Ссылки для упрощенного доступа

Дагъистаналъул букIинеселда тIасан пикраби


Олег Орлов
Олег Орлов

16 июлалда Москваялда гьоркьор лъун рукIана Дагъистаналъул букIинеселда хурхарал суалал. ЦIадуцаги хвалчацаги хIасил кьоларин, ракълица гурониян абураб пикру загьир гьабуна гьениб.

Дагъистаналда билълъанхъизабизе байбихьараб цIияб политикиялъул хаслъи кинаб бугеб? Гьелъул тIоцересел хIасилазе къимат кинан кьелеб? Суфияздаги салафияздаги гьоркьоб рекъел хъван хадуб Дагъистаналда салафияздехун букIараб лъикIаб бербалагьи хисизабиялъ кинаб хIасил кьураб? Диниял гIуцIабазда гьоркьоб хадубккун рагIи дандеккей букIине рес бугищ? Ярагъги гIодоб лъун изну гьечIого яргъид гIуцIарал гIадамал ракълиде ахIулеб комиссиялъул къисмат кинабдай ккелеб?

ГIага-шагарго гьединал рукIана Дагъистаналда хурхун 16 июлалда Москваялда рорхарал суалал. ГьанжегIагар республикаялдаса тIадруссун рачIун ругоан гьеб гара-чIвариялда гIахьаллъарал цо-цоял. Масала, данделъиялда гIахьаллъана инсанасул ихтиярал цIунулел Олег Орловги, Екатерина Сокирянскаяги, «Новая газеталъул» журналист Ирина Гордиенкоги, ХIайдарил цIаралда бугеб Экономикияб Институталъул гIелмияв хIалтIухъан Константин Казенинги, гьединго Москваялда чIарав Дагъистаналдаса гIолохъанав гIалимчи Руслан Къурбановги.

Гьеб данделъиялда бицухъе, гьединго «Кавказский узел» агентлъиялъ гьабураб цIех-рехалда рекъон, Шималияб Кавказалда жаниб босани, бищун гIемер рагъулал тунка-гIусиял июнь моцIалъ Дагъистаналда ккун руго. Низам цIунулезулгун ккарал кьвагьа-гIанхъияздаги, хасал операцияздаги, цогидал хIужабазулъги чIван хун вуго 26 чи, лъукъун вуго 17 чи. Хадусеб бакIалда буго Чачан, лъабабилеб бакIалда – Кабардаялъулгун Балкария.

Дагъистаналда аслияб тунка-гIуси буго диниял дандеккунгутIабазда хурхараб. Гьединлъидал суфиялги салафиялги чара гьечIого ракълилал къотIи-къаязде руссине кколин абураб пикру загьир гьабуна Москваялда букIараб данделъиялда. Гьениб бицана дагьалъ цее туснахъ гьаюрай Буйнакскиялдаса инсанасул ихтиярал цIунулей Зарема Багьавудиновалъулги. Низам цIунулез абулеб буго гьелъ кумек гьабулин изну гьечIого яргъид гIуцIарал гIадамазе. Зарема Багьавудинова ккола салафияй, гьелъ цIунулаан салафиязул ихтияралги. Туснахъ гьайизе чанго къо хутIидал ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда Зарема Багьавудиновалъ бицун букIана суфияздасаги цIакъ дандеккунгутIаби жиндир низам цIунулезулгун ругилан.

Зарема Багьавудинова: «Дие лъикIаб букIинаанин юцIцIухIун чIани, яги гьелдасаги лъикI букIинаанин дица тIубан Дагъистанго толебаниян абуна дида низам цIунулез. Улка тун къватIие ине ккани, паспорт гьечIин абуна дица. Жидеца дуе гьеб кIиго къоялда жаниб кьелин абуна доз - гьебгиха цееккун туснахъалда йикIарай дие. 2005 соналда Буйнакскиялда амирлъун вукIана дир рос. Цинги диде кинаб букIаниги гIайиб гIунтIизабизе къваригIун букIун батилаха, Бесланалда гIадин школа кьвагьизабизе рагIулин дицаян, ячун жаний лъун йикIана дун гьеб соналъул хаслихъе. Буйнакскиялъул 10 школалъул директорасда хадусеб хъулухъ букIана дир. Дир росин абуни чIвана ноябралда. Амма гьев рохьов яги цогидаб бакIалда вахчун чIун вукIинчIо, нижеда цадахъ вукIана гIумру гьабун. Амнистияги лъазабун, тIаса лъугьун тун вукIана».

Амма цIадуцаги хвалчацаги гIадлу гьабуларин Дагъистаналда, тIадеги гьеб хIалуцинабун гурониян абуна 16 июлалда Москваялда тIобитIараб данделъиялда. Изну гьечIого яргъид гIуцIарал гIадамал ракълиде ахIулеб комиссияги хIажат бугин рикIкIана гьез. Рамазан ГIабдулатIипов республикаялде вачIаралдаса гьелъул хIалтIи чIезе тун букIана, щайин абуни, ракълиде гIадамал телекамерабиги тIаде речIчIизарун ахIуларин къватIире, гьелъ дагьалги нахъе цулин, гьез рахчаризе байбихьулин абун букIана ГIабдулатIиповас. Гьединго комиссия хIалтIулебгIан заманалда рохьоса къватIире рачIарал гIадамал дагь ругин, гьанже балъгого жидеца рачаралдасаянги абула республикаялъул тIалъиялъул вакилзабаз.

Гьединго ГIабдулатIиповасул политикаялъ хIасил кьолеб букIиналъеги мукIурлъана гьеб данделъиялъул гIахьалчагIи. Щайин абуни къойилго гIадин рачун жанир лъолел ругила 15 – 20 соналъ жидеда квер хъвазе кIолел рукIинчIел, ришватчилъиялъулъги такъсирчилъиялъулъги гъанкъарал хIакимзаби.

XS
SM
MD
LG