Ссылки для упрощенного доступа

Д. Песков: «Путиниде хъублъи чвалхизе буго. Вореха, божуге!»


Гьал къоязда Владимир Путинил пресс-секретарь Дмитрий Песковас лъазабун букIана Россиялда хIалуцин лъугьинабиялъул мурадалда бакътIерхьул рахъалъул улкабазул информалатал хIадурулел ругин президентасде хъублъи чвалхизе.

31 марталда Reuters агентлъиялъ тIибитIизабуна Путинилгун балъгоял бухьенал ругел руччабазулгун бизнесменасул хIакъалъулъ баян. Гьел ккола гьесул ясги, Пачалихъияб Думаялъул депутатлъун йикIарай ва Путинилгун гьоркьоблъи бугей гIаданги, Москваялъул пачалихъияб университеталъул йикIарай лебалай студенткаги.

Гьеб баяналда бицен гьабулеб буго Санкт-Петербургалдаса кинавалиго бизнесмен Григорий Баевскияс жиндирго мал-мулк цо пуланал руччабазда тIад хъваялъул хIакъалъулъ. Гьел кколел руго Катерина Тихоноваги (цебеккун Reuters-алъ гьей гIадан Путинил яс йигин чIезабулеб букIана), гьединго Думаялда депутатлъун йикIарай Алена Кабаевалъул кIияйго гIагарай гIаданги, гьединго Путин гьавураб къоялде биччалеб календаралда жиндирго сурат бахъизе чIарай студентка Алиса Харчеваги.

Гьев бизнесменас гьел руччабазда тIад хъвараб мал-мулк рагIула Москваялъул бищунго хирияб рахъалда. Цо-цо баяназда рекъон, Баевскияс бичун рагIула гьезие гьеб. Масала, Екатерина Тихоновалъ жиндирго компаниялъул хъвай-хъвагIай гьабулеб мехалда бихьизабун буго Баевскиясул букIараб рукъалъул адрес.

ТIоцебесеб нух гуро Reuters агентлъиялъ ришватчилъиялдаги цогидаб гIала-гъважаялдаги бан Путинида хурхарал хIужабазул бицунеб бугеб. Амма букIаниги официалияб куцалда Путин машгьурав вугин рикIкIуна улкаялда. Метерисеб къоялъ Путин ЦРУялъул жасус вугин баянал тIиритIизарунигицин гIадамаз гьеб Путиние пайдаялъе сверизабулин, гьединго гьел чIезе ругин бихьуларищин бугеб кIудияб гьереси Путинида нахъасан бицунебилан абуна гIурусазул политолог Александр Морозовас.

Эркенлъи радиоялъ Москваялъул къватIазда гIадамазулгун гьикъа-бакъи гьабуна Путинил пресс-секретарь Песковас гьабураб лъазабиялда тIасан. КватIичIого Путинида тIасан цо-цо журналистаз компромат тIибитIизабизе бегьулин, вореги, божуге гьелдаян абун букIана гьес. Гьедин радиоялъе жаваб кьурав цо гIолохъанчияс абуна компромат гьабизехъин букIин цебеккунго лъалеб батани, Путинил сверухълъиялъ хIаракат бахъиларищин щиб гьабунги гьеб компромат тIибитIиялъе нухал къазе. Цогидас абуна гьединаб компромат букIине бегьулин улка кверщаликье бачарал Путинил сверухълъиялдаса чагIазда хурхун.

ХутIарал жавабал рукIана гьадинал:

ГIадамал: «Путинидаги Медведевасдаги хурхун киданиги лъиданиги кIоларо компромат ургъизе, щайин абуни гьел кидаго ритIарал рукIунелъул»

«Гьанже рахъун Путин чорок гьавизе лъихъаниги бажаруларо, щайин абуни чарангIан лъадарарав гьев, гьале гьаниб аскIоб Маяковскиясе лъураб монументгIанги, «векун» бажаруларо», кьвагьизавун гурони».

Кремлялдехун гьетIи бугев аналитик Сергей Марковас фейсбукалда хъвалеб буго батIаго Путиние квешлъиялъе бахъараб ахIи гурин гьебилан. Унго-унгов бихьинчияс тIалаб гьабизе кколила жинда сверухъ ругел руччабазул.

Дов цевехун рехсарав политолог Александр Морозовас гьадин бицунеб буго гьеб ахIвал-хIалалда тIасан.

Александр Морозов: «Мукъсаналгицин баяназ политикияб низамалъе зарал гьабурал хIужаби ккана тарихалда. Гьединго рукIана хIужаби гьабсагIат гIадинан, щиб хабар рагIаниги, тIалъиялъе тIириги зарал гьабуларел».

Аналитик Семен Новопрудскиясул пикруялда рекъонги, гIурусазул жамгIияталъ некIого тана бицен гьабулел гIадал баяназда тIад ургъулеб гIамал. Гьелъул бакIалда гьел лъугьине руго «щай» ва «сундуе гIоло» гьединал жал тIиритIизарулел ругелани цIех-рехал гьаризе.

XS
SM
MD
LG