Ссылки для упрощенного доступа

Рокъор тIокал, къватIир рихарал


2013 сон хIалтIул мигрантазе Россиялда букIана кIудиял захIмалъиязул ва хIинкъиязул сон. Социолог Лев Гудковасул рагIабазда, россиялда вугев 6 миллионгIанав хIалтIул мигрантал нахъе ани, улкаялда раккизе бегьула цIакъ кIудиял экономикиял проблемаби. Амма гьедин букIаниги, хIалтIул мигрантал Росиялда хIакъир гьарулел руго батIи-батIияб рахъаздасаян рикIкIунеб буго инсанасул ихтиярал цIунулез.

Экономикаялда проблемаби гIемерлъулел рукIиналъ, такъсирал гьариялъул хIинкъи ва миллатчилъиялъул бербалагьи цIикIкIунеб букIиналъ, Россиялда хIалтIул мигрантазул суал хутIулеб буго актуалияблъун. БатIи-батIиял политикиял ва социалиял хIужжабазул фоналда, чIечIого загьир гьарулел рукIана Централияб Азиялъул ва Кавказалъул улкабазул гражданазул депортация гьабизе кколин ва гьел улкабазулгун визабазул режим гIуцIизе кколин абурал пикраби.

Зама-заманалдаса гьединаб бербалагьиялъ рачунел рукIана зулмуялдеги. Гьединал ахирисел хIужжабазул цояб букIана октябралда азербайджаналъул гражданас Москваялда гIурусав чIванин лъазабун хадуб. Россиялъул тахшагьаралъул жанубияб рахъалда низам хвезабиялъул акталда гIахьаллъана гIадамазул кIудияб къадар.

Нью-Йоркалъул университеталъул профессор ва Россиялъулъул хIинкъигьечIолъиялъул суалазда сверун эксперт Марк Галеоттица абулеб буго, захIматаб заман бачIараб мехалда нилъ рукIунин гIайиб рехизе чагIи ралагьулелин.

Марк Галеотти: «БахIсал рижинарулареб хIужжа бугин ккола, захIматал экономикиял шартIал тIаде рачIунел мехалда, захIмалъиял раккулеб мехалда, гьелъул гIайиб рехизе чагIи ралагьулел гIадамал раккулеблъи. Буго гьединаб хIакъикъаталда пашманаб иронияги. Жалго мигрантал рикIкIинчIого, киназего пайда буго ахирисезул - рукIа гьел къватIисан, рукIа жанисан – учузаб хIалтIудасан. Цогидаб рахъалдаса балагьани, гьезде рокьукълъиялъул бербалагьи цIикIкIунеб буго».

«Левада-централъ» ноябралда гьабураб гьикъа-бакъиялъ бихьизабулеб буго, россиялъулазул 65 проценталъе улкаялда мигрантал дагьал рукIине бокьун букIин, 73 проценталъ рикIкIунеб буго мигрантазул депортация гьабуни лъикI букIинаанин.

Гьеб централъул бетIер Лев Гудковас абулеб буго, Россиялда вугин 6 миллионгIанав хIалтIул мигрантин ва гьел нахъе ани улкаялда захIматаб экономикияб кризис багъаризе бегьулин. Гьесулго рагIабазда миллатчилъиялъул бербалагьи цIикIкIин хурхараб буго социалиябгун экономикаялъул ва жамгIияталъул стагнациялъул ишара.

Нухмалъиялда ва оппозициялда ругел политиказ гIамал гьабулеб буго гьединаб милллатчилъиялъул бербалагьиялъул рахъ кквезе. Коррупциялде данде къеркьолев блогер ва оппозицияв политик Алексей Навальныяс ксенофобияб берблагьаиялъул гIадамал жиндирго рахъ ккуразул къадаралде гъорлъе руссинариялъул мурадалда гIамал гьабулеб букIана гьес абухъего «либералияб национализм» билъанхъизабизе.

КIвар кIудияб суал букIаниги, мигрантазда хурхараб политика Россиялда хисулеб гьечIо. Цо рахъалъан, нухмалъиялда бичIунеб буго, хIалтIизе бажарулеб россиялъул халкъ дагьлъулеб букIин, гьедин загьирлъулеб «хIалтIул кверазул» дефицит, къватIисан бачIунеб гIолохъанаб къуваталъ хисулеб букIин. Мигрантазул легализациялъ Россиялъе магъалабазул кIудияб къадар кьолеб букIинги гьезда бичIчIунеб буго. Амма мигрантазде данде бугеб квешаб берблагьиялъ, къанунал тIуразарунгутIиялъ ва балъгояб экономикаялъул, коорупциялъул кIудияб даражаялъ квербакъи гьабулеб буго статус-кво цIуниялъе.

2012 соналъул байбихьудаго россиялъул президент Владимир Путиница пачалихъиял идараби ва хъулухъчагIи ахIун рукIана мигрантазда хурхун «цивилизициялъулаб» политика билъанхъизабиялде. Гьелъул мурадги, президентасулго рагIабазда, букIана, къватIисел улкабаздаса хIалтIухъабазул регистрация гьаби, мигрантазул къадар котролалда гъоркь чIезаби ва гьел «лагълъиялдаса» ва коррупциялдаса цIуни. Амма хисараб жо бихьулеб гьечIин рикIкIунеб буго жалго мигрантазул гIацIабазги экспертазги.

Россиялъул мигрантазул цолъиялъул президент МохIамад Маджумдерица рикIкIунеб буго, Россиялда анлъго гуреб, I0-гIан миллион мигрант вугин ва гьезул 90-гIанаб проценталде гIунтIун чи улкаялда вугин легалиб гуреб къагидаялда.

Гьелъ мигрантал батIи-батIиял квешлъаби, шантаж ва зулму гьабиялъул рахъалъан рагьараллъун гьарулел рукIин гуребги, гьел руссинарулел руго балъгояб экономикаялъул рахъалдехунги. Гьелъин абуни, киналго мигрантал такъсирчилъиялъулъ къан ругин абураб жамгIияб пикру, щулалъизабулеб буго.

Россиялда легалиял мигрантазулцин руго кIудиял захIмалъаби. 39 сон барав узбекав Бек Тагьиров Россиялде вачIун вуго 2004 соналда. Тоцеве гьев хIалтIулев вукIун вуго складалда легалияб гуреб къагидаялда. Хадуб гьес киналго документал рукIалиде рачун руго ва гIарза кьун буго россиялъул гражданлъи гьарун.

Бек ТIагьиров: «Соналдаса соналде захIмалъулеб буго гIумру гьаниб. Цебе хIалтIи бигьаго балагьизе бегьулеб букIана. КиналгIаги документалцин къваригIунароан дуе. Жакъайин абуни, дуца цIезарула киналго кагътал, хадуб ахир-къадги нуж гуккизе бегьула. Кисса-кирего руго мун гуккиялъе гIемер-гIемр къагIидаби.»

Этникияб зулму цIикIкIунеб буго Россиялда, хасго чIахIиял шагьаразда. КъватIисел улкабаздаса рачIаразде данде гуребги, россиялъул гражданал кколел Шималияб Кавказалъул республикабаздаса рачIаразде дандеги.

Пугачев шагьаралда хаос багъарун букIана жахIда ккун чачаназул балукълъиялде вахинчIев васас рагъул хъулухъ гьабун вачIарав десанталъулав чIван хадуб. БакIалъулал гIадамал тIадекIанцана чачаназ гIумру гьабурал рукъазде. ГIамал гьабулеб букIана чачаназул кафе бухIизе. Гьез къана автомагистраль ва тIалаб гьабулеб букIана чачанал гьенисан нахъе къотIи.

Москваялда кIиго дагъистанияс полициялъулав вухун хадуб, низам цIунулез ккуна 1400 хIалтIул мигрант.

КигIан захIматаб ахIвал-хIал Россиялда букIаниги гIемерисезе бокьун гьечIо жидерго ватIаналде нахъ руссине. Таджикистаналдаса 22 сон барав Мирзо Къурбоновас абулеб буго жидер улкаялда ахIвал-хIал дагьалъги захIматаб бугин.

Мирзо Къурбонов: «БитIараб бицани, дие бокьун буго гьеб ситуациялдаса ворчIиялъе къагIидб ратизе. Таджикистаналда гьаниб бугелдасаги захIматаб буго ахIвал-хIал. Добаги кисса-кибего буго коррупция, кибниги гьечIо ритIухълъи. Щиб бугеб дир Таджикистаналда? ГьечIо я хIалтIи, я бечелъи.»
XS
SM
MD
LG