Васазулго гIадин армиялда хъулухъ гьабизе бокьарал руччабазеги чIезабураб ригь гьадабго буго 18-са 27 соналде щвезегIан, амма гьелъулъ буго жиндирго батIалъиги бихьиназда гIадин руччабазда тIадаблъун гьабун гьечIо рагъулаб хъулухъ тIубазабизе, гьезие жидеего бокьани гурони рачунаро.
ЦIияб къануналъул проекталъул автор ккола Пачалихъияб Думаялъул депутат Москалькова Елена. Бихьиназулго гIадин руччабазулги ихтиярал ращадал рукIине кколин абулеб буго депутаталъ. Парламенталъул вакилазабаз киназго рахъкколеб гьечIо жидерго пишацоялъул пикру. ЧIегIерралъдал флоталъул нухмалъулевлъун вукIарав, гьанже Думаялъул депутат Комоедов Владимир рази вуго гьеб къануналда, контракталда рекъон армиялда хъулухъ гьабизе бокьарал гIадамазул гIураб къадар хIадур гьабичIин нилъеца, гьединлъидал гьезул бакI руччабазгIаги кквезе батани гьеб лъикIаб пикру бугилан абулеб буго адмиралас.
Амма «Халкъазда гьоркьосеб хIинкъигьечIолъи» абураб централъул вакил Арбатов Алексей рази гьечIо гьеб пикруялда. Жинда бичIчIуларин жидеего бокьани армиялде инее бегьулин абураб рагIул магIна, армиялде гIадамал ахIи абураб тадбиралъул магIна кколин чара гьечIого гьев чи хъулухъ гьабизе не кколин абураб. ЦIияб къануалад жаниб абуни жинда бихьулеб бугин кIиго магIна: контракталда рекъон хъулухъ гьабизе рачIинчIел васазул бакI ясаздалъун цIезаби, ялъуни ГIизраилалда гIадин ясгIаданалдаги рагъулаб хъулухъ тIадаблъун гьаби-ян рикIкIунеб экспертас.
Россиялъул армиялда гьадинги руго контракталда рекъон хъулухъ гьабулел руччаби. Шималияб Кавказалда гьединал рагъулал бутIаби аслияб куцалда руго Осетиялда Гъалгъаязул республикаялда, гьединго Чачаналда. «Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна Чачаназул республикаялда бугеб рагъулаб бутIаялда хъулухъ гьабулей Дагъистанияй ГIабдусамадова Аминатилгун. Нижер гара-чIвариялда гьей мукIурлъана жинца гIакълу кьеларила жакъасел гIолохъанал ясазе армиялда хъулухъ гьабизе ине, щаяли гьадин баян гьабуна гьелъ «Эркенлъиялъе».
ГIабдусамадова Аминат: «Руччабазул хIажалъи гьечIин гьаниилан абулеб бугоха, лъаларо гIиллаби батIи-батIиял рачунел руго, ригьалъ кIудиял ругилан абулеб буго гIураб лъай гьечIилан ва гьел гурел цогидалги багьанаби рачуна. Нижги лъикIаб гIумру букIун гурелъулха гьанире арал, хъизаналда бугеб ресукълъиялъ, гIарац балагьизе къватIире рахъарал чагIи руго ниж, гьабизе жо тIагIун гурелъул къватIире рахъун ругел».
Гьелъие баян гьаричIел гIиллабазда бан Аминат гьабсагIат нахъе йитIулей йиго гьелъ хъулухъ гьабулеб бакIалдаса. Жийго къварид гьаюлей куцалъул бицун цо тIомгIансасеб кагъат Путинихъе хъвазе бокьиланилан абуна гьелъ жиндирго гара-чIвариялда хадубги
Цее «Дагъистаналъул ГIолилал» абураб газеталда хIалтIулей йикIарай журналистка Машрикова Кирацани рахъкколеб буго армиялде руччаби ритIизе къабул гьабулеб къануналъул. Россиялда гIумру гьабун ругел ручабаз гьадинги хъулухъ гьабулеб букIанин цо-цо рагъулал хъулухъазда, гьанже гьезие рес кьолеб бугин жидеего бокьун рагъулаб хъулухъ тIубазабизе. Жиндирго пикру гьелъ гьадин баян гьабуна нижер программаялъе.
Машрикъова Кира: «БатIи-батIияб ярагъ берцин бихьулей ва гьездасан кьвагьдезе гъира бугей гIадан йикIаниги дунго лъикIай яхъун дун армиялде инаро, гIумруялда жаниб дирго бакIлъун бихьуларо дида гьеб. Амма руччаби армиялде ритIизе хIадур гьабулеб къануналъул рахъ ккола дица. Щай кьезе бегьулареб гьезие гьединаб рес. ГIицIго дир пикруялда рекъон хъулухъ гьабизе ясал ахIулеб ригь дагьаб батIияб букIине ккела, васал гIадин 18 сон бараб мехалъ гурел 24-25 сон бараб мехалъ ритIизе тани лъикIаб букIина. Кин бугониги гьей ясгIаданлъидал, рокъой вацазул ва инсул бербалагьиялда гъоркь йикIарай гьелъие циндаго захIмалъизе бегьула балугълъараб гIужалъго рагъулаб хъулухъ тIубазабизе».
Армиялде руччаби ритIизе къанун хIадур гьабиялъе ккарал аслиял гIиллабазул цояб ккола рагъулаб хъулухъ тIубазабизе ахIулел васазул къадар дагьлъулеб букIин. Хас гьабун Дагъистаналдаса гIолилаз хъулухъ гьабулел бакIалда гIадлу-низам хвезабурал хIужаби гIемерлъиялда бан цIакъго дагьав чи гурони унаро гьанже мугIрузул республикаялдаса ругъулаб хъулухъ тIубазабизе.