Ссылки для упрощенного доступа

«ЧΙегΙараб сияхΙалда» рекъон хΙалтΙулеб къанун


«Сахлъиялъе ва цебетΙеялъе зарал ккезабулеб информациялдаса лъимал цΙуниялъул» абураб къанун хΙалтΙизе байбихьана 1 ноябралда. Гьеб къанун баккиялъе багьаналъун лъазабулеб букΙана интеренеталда лъималазе заралияллъун рукΙкΙунел сурсатал гΙемерлъун рукΙин. «Роскомнадзор» абураб идараялъ ххал гьабун буго жидеда хурхун гΙарза бачΙараб ичΙнусгоялде гΙунтΙун сайталъул. Гьезда гъорлъан 180-ялдаса цΙиккун гъорлъе босун буго россиялъул териториялда гьукъарал сайтазул реестразде. Бегьулищ гьеб гали рикΙкΙине рагΙул эркенлъиялъ гΙорхъаби чΙезабиялъул яги интернеталда цензура чΙезабилъе гьабулеб галилъун?

«Роскомназдоралъ» халат бахъинабулеб буго жиндирго хΙалтΙи гьеб къануналда рекъон. Рехсараб къануналда рекъон, интернет-провайдеразда тΙадаб буго, россиялъул териториялда гьукъарал сайтазул реестралде, яги гьанже гΙемерисел информалатаз абухъе, «ЧΙегΙераб» сияхΙалде росарал сурсатал интернеталдаса махΙрум гьаризе. Гьедин къан букΙараб «Луркоморье» абураб интернет-энциклопедия, Роскомнадзоралъ рихьизарурал гΙунгутΙаби тΙагΙинарун, цΙидаса баккана интернеталда жакъаялде. «Роскомнадзоралъ» къаялъе гΙоло цΙакъ машгьурлъана жакъа гьединго «Либрусек» абураб онлайн-библиотекаги. Цо-цо информалатазул лъазабиязда рекъон, гьанже къазе бегьула гьединго «РуТрекер» абураб сайталъул цо гьумерги.

Инсанасул ихтиярал цΙунулезул пикруялда, гьеб къанун ккола президент Путиница ахирисеб заманалда билъанхъизабулеб «гайкаби дугъдазариялъулин» абулеб политикалъул галабазул цояб. Пачалихъалъул балъголъиялъул, Коммерциялъулалгурел гΙуцΙабазул ва гьездаго релъарал цогидал къануназдагогΙадин, тΙадтаразе данде кколарел гΙуцΙиялъ политиказде ва жамгΙиял хΙаракатчагΙазде тΙадецуй гьабиялъул гьеб къануналдаги ресал рукΙиналде кΙвар буссинабулеб буго гьез.

Дагъистаналдаса юрист ва машгьурав блоггер Къадиев Расулицаги риккунеб буго жакъа лъималазе гуребги чΙахΙиязе бугин интеренеталдаса хΙинкъийин. Гьеб ракΙалде босани, гьединаб къанун хΙажатаб буго, гьесул пикруялда. Амма гьеб къануналда рехсолел мурадазул гΙорхъабаздаса рорчΙун асар гьабизе рес букΙин, гьеб тΙокΙаб рахъ кколинабулеб буго гьес.

Къадиев Расул: «Узухъда, къанун къваригΙараб буго. Гьениб бихьизабураб механизм идеалияб батиларо. Амма нилъер гьечΙо цогидаб къанун. У, инсанасул ихтиярал цΙунулез абухъе, гьелда букΙине бегьула рес «гΙайиб гьечΙеб» интернет-контенталъеги нух къазе. Гьединго абизе бегьула цо-цо цогидал къануназда хурхунги. Амма дие бокьун буго гьадинаб параллель бачине. Нилъер школазда руго гури ОБЖ, ай, ГΙумруялъул хΙинкъигьечΙолъи цΙуни абураб дарсал. Гьезда лъимал ругьун гьарулел руго жалго цΙунизе захΙматал ахΙвал-хΙалазда. Амма нилъеца щибниги гьабулеб гьечΙо гьезул сахлъиялъе ва гΙумруялъе хΙинкъи бугел сайтаздаса гьел цΙуниялъе. Дир пикруялда, лъималги гьезул улбулги интеренталда ругел гьединал хΙинкъияздаса жидецаго жалго цΙунизе ругьун гьариялъул мурадалда пачалихъалъ хΙадур гьабизе ккола тΙубараб комплекс.

Интернет-сайтал къаялъул гурел масъалаби ругел, масъалаби руго интернет къачΙого хутΙизабун, гьеб тΙадеги рагьараблъун гьабун, гьелдаго цадахъ гΙадамазул ихтияразе сангарал лъечΙого, гьелдаса бугеб хΙинкъиялдаса цΙунизе ругьунлъизариялъул. Масъала буго гΙадамазул ихтияразе гΙорхъаби чΙезарулареб къагΙидаялда мурадазде щвеялъул."

Роскомнадзоралъ жидее нух къазе ракΙалда бугел интернеталдаса пайда босулезда ракΙалда буго жидерго сурсатал цΙунизе. «РакΙбацΙадал рищиязухъ» абураб оппозициялъул къокъаялъ итни къоялда цебелъей гьабулеб букΙана цензураялде данде Бухьеналъул министерлъиялъул минаялда цебе протесталъул акция тΙобитΙиялде.

Блогосфераялда цΙакъ жигарго гьоркьоб лъолеб буго гьеб къануналъ раккизаризе бегьулел проблемабазул.

ГΙемерисел блоггераз кΙвар буссинабулеб буго, гьедингΙан жигарго сайтал къазе багъарараб пачалихъалда «ГΙурусазул Брейвик» абун цΙар кьурав Москваялда ункъго чи чΙварав ва кΙигояв лъукΙарав Дмитрий Виноградовасул «В Контакте» абураб сайталда бугеб интерент- гьумер къазе гΙедегΙулебцин гьечΙеблъиялде. Гьесул гьумералда ругин инсанияталда рокъукълъи бижинабулел ахΙиялин, абулеб буго гьез.
XS
SM
MD
LG