«Парахалъиялъул» лъабго сон» хIакъикъаталдаги ккола Шималияб Кавказалъул халкъалда хурхун халат бахъунеб балагьалъул хIакъалъулъ, гьелул цо-цо гIадамазул пашманаб къисматалъул хIакъалъулъ бицунеб даптар. Регионалда рилъанхъизарулел ритIухълъиялде кинабгIаги хурхен гьечIел «силовиказул» къагIидаби яги «пачалихъалъул террорин» абизе бегьулеб политикаялъ шансал толел гьечIо Шималияб Кавказалде гIагарисеб заманалда парахалъи нахъ буссиналъе» - ян абуна нижер программаялъе комментариял гьарулаго «Мемориалалъул» бюллетеналъул авторазул цояв - машгьурав инсанасул ихтиярал цIунулев Олег Орловас. Гьеб хIалтIул цогидал авторал ккола «Мемориал» централъул мажлисалъул нухмалъулев Александр Черкасовги, гIуцIиялъул хIалтIухъан Григорий Верныйги.
Лъазабиязда рекъон, презентациялде дагьал гурони журналистал рачIун гьечIо. Гьелъул багьана гьадин бичIинабуна Орловас.
Олег Орлов: «Нижеда буго гьелъул гIайиб. Шималияб Кавказалъул проблемабазул интерес бугел журналистазул аслияб къадар буго жакъа хIакъикъаталдаги Шималияб Кавказалда. Цоял - Сочиялда, цогидал - гIагарисел бакIазда. Гьеб презентация тIобитIизе кколеб букIана дагьалъ цебе. Гьеб мехалда журналистазул къадар букIунаан кIудияб. Гьеб нижер гIайиб ккола.»
Александр Черкасовас лъазабуна, гьеб техь биччай жидеца хурхинабун букIанин Сочияллъул Олимпиада байбихьиялдайин.
Орловасул рагIабазда, гьелъие гьединаб ирониялъулаб цIар кьуна ургъунго, пачалихъалъ парахалъи баккизабиялъе гуреб, гьеб бугин бихьизабиялъе хIаракат бахъинабулеб букIиналда банин.
ЭР. Щайха гьединаб ахIвал-хIал хутIулеб бугеб?
Олег Орлов: «ХIакъикъаталдаги балъгоял террористиял гIуцIабазде данде Шималияб Кавказалда нилъер пачалихъ багъулеб букIана ва гьанжеги багъулеб буго пачалихъияб терроралъул къагIидабиги хIалтIизарун. Узухъда, гьеб пачалихъияб терроралъул масштаб, рец ТIадегIанасе, дандбазе кколаро 2000 соназул байбихьуда букIараб даражаялда. Рец ТIадегIанасе, Россиялъул пачалихъалде данде чIаразул къадарги дагьлъана. Амма жибго принцип, жалго гьединал къагIидаби хIалтIизариялъул хIужжаби хутIулел руго гури.
Гьеб баянго бихьулеб буго. Халат рахъунел руго гIадамал рикъиялъул, гьел кире ккаралали лъачIого тIагIиналъул, къануналде данде кколарел туснахъал гьариялъул, гIазаб кьеялъул ва цогидал хIужжаби. Гьеб кинабго цебего гIадин Шималияб Кавказалда хутIулеб буго. Гьединал къагIидаби хутIулел рукIиналъ гурищ терорризмалъул база хутIиялъе квербакъи гьабулеб бугеб! Ай, гьел къагIидабаз рази гьечIезул къадар цIикIкIинабулеб буго, гьелин абуни хIадурал руго террористазул пропагандаялда божизе. Гьелдаса цIакъ кIудияб хIинкъи буго.»
Орловасул пикруялда, къуватиял структурабазде дандечIараб къуваталъулгун хIакъаб диалог гIуцIиялъе бакI хутIулеб гьечIо. Къосун «рохьоре» ккаразе нахъе нух къалеб буго. Гьел хIинкъулел руго кверде рачIине, гьел хIинкъулел руго жидеего гIазаб кьезе бегьиялда бан, жидедего тIаде чияр гIайибал росизарезе ккезаризе бегьиялда бан.
20I3 соналда «тамахаб» къуват хIалтIизабиялъул къагIидаялдаса тIубанго инкар гьабуна. Гьелдаго цадахъ къуватиял структурабаз хIаракат бахъулеб буго терроризмалъул статистика «лъикIлъизабизе», терорристияб хIаракатчилъиялъул хIакъалъулъ хъвачIого тей журналистаздаса тIалабги гьабунин.
Олег Орлов: У, нижеда лъала,Олимпиял хIаял баибихьилелда цебе Шималияб Кавказалда хIалтIулел чанги журналистазда тIаса официалияб гуреб къагIидаялда лъазабун буго, балъгоял террористиял къокъабазул хIаракатчилъиялъул, инсанасул ихтиярал хвезариялъул хIакъалъулъ дагьаб бицеян абун.
ЛъагIинаха Олимпиял хIаял, гьезда хадуб гьелъул хIакъалъулъ бицине бегьизе батила цидаса. Олимпиял хIаял унеб мехалдайин абуни Шималияб Кавказалъул берцинаб сурат бихьизабизе кколеб батила.
Цингиги, цо-цо нижеда лъалел адвокатазухъе рачIун рукIун руго хасал хъулухъаздаса хIалтIухъаби. Юристазе рекомендацияби кьун руго Олимпиял хIаял унеб мехалда къватIисел улкабазул журналисталгун дандчIвагеян абурал.
Гьебги ккола добго жо. Щай гурелъул нухмалъимялъе бокьун гьечIо Олимпиял хIаял унеб мехалда негативияб информация тIибитIизе."