Гьеб хIалтIи тIадкъан буго ЦIех-рехалъул идарялъ тIад къан буго «Интегрум» абураб информагенстваялда. «Ведомости» газетаялъул лъазабиялда рекъон, гьел тадбиразе пачалихъалъ биччалеб буго I млн I00 азарго гъуруш гIарац. Цебеккун ЦIех-рехалъул комитеталъ лъазабун букIана гьеб тадбиралда хурхун конкурс ва гьениб гIахьаллъи гьабуна цохIо тIадехун рехсараб «Интегрум» информагенсвоялъ. ЛъагIалида жаниб гьез хал гьабизе ккола 3000 гIанасеб федералиялгун регионалиял информалатазул ва чанго батIиял социалиял сайтазул. ЦIех-рехалъул идараялъ лъазабухъе, аслияб кIвар кьезе буго жибго ЦIех-рехалъул идараялъул, пачалихъиялгун ихтиярал цIунулел идарабазул хIалтIул бицунел ва лъималазул ихтиярал хвезариялъул хIакъалъулъ хъвалеб информациялде.
Гьезул пикруялда рекъон, гьеб тадбиралъ рес кьезе буго къуваталъул ва цIех-рехалъул идарабазул хIалтIи лъикIлъизабизе. «Газета.ру» сайталъ лъазабухъе, ЦIех-рехалъул идараялда рикIкIунеб буго аслияб кIвар кьезе бугин социалиял сайтазде. Информалатазда гьечIеб батIи-батIияб кIвар бугеб информация букIуна гьениб абун рикIкIунеб буго рехсараб идараялъул хIалтIухъанас.
Жибго «Интегрум» информагенствоялъул баяназда рекъон, гIемерисел пачалихъиял идарабазе къваригIуна иформалатазул мониторинг ва гьез гIарацги кьун босула гьеб. Кинаб букIине бугеб хас гьабун ЦIех-рехалъул идараялъе хIадурулеб информация абураб суалалъе жаваб кьолеб гьечIо информагенствоялъул хIалтIухъанас. Facebook сайталда пачалихъиял идарабазда рогьрал ранилан тамихIалде цIарай журналистка Ольга Романовалъ рикIкIунеб буго гьеб тадбир гIуцIун бугин тIалъиялъе данде кколарел журналистазде ва жамгIиял хIаракатчагIазде тIадецуй гьабиялъе гIоло. Гьелъул пикруялда рекъон, гьеб гьанжелъагIанги гьабулеб букIана къуваталъул идарабаз, амма кинабго балъго гьабулеб букIана. Цоги оппозициялъул лидеразул пикруялда рекъон, гьеб кколеб буго цензураялъул байбихьи.
«Кавказская политика» сайталъул журналист, юрист Куашев Тимурица «Эркенлъи» радиоялъе бицана рехсараб тадбиралъул хIакъалъулъ жиндирго пикру.
Куашев Тимур: «Дир пикруялда рекъон гьеб тадбир цензура гьабизе бокьун гьабулеб гуро, гьениб гIицIго мониторинг гьаби гурони бихьулеб гьечIо. ГьанжелъагIанги киналго къуваталъул идарабаз гьабулеб букIана информалатазул ва интернеталда бугеб информациялъул мониторинг, гьабсагIат гьеб хасаб информагенствоялда тIад къан буго. Гьеб гуребги, гьанже букIаралдаса цIикIкIун мониторинг гьабиялъе гIилла дида бихьулеб гьечIо. Интернетги, цогидал цIиял харбал кьолел информалатал, сайтал, киназго цIакъго гIемер информация кьолеб буго, бокьараб лъугьа-бахъиналда хурхун батIи-батIиял баянал чваххун рачIунел руго.
ГIемер бицунеб буго цIех-рехалъул идарабазул, къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз инсанасул ихтиярал хвезариялъул хIакъалъулъ, мониторинг гьабизе ккараб хIал гьечIо. Гьединал хIужаби кигIан бокьаниги руго хасго Шималияб Кавказалда. Мисалалъе букIана мехтарав ХIинкъи гьечIолъиялъул идараялъул хIалтIухъанас чиясда машина речIчIизабиялъул хIужа. Дида лъалеб бакIалдаса гIебеде гьев тамихIалде цIан гьечIо. ЦIех-рехалъул идараялъул хIалтIухъанас чIужагIадан юххун йиго, гьевги тамихIалдаса ворчIана. ГIемер руго гьединал лъугьа-бахъинал информалатазда, цIех-рехалъул идараялъе кIвар гьабизе бокьани».
Гьев вукIана «Кавказская политика» сайталъул журналист Куашев Тимур.
Цеве КГБялда хIалтIун вукIарав Пачалихъияб Думаялъул депутат Александр Гуровасул пикруялда рекъон, информалатазул мониторинг гьабулаан кидаго, гьеб хIалтIи гьабулев хасав чи вукIунаанин бокьараб къуваталъул идараялда, гьелъие хасал компаниялги къваригIунароан.
Цо-цо информалатаз рехсолел руго гIемерисел информалатаз рехсарал, амма ЦIех-рехалъул идараялда рихьичIого хутIарал инсанасул ихтиярал хвезариялъул хIужаби. «Слово без границ» абураб сайталъ рехсолел руго чанго гьединал хIужаби. Гьезда гъорлъ, чанго моцIалъ халат бахъун Ставрополалъул школазда кIаз бухьизе биччангутIи ва Москваялдагун Дагъистаналда тIатарал лагълъиялъул хIужаби. Журналист ГIабдурашид Саидовасул пикруялда рекъон, цIех-рехалъул комитеталъ щибниги кIвар кьечIого тун руго Дагъистаналда щалали лъаларел чагIаз гIадамал рикъиялъул хIужаби. Ва гьединго гьес бицунеб буго Россиялъул генералияв прокурор Юрий Чайкал васас Москваялда гьукъарал казиноял рагьиялъулъ гIахьаллъулев вукIин цIех-рехалъул идарабазда бихьизабун букIанин информалатаз, амма гьез щибниги гьабичIин.
«Эркенлъи» радиоялъ цебеккун рехсон букIана Гъизилюрт мухъалъул Чонтаул росулъ гIисинал лъималазда цере ярагъ гьечIел эбел-эмен чIваялъул хIужа. Wordyou.ru сайталъул журналист Юлия АхIмадовалъ кIвар буссинабулеб буго цIех-рехалъул идараялда «Эхо Москвы» радиоялъул журналистка Юлия Латыниналъ бусурбабазде рогьрал раялде. Гьелъ хъвавухъе, киналго бусурбаби роххун руго дунялалда террактал цIикIкIиналъ ва исламиял цIалул идарабаз террористал гурони къватIире риччалел гьечIо. Гьеб гурел чанго батIиял кIвар буссинабизе кколел, амма цIех-рехалъул идараялда рихьичIого хутIарал хIужаби рехсолел руго информалатаз.