Россиялъул финансазул министерлъиялъ захIматалъул министерлъиялде битIана пенсия хисизабиялда хурхараб документ.
Гьелда рекъон, гьанжеялдаса хадуб цIикIкIинабизехъин буго пенсия щолел гIадамазул ригь, къотIинабизехъин буго хIалтIулел пенсионеразе моцIие щолеб пенсия, гьединго чорхое зарал кколеб бакIалда хIалтIулел гIадамал махIрум гьаризехъин руго гьеб зарал бецIизелъун пачалихъалъ чIезарурал бигьалъабаздаса.
Гьедин пенсия щолел чагIазул ригьлъун – бихьиналги руччабиги батIалъи гьаричIого - рикIкIинехъин буго 65 сон.
Пенсиязда хурхун Россиялъул тIалъиялъ кинаб сценарий ургъун батаниги, гьеб рахъалъ щиб гьабилебали лъаларого гьеб бугеблъи бихьулеб бугин бицана ЭР-ялъе жамгIияв хIаракатчи Станислав Белковскияс. Щайин абуни тIубанго хиса-басиял гьаризе кколеб хIал бугила пенсиязда сверухъ. Белковскияс рахъ кколеб буго Россиялда пенсия щолезул ригь цIикIкIинабулеб букIиналъул.
Станислав Белковский: "Цин бугони, пенсиялде вахараб ригь Россиялда херав чиясул ригьлъун рикIкIунелъул. Жакъа гIадин цебетIолеб медицинаги бугеб мехалда гьеб ригьалда лъимал гьаризегицин кIола гIадамазда. КIиабилеб бугони, пенсиялде щвезегIан хутIанийин абураб россиялъулазул принципалъе ахир лъезе ккола.
Кида щваниги, жиндир къоял ахиралде щвезегIан гьабизе ккола чияс гIарац. Амма дун божуларо Россиялъул тIалъиялъ гьел реформаби исана сентябралда Думаялде рищиял тIоритIилалде рагIалде рахъинарилин абураб жоялда. Дида кковухъе, «Единая Россиялъги» Медведевасул хIукуматалъги кIудияб къоялда нахъчIвазе бегьула гьел. Цинги гьезде тIадруссине рес буго Думаялде рищиял тIоритIун, яги президентасул рищиял гьарун хадур».
Амма живго Владимир Путин консерваторлъидал, президентасул рищиял тIоритIилалде гьаричIого тезеги рес бугин гьес пенсиязул реформабийин рикIкIунеб буго Станислав Белковскияс.
Пенсиязда сверухъ хиса-басиял гьаричIого тIураларин рикIкIунеб буго Белковскияс. Щайин абуни хIалтIулел чагIазулги пенсиялде рахаразул къадарги данде ккуни, банкрот ккечIого хутIулеб хIал гьечIила Пенсиязул фондалъул.
Гьел хиса-басияздаса хадур пачалихъалъ чIезарурал цо-цо бигьалъабаздаса жал махIрумлъизе рес букIиналдаса рекIекълъун руго гIемерисел. Масала, Дагъистаналдаса ПатIимат Мажидова 13 соналъ хIалтIана Буйнакскиялда хIухьладалъун рукъзал хинлъизарулеб системаялда инженер-технологлъун. Химиялъул бакIал элементаздаса лъим бацIцIад гьабулеб букIун буго гьез кIалалъ мензуркаялъусаги цIцIун, гьанже гIадал технологиялги хIалтIизаричIого. Гьедин къокъидаго жинда унти кканилан бицана ЭР-ялъе ПатIимат Мажидовалъ.
ПатIимат Мажидова: «40 сон бараб мехалда пенсиялде ине ккана дун. Унти ккана хIухьел цIалел лугбузде, хIал хисана бидул. Чорхое ккараб зарал бецIизе рахь гьекъезе кколаан нижеца. Амма жо къанагIатаб заман букIун, гьоркьо-гьоркьоб гурони бачIнуроан гьеб. Лъалароха, щай зама-заманалдасан гьаб пачалихъалъул къанунал хисулелани. ГIадатияб халкъалда данде чIараб пачалихъ гIадин бихьула дида гьаб пачалихъ. Гьедин чорхое ккараб зарал бецIизе кьолеб рахь батаниги, шоколад яги цогидаб букIаниги, тIаса къотIизе бокьилароанха дие.
Дун гьанже хIалтIулей гьечIониги, бичIчIула кигIан дагьал харжал нилъер гIадамазе щолелани. Тукабаздани бокьараб жо буго босизе, амма улкаялдаги Дагъистаналдаги щолеб харжиде кIоларо бокьанщинаб жо босизе. ГIадамазда тIад «релъулел» гIадал харжал кьолел ругоха. Гьединлъидал дун дандечIарай йиго гьединал хIукмабазда (пенсиязда сверухъ гьарулел хIаязда – ЭР)».
Россиялъул премьер-министр Дмитрий Медведевасул пресс-секретарь Наталья Тимаковалъ лъазабулеб буго пенсиязул реформабазул суал жеги хIукуматалъ гьоркьоб лъун гьечIилан. Гьединго финансазул министерлъиялъги абулеб буго жамгIиял институталгун гьоркьоб лъун хадуб гурони къабул гьабизе гьечIин гьеб реформа.