Морозовас хъвалеб буго, Бирюлевоялда ккаралде балагьун бихьулеб бугин, Россиялда ахираб къого сонида жаниб улкаялъул нухмалъиялъ гIуцIараб социалиябгун экономикияб системаялдаги Россиялъул халкъалдаги гьоркьоб кIудияб проблемаби рижун рукIин. Бирюлевоялда ккараб бугин гьединаб рагIирекъонгутIиялъул цо гьитIинабго элементин. Гьесул пикруялда, нухмалъиялъ котроль гьабулеб гьечIо халкъияб протесталъул ва гьелдаса гьеб цIакъ хIинкъун буго. Цогидаб бербалагьи буго гьеб ситуациялде журналсит ва политолог Дмитрий Орешкинил. Гьес рикIкIунеб буго, Бирюлевоялъулги, гьединалго цогидал лъугьа-бахъиназдаса талъиялъ гIагсалда пайда босулеб бугин. Гьесул щаклъи буго, цо-цо нухалда гьединал ситацияби ургъунго хIадурарал гIадамаз гIуцIулел рукIиналда.
Дмитрий Орешкин: "Лъабго къоялда жаниб цо-цо гIадамаз ургъунго боркьизабулеб букIана жамгIияб пикру. ХIадурулеб букIана гьез абухъего, «халкъияб мажлис». Интернеталда гьеб кинабго баянго бихьулеб буго. Баянаб жо: гьеб кколаро жиндаго жибго багъарараб акция. Руго хасал «гьамалгъазиби» лъицалиго тIадкъай гьабурал. Гурони, лъицаха гьенибе водка бачIунеб букIараб, лъицаха ахIиял гьарулел рукIарал.
Гьеб кинабго баянлъизаби захIматаб жо гуро, бокьун бугони. Дир пикруялда, полициялъул гьединаб, хIакъикъат баянлъизабиялъул гъира цинтIаго тагIуна, цогидаб идараялъул кабинеталдаса, нужеца гьеб лъугьа-бахъуналъул багьанаби ралагьулаго, гьедигIанго тIад чIун цIех-рех гьабугеян ахIун бачIани. Гьеб цIех-рех щвалде щун гьабуни, тIатине бегьула монтировкабигун «ватIан бокьизе» журналист Кашин ругьун гьарулел пачалихъалъул гIуцIи «цIунулел» гIадамал. Баянлъизе бегьула гьелго футболалъул фанатазде хурхен бугеллъун рикIкIунел кремлалъул администрациялъ балъго хьихьулел боевикал. Гьел гIолилал хас гьабун хIадур гьарулел рукIана ва ругьун гьарулел рукIана демократиял хиса-басиял риччангутIиялъе. Шагьаралдайин абуни, демократиял гIумруялде хьулал узухъда цIикIкIунел руго. Дида ккохъе цо-цо гьалмагъзабазда бихьулеб буго жидер кверзукьа котроль инехъин букIин. Гьезие къваригIун буго «гайкаби дугъдазариялъе» багьанаби.
Болотная майданалда кинабго жо букIана легалияб къагIидаялда. ГIадамал унел рукIана къанунияб ракълилаб митингалде. Лъиданиги ракIалда букIинчIо автомобилал рухIи яги цIурдул гъуризари. Ахирисеб лъугьа-бахъиналдайин абуни, байбихьудаса ахириалде щвезегIан кинабго жо букIана легалияб гуреб.
Щай гьеб "халкъияб мажлисалъ" лъабго къоялдаса гурони тIалаб гьабизе байбихьичIеб такъсир рагьи?! Щай гьел арал дармил центр ва базар талавур гьабизе?! Лъицалиго абунин гьенив такъсирчи вахчун вугин.
Полициялъ цIех-рех гьабулеб буго. Полициялъул бутIрузда цебе буго захIматаб диллема. Гьезде гьанжеялдего тIасан лъазабун батизе бегьула гIиси-бикъинал хъулухъчагIазе тамихIги гьабун, цIех-рех гьабулаго, «гъварид бухъугеян» баун. Гьаниб буго низам тIалаб гьабизе кколеб полициялъул жавабчилъи яги гьел рарал руго чекистазда. Ахирисезин абуни, къварагIел бугеб мехалда тIалаб гьабула цIех-рех рагIалде бахъинабунгутIи."
Орешкинилго гIаждаб пикру къого загьир гьабуна нижер программаялъе инсанасул ихтиярал цIунулей Светлана Ганнушкиналъ.
Светлана Ганнушкина: «ГIадамал рази гьечIо лъугьа-бахъунелда хурхун, низам цIунулел идараби хIалтIулеб къагIидаялда. Гьезда бихьулеб гьечIо жал цIунун рукIин. Гьеб цо рахъалъан босани.
Цогидаб рахъалдаса балагьани, нухмалъиялъ гьеб рази гьечIолъиялдаса пайда босулеб буго. Гьеб бихьулеб буго хасго москавялъул мэрасул рищияздацебесеб кампания ракIалде щвезабуни. Мэрасул хъулухъалде цогIаги кандидат хутIичIо миллатчилъиялъул картIа хIачIев».»
Политолог Станислав Белковский: «Бирюлевоялда ккаралда буго, дир пикруялда, чанго багьана. ТIоцебе босани, россиялъул жамгIияталда, хасго чIахIиял шагьаразда миллатчилъиялъул пикрабазул ва гьезул къварагIел букIиналъул даража цIикIкIунеб буго. КIиабилеб - миграциялъулаб политикаялда риччана кIудиял гъалатIал. Гьеб идара жиндиего мукIур гьабун бугин абизе бегьула россиялъул кIудияб капиталалъ. Гьелъулин абуни кIудияб интерес буго «лагъзабазул» хIалтIуде. Гьединлъидал гьелъ балъгояб миграциялъе стимуляция гьабулеб буго. Хадубги, талъиги унеб буго кIудияб капиталалъ бихьизабураб нухдаса. Гьенибго рехсезе ккола гьединго мигрантазул диаспорабазул жигарлъиги бакIалъулаб халкъалъул тохлъиги.»
Блогер Валерий Морозовас кIвар буссинабулеб буго Москваялдаги хутIараб улкаялдаги гьоркьоб бугеб батIалъиялде. Пачалихъалъул капиталалъул аслияб бутIа буго Москваялда. Москваялда буго хIалтIиги, Москваялда руго ресалги. Амма гьеб кинабго камун буго регионазда. Гьединлъидал бищунго мискIинал регионаздаса гIадамаз сапар бухьунеб буго тахшагьаралде жидерго талихIалда худуб. Конфликт бижиналъул кьучIода гьединаб хIакъикъаталъул кIудияб бутIа бугин рикIкIунеб буго Морозовас.