Аслияб къагIидаялда гIурус миллатчилъи хъатIула Шималияб Кавказалда ва гьелъул вакилзабазда. МиллатчагIаз кавказиялъулазе кьола батIи-батIиял тIокIцIарал, гьарула рокъукъал лъазабиял. Масала, «Кавказ ва кавказиялъулал хьихьарал гIелин», «чIегIерал, яре цереса», «Россия – гIурусазе» ян абурал ва гьезда релълъарал цогидал. Гьеб гуребги, скинхедаз чIечIого чIвалел руго славян миллатазул гурел гIадамал, Кавказалда гIурусал чIвалел ругин абураб чIобогояб ахIи-хIурги багъаризабулаго. ЖамгIиял хIаракатчагIаз абулеб буго гIурусазул цIикIкIараб бутIаялъ кавказиялъулал чияр гIадамаллъун рикIкIунилан. Кавказалъул вакилзаби жидерго тушбабилъун рикIкIунезул къадарги дагьаб гьечIин абулеб буго ихтиярал цIунулез. Гьединаб баяналъе гIезегIанго далилал ратизе бегьула «Сова» абулеб инсанасул ихтиярал цIунулеб Централъул интернет-сайталда.
Дагьалъ цебе «Военное обозрение» абулеб интернет-сайталда бахъун букIана пуланав Самсоновасул макъала. Авторас абулеб буго Россия кидаго букIанин империялъун, гьеб империялъул кьалбаллъунги гIурус халкъ кколин. Амма, цогидал миллатчагIазде данде ккун, Шималияб Кавказ Россиялдаса батIа гьабиялде ахIи балеб гьечIо гьев Самсоновас. ГIаксалда, гьес абулеб буго цогояб, бикьулареб Россия цIунизе кколин. Кинха ва кинаб къагIидаялда империяйилан абулеб гьеб пачалихъ гIуцIизе кколеб?
Гьале рехсараб макъалаялъул авторас кьолеб рецепт: ГIурус империялда гъорлъ журарал гIисинал миллатазе хасаб статус кьей кутакалда квеш кканин абулеб буго авторас. Гьединго тIаде жубалеб буго гьединаб республикаялъул статус кьун букIанин къватIисел улкабазда ругел Россиялъул тушбабаз – интернационалистаз ва троцкистаз. Гьелдалъун «ГIурус Дуниял» биххизабиялъул мурадги букIанин гьезул. Гьединлъидал гьеб хасаб статус нахъе босизе кколин рикIкIунеб буго авторас.
Россиялда рукIине кколарила миллиял республикаби, пачаясул заманалдаго гIадин гьел рукIине кколила областаллъун. Гьебго заманалда цогидаз абулеб буго Россиялъул миллиял икълимазе республикайилан абураб цIар кьун бугониги, гьенир гIумру гьабулел гIадамазул ихтиярал тIалъиялъ соналдаса соналде хвезарулел ругин жалго рижараб ракьалдаги Россиялдаги. Мисалалъе босани, гьел республикабазда яшав гьабулел гIадамазухъа бахъун буго жидерго бутIрул рищизе цебе букIараб ихтияр. Москваялде ялъуни Россиялъул цогидал шагьаразде кавказиялъулал рачIараб мехалда гьезда тIадаб буго регистрация гьабизе. Гъозие хIинкъаби кьола полициялъулаз гурелги, радикалиял гIурус миллатчагIазги. Гьединал баянал загьир гьарула инсанасул ихтиярал цIунулез.
ГIурус миллатчилъиялъул гъваридал кьалбал руго. «Великорусский шовинизм» абулеб рагIи жиндир заманалда гIатIидго хIалтIизабулаан большевиказул цевехъан Лениница. 1917 соналда большевикал бергьун хадуб цIияб низам къабул гьабичIел ва гьеб низам хIехьезе кIоларел гIемерал цIар арал гIадамал гочун ана къватIирехун.
БатIи-батIиял улкабазда Россиялъул батIи-батIиял миллатазул вакилзабаз гIамал гьабулеб букIана большевиказул низамалде дандечIезе. Цо рахъалъ, гьел кколаан ишцояллъунги пикруцояллъунги. Амма эмиграциялдаги гьел кIудияб бахIсалде ккун рукIана.
Гьале нижеда гьал къоязда архивалда батараб цо тарихияб документ. Дунялалъул кIиабилеб рагъдаса хадуб Цолъарал Штатазда гIуцIун букIана большевизмалдаса хвасар гьабиялъул Америкалъул комитет. Гьелъул бетIерлъун вукIана адмирал Стивенсон. Гьеб комитеталде жидерго халкъазул тарих къокъ гьабун хъван битIун букIана цебесеб Россиялъул империялде гъорлъе унел рукIарал миллатазул вакилзабаца. 1953 соналъул 20 августалда Россиялъул миллиял гIуцIабазул БетIераб Нухмалъи абулеб гIурус эмигрантазул информационияб бюллетеналда хъващтIан загьир гьабун букIана гьеб хитIаб. Гьелда гъоркь гъулбасараз къасд гьабуна гIурус гурел миллатазул тарих мекъса бихьизабизе.
Гуржистаналдаги, Азербайжаналдаги, Эрмениялдаги, Украинаялдаги, Белоруссиялдаги, Шималияб Кавказалдаги жалго жидедаго чIарал пачалихъал кидаго рукIинчIин ва гьезул халкъазда лъалароанин пачалихъияб хIалбихьи. Россия гьечIого гьезда кIвеларин гIумру гьабизе. Гьале гьеб хитIабалъул аслияб магIна. Добго «Цогояб ва бикьулареб Россияйин» абураб магIнаха. Жакъа рагIулел ахIияздаги лъазабияздаги релълъун бихьулеб гьечIищ гьеб?