндал жамгIиял гIуцIабазул вакилзабазулгун букIараб дандчIваялда Россиялъул президент Путин Владимирица абуна гьеб гIарац цIикIкIинабизе бугин. Къанун къабул гьабун хадуса цо миллиард гъурщил бакIалда лъабго миллиард биччазе бугила. Амма къанун къабул гьабичIониги цIикIкIинабизе кколеб гIарац бугоанин жамгIиял гIуцIабазе гьебин абураб пикру загьир гьабуна гьел гIуцIабазул вакилзабаз.
Гражданияб жамгIият гIуцIулел жамгIиял гIуцIабазе гIарац биччазе гьаб сон ахиралде щвелалде хасаб программа гIуцIизе кколин лъазабуна Дагъистаналъул нухмалъулесги.