Ссылки для упрощенного доступа

Баккизабиладай миллатазда гьоркьоб хинлъи иргадулаб президентасул гΙуцΙиялъ?


Россиялъул президент Владимир Путин. Шанхай. 07 июнь 2012
Россиялъул президент Владимир Путин. Шанхай. 07 июнь 2012

«Россиялъул Федерациялъул президентасда цебе миллатазда гьоркьосел бухьеназул мажлис» гΙуцΙиялъул хΙукмуялда гъоркь Владимир Путиница гъулбас гьабунин лъазабуна пачалихъалъул нухмалъулесул пресс-хъулухъалда. Гьединаб идара гIуцIиялъул мурадги рагIуна миллатазда гьоркьосел бухьенал щула гьари ва пачалихъияб политикаялъул рахъ лъикIлъизаби. ЦIигIуцIараб идараялъе нухмалъи гьабизе буго живго президентас.

ХIакъикъаталдаги 2001 соналде щвезегIан Россиялда букIана федерациялъул, миллияб ва миграциялъулаб политикаялъул хасаб министерлъи. Гьелдаса хадуб, ай гьединаб идара къаралдаса нахъе, гIемер борхулеб суаллъун хутIун букIана миллиял масъалаби тIуразарулеб министерлъи хIажат бугищ гьечIищин абураб. Масала, гьеб хIажат гьечIин рикIкIунеб букIана цеве президентлъун вукIарав Медведевас ва гьесул пикруялда рекъон, бюрократиялъул иргадулаб идара рагьунилан миллатазда ва диназда гьоркьосел бухьенал щула гьаризе кIвей щакаб ишлъун букIун рагIула. «Гьединаб хIалтIи гьабизе ккола хIукуматалъ ва парламенталъ», - ян лъазабун букIана араб соналъул авалалда Медведев Дмитрийица.

Амма гьанжесев президент Путинида гьединаб идара гIуцIи лъикIаблъун бихьулеб буго ва гьеб суал тIаде кколеб регионал церетIезариялъул министерствоялъухъа миллиял масъалаби тIуразарун бажарулеб рагIуларо. Кин батаниги, хасаб министерствоги гIуцIичIого, ахир-къадги тIалъиялъ хIукму гьабуна миллиял ишал тIуразарулеб хасаб совет гIуцIизе.

Гьиматов Камил, тарихчи ва журналист: «ГIемерал миллатаз гIумру гьабулеб улка Россия бугониги, гьединаб министерство гьанжелъизегIан букIинчIолъиялда гIажаиблъи гьабула дица. Яги миллатазда гьоркьосел бухьенал лъикIал ругин тун букIун батизеги бегьула, хIакъикъат гьединаб гьечIониги. Нилъеда якъинго бихьулеб буго Россиялда миллияб суал, хасго регионазда бегIерго цебе чIун букIин. Амма жалго регионаз тIубазабизелъун тун букIараб гьеб масъала, хасаб советги гIуцIун, гьеб хIалтIи гьелда тIадкъаялъул хIасил щиб ккелебали абизе цудунго буго. Дир пикруялда, лъикIаб букIинаан гьединаб идараялъе нухмалъи гьабиялъул иш живго президентас тIаде босичIого, гьеб хIалтIи батIияв чиясда тIад къан букIарабани. Гурого, гьелъул магIна кколеб бугоха гьабулеб хIалтIул жавабчилъи лъидасаго тIалаб гьабизе рес гьечIин абураб».

Гьадин бицана тарихчи ва журналист Гьиматов Камилица. Гьес бицунхъе, миллиял гьоркьорлъаби чIемегIлъани Путинида лъицаго абизе рес гьечIила гьеб дур хIалтIул гъалатI кколин.

Гьединго, цIигIуцIараб мажлисалъул хIалтIи кагътида хутIулеб жо бугилан абураб пикру загьир гьабуна жамгIияв хIаракатчи Лабазанов ГIабдулвахIидица. Гьес бицухъе, миллатазда гьоркьор бухьенал щула гьариялъул мурадалда гIуцIараб идараялъул вакилзабигицин миллиял республикабаздаса гьечIеб мехалда, гьеб мажлисалъул хIалтIи релъун бихьулила «бачанищ хIама хIортIе, бачана», - ян абураб умумузул абиялда.

Лабазанов ГIабдулвахIид, жамгIияв хIаракатчи: «Президентасда цебе гIуцIараб гьеб мажлисалъ кинаб бугониги пайда кьеларин рикIкIуна дица. Щайгурелъул, гьеб букIине буго жамгIияб советлъун, ай жамгIияб палатаго гIадинаб, гIемер хабарги бицунеб гьабулеб хIалтIиги букIунареб бакI. КIиабизе босани, Россиялда ругел аслиялгIаги миллатазул вакилзаби гьоркьоре унареб советалъ щиб кьезе бугебалиги дида бичIчIуларо. Масала, хъазахъазул чи вукIине бегьулеб буго гьелда гьоркьоб, цогидал миллатазул чи гьечIо. Хъазахъазулалдаса гIемерго цере чIарал масъалаби руго цогидал миллатазул. ПалхIасил, бетIерлъуде ккаралдаса цого-цо жо гьабулел руго тIалъиялда ругел. Къокъго абуни, миллиял республикабазе гьелдаса пайда букIинарин ккола дида».

ХIакъикъаталдаги, цIигIуцIараб миллатазда гьоркьосел бухьеназул мажлисалъул нухмалъулел хисулеллъун тIамун руго президентасул администрациялъул нухмалъулев хисулев Вячеслав Володин ва вице-премьер Дмитрий Козак. Гьединго гьелъул вакилзабилъун рихьизарун руго хъазахъазул жамгIияталъул атаман Виктор Водолацкий, Россиялъул генералияв прокурор хисулев Виктор Гринь, маданияталъул министр Владимир Мединский, миграциялъулаб хъулухъалъул бетIер Константин Ромодановский, тележурналист Максим Шевченко ва цо-цо цогидалги.
XS
SM
MD
LG