«Гринписалъул» гамаялда протесталъул акция тIобитIулеб мехалда рукIун руго Цолъарал штатаздаса, Британиялдаса, Франциялдаса, Италиялдаса, Украиналдаса, Канадаялдаса, ЦIияб Зеландиялдаса, Даниялдаса, Аргентинаялдаса , Нидерландаздаса, Австралиялдаса , Баразилиялдаса, Туркиялдаса, Финляндиялдаса, Польшаялдаса, Швециялдаса, Швейцариялдаса ва Россиялдаса активистал.
Экипажалде гъорлъе унев Британиялдаса инженер Йан Роджерсица абуна Мурманскалъул диваналъул процесс букIанин «къануназул пародияйин». Лъиданиги ккун букIинчIин, протесталъул акциялъул гьединаб квешаб финал букIинин, щайгурелъул Арктикаялъул шельфалда квер хъваялдаса дунялалъул климаталъе хIинкъи букIиналде кIвар буссинаби гурони, жидер киналгIаги батIиял масъалаби рукIинчIин. Жидедейин абуни, россиялъул къануналъ пиратчилъиялъул гIайиб гIунтIизабулеб бугин, лъазабун буго гьес диваналъ жиндирго хIукму загьир гьабун хадуб. «Известия» газеталъ лъазабулеб буго халкъазда гьоркьосел экологазул гамил россиялъ конфискация гьабизе рес бугин, гIорхъабазул режим хвезабиялъул гIайиб гIунтIизабунин. Акциялда гIахьаллъаразул цо-цоязе россиялъул къануназда рекъон, бихьизабизе бегьула туснахъалъул 15-ялде гIунIтун сон.
Щай гьединаб ахIи-хIур бахъинабураб Россиялъ гьединаб лъугьа-бахъиналда хурхун? Нижер программаялъул гьединаб суалалъе жаваб кьолаго, WWF, ай, ТIолабго дунялалъул гIалхул тIабигIаталъул фондалъул Нартгун газалъул секторалъул экологияб политикаялъул координатор Алексей Книжниковасги такрар гьаруна «Гринписалдаса» коллегабаз загьир гьарурал хIинкъиял.
Алексей Книжников: «Щай «Гринписалъ» ва цогидал улкаялъул экологиял гIуцIияз чанго соналъ борхизабулеб бугеб "Приразломная" проекталъул суал? Гьелъие жаваб кьезе захIматаб жо гуро. Гьез загьир гьарулел хIинкъиязда гъоркь буго хIакъаб кьучI. Гьеб акциялъул формат россиялъул букIарабгIан заманалда, гьеб компаниялъул ва пачалихъиял структурабазул рес букIана ситуация жидерго контролалда гъоркь чIезабизе. Амма индустрия, Арктикаялалда нарт бахъиялъе хIаракат бахъулел хIукуматалъул структураби ва компанияби хIадурал гьечIеблъи бихьизабун, "Гринписалъ" халкъазда гьоркьосеб даражаялда гьелде кIвар буссинабизе байбихьараб мехалда, гьеб кIудияб проблемалъун лъугьана компаниялъе, гьениб нарт бахъизе изну кьурал гIуцIиязе.
Нижее баянаб жо ккола арктикияб проект тIолабго дунялалъул тIабигIаталъе, климаталъе хIинкъи бугеб проект букIин. Гьеб бихьулеб гьечIо бокьараб къагIидаялда тIабигIиял сурсатал жидехъе щвезе бокьарал рахъазда.»
Книжниковасул пикруялда пачалихъалъе жиндирго галабаздаса гIагсаб хIасил щвана.
Алексей Книжников: «Нарт бахъулеб платформаялде рахине риччангутIиялъеян абун хIалтIизарурал къагIидабаз экологазе гуребги, жибго пачалихъалъул къадруялъеги зарал кезабулеб буго. Гьениб нарт бахъизе бокьаразе къваригIун букIаралдаса гIагсаб эффект загьирлъана гьениб. Гьединаб хачIаб согIаб хьвада-чIвадиялъ тIадеги кIудияб кIвар буссинабуна гьениб бугеб хIинкъиялде. Цогидаб рахъалдаса балагьани, нилъееги цойги нухалъ рес щвана, щай "Гринписалъ" ва цогидал хIукуматалъул гурел гIуцIияз гьедигIан кIудияб ургъел загьир гьабулеб бугебали гьеб проекталда хурхун бицине.»
«Гринпис» гIуцIиялъул россиялъул бутIаялдаса эксперт Антон Бенеславскиясул ракΙ чIараб буго жидер активистазде данде гьединал къвакIарал тадбирал, хаду-хадуб экологаз арктикияб проект гIумруялде бахъинабизе квал-квал гьабунгутIиялде ишан босун тIоритIун рукIиналда.
Антон Бенеславский: «Дир ракI чIараб гьечIо гьеб цо, кIиго, лъабго чиясул хIукму букIиналда. Гьеб букIине бегьула кIудиял хъулухъазул жидерго интересал ругел гIадамазул гIуралъ кIудияб къадаралъул адекватияб гуреб реакциялъул хIасил. Кин балагьаниги, лъица гьеб багъаризабун батаниги, гьединаб хъачIаб жавабалда гъоркь гьечIо кинабгIаги къанунияб кьучI ва гьеб ккола «Гринписалъул», гьелда релъарал цогидал гIуцIабазул хIалтIухъабиги, хIаракатчагIиги хIинкъизаризе гьабураб хIалбихьи. Гьелъул мурадаги ккола арктикаялъул шельфалда нарт бахъиялде данде нижер протесталъул акцияби хаду-хадуб риччангутIи.»
Бенеславскияс абулеб буго цереги «Гринписалъул» хIаракатчагIазул дунялалъул батIи-батIиял бакIазда арест гьабулеб букIанин, диваназда цереги гьел чIезарулел рукIанин. Амма гьединал цидахарал гIайибал киданиги гIунтIизарун рукIинчIин.
Антон Бенеславский: «Аресталги, диваналъул процессалги цереги рукIана. Амма нижер практикаялда киданиги букIинчIо, гьедигIанго кьучI гьечIел гIайибал гIунтIизариялъул хIужжаби. Гьеб цо босани. КIиабизеги, киданиги букIинчIо гьединал ситуациязда гьедигIанго агрессиявиял къагIидаби.
Гьединал ситуациязда нижер хIаракатчагIаз пуланаб къанун хвезабун букIарабани, нижеца щибниги абизе букIинчIо. Нижер активистазул нагагь-нагагъ рукIуна низам хвезабиялъул гIиси-бикIинал хIужжаби, гьебги щиб административияб хасияталъул. Чанги гьединал гIайибал гIунтIизарулел мехалда, диваназ рахъ ккола нижер активистазул. Мисалалъе, Британиялдаги Голландиялдаги диваназ Гринписалъ халкъазда гьоркьосеб жамгIияталъул кIвар жинде буссинабулеб букIараб хIакъикъат рикIкIана гIеме-гIемер нухалъ хIинкъи бугеблъун, гьелъул хIаракатчагIаз жидерго акция тIобитIулеб мехалда гьарурал низам хвезабиялъул гIисинал хIужжабаздаса.
РукIана гIакIаби лъеялъул хIужаби. Дица абила нижер политика буго гьадинаб. ГIунтIизарулел гIайибазда гъоркь далилал ругони ва гьел рутIухъал ругони, ниж гьелъие мукIурлъула. Гьебги щиб гьединаб рискалде цо-цо нухалъ ниж уна ургъунгоги. Гьаб лъугьа-бахъиналда загьирлъулеб буго Гринписалъул хIаракатчагIазда бан пачалихъалъул цIакъ агрессияивяб хьвада-чIвади.»
Гьеб хьвада-чIвади къануналде данде кколеб букIанин рикIкIунеб буго Россиялъул президент Владимир Путиница. Салехард шагьаралда тIобитIараб халкъазда гьоркьосеб арктикияб форумалда гьес лъазабуна:
Владимир Путин: «Баянаб жо ккола, гьел гIадамаз халкъазда гьоркьосел къануназул нормаби хвезарун рукIин. Гьел платформаялде хIинкъи бугеб манзилалъ рачIун рукIун руго».
Amnesty International абураб халкъазда гьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул россиялъул вакиллъиялъул бетIер Сергей Никитин тамашалъуле вуго россиялъул рахъалъ кинабгIаги ярагъ цадахъ букIинчIел экологиял хIаракатчагIазде пиратчилъиялъул гIайибал гIунтIизарулел рукIиналда бан.
Сергей Никитин: «Пиратчилъиялъул гIайиб ккола гьечIеб бакIалда ургъараб ва гьелъул кинабгIаги юридикияб кьучIги гьечIо. Нижеца россиялъул нухмалъи ахIулеб буго, ракълилаб протест загьир гьабиялъул ихтияр бугел "Гринпис" гIуцIиялъул активистаздазде гьединаб гIайиб гIунтIизабиялдаса инкар гьабиялде. Нижеца кIвар буссинабулеб буго, Арктикаялда нарт бахъиялде данде рахъарал гIадамазухъ кинабгIаги ярагъ букIинчIеблъиялде.»
Амма, гьебго арктикияб форумалда Путиница жинцагоги абун букIана гьел гIадамал пиратал кколарин.
Владимир Путин: «Узухъда, гьел приратал кколаро. Амма формалияб къагIидаялда гьез хIалбихьулеб букIана платформа бахъизе. Цингиги, нижер низам цIунул идарабазада, нижер гIорхъаби цIунулезда лъалеб букIинчIо Гринписалъул гIуцIи хIисабалда лъица платформа бахъизе хIалбихьулеб букIарабали».
Президентасул гьединаб лъазаби, жидее цIакъ кIвар кIудияблъун ва хьулал рижинарулеблъун бихьун букIанин абулеб буго WWFалъул вакил Книжниковас.
Алексей Книжников: «Нижее гьеб цIакI кIвар кIудияб комментарийлъун бихьун букIана. Щайгурелъул пачалихъалъул тIоцевесев хъулухъчияс гьедин ситуациялъе къимат кьолеб бугони, нижеда кколеб букIана, ЦIех-рехалъул комитеталде гьелъул асар букIине бегьулин. Нижер унгоги хьул баккана, гьеб идараялъ гьединаб пиратчилъиялъул статья хIалтIизабичIого теялъул. Амма гьанже ахIвал-хIалалда сверун загьирлъулеб буго ракIалъе гIолареб сценарий. Гьанже къигогIан къоялъ цебе букIараб оптимизмалъе багьанаби дагьлъулел руго. Мурманскалда букIараб диваналъул процессалда киназегогIадин бихьизабуна кIиго моцIалъул арест. ГIадада гуро Гринписалъул планалда ругел тIолабго дунялалда гьединаб хIукмуялде данде протесталъул акцияби тIоритIи.»
Жакъа Гриписалда сверун лъугьа-бахъунеб кIудияб кIвар буссинабулеб буго дунялалдаго. Амма хасаб кIвар буссинабун буго, хIалтIи гьабулеб мехалда Гринписалъул хIаракатчагIигун цадахъго кIиго моцIалъ аресталде гъоркье восарав суратал рахъулев Денис Синяковасде. Халкъазда гьоркьосеб «ГIорхъаби лъалареб журналистал» абураб гIуцIиялъ Синяков аресталде гъоркье воси лъазабуна информация тIибатIизабиялъе эркенлъи хвезабилъун ва тIалаб гьабуна гьев эркен гьави. Бенеславскияс абулеб буго, жидер пиша цоял тамихIалде гъоркье цIазе гIамал гьабулел гIадамазул хьвда-чIвади бугин нахъе-цебе балагьичIебин.
Антон Бенеславский: «Лъугьа-бахъунелда жаниб логикаялда рекъон хIакъикъат балагьизе магIна гьечIо. Гьеб ккола матIуялъул цогидаб рахъалда лъугьа-бахъунеб гIадаб жо, гьеб киналъулго кинабгIаги хурхенги гьечIо цIодораб логикаялъулгун. Штампазул гIайибал гIунтIизарулел гIадамаз щив Синяков вугевали лъазецин гьабун гьечIо. Гьесдаги хутIарал гIадамаздаги гьоркьоб кинабгIаги батIалъицин гьезда бихьун гьечIо. Гьез гIадахъцин босун жиндирго хIалтIуда вугев журналистасул ихтиярал хвезарулел рукIин. Гьез гIунтIизарулел кинабгIаги кьучΙ, магIна гьечIел гIайибазде балагьун, гьезул цогIацияс киналгIаги пикраби гьарун рукIин бихьулебцин гьечIо.»
Денис Синяковасул рахъ ккун Москваялда Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул минаялда цебеги пикет гIуцIун букIун буго журналистаз.
Кин дуда кколеб, экологиял хIаракатчагIазе тамихΙ гьабиялъул нухалда кигIан дорегIан ине бегьулел россиялъул низам цIунулел? Бугищ гьеб ишалда позитивияб сценариялъе бакΙ?
Антон Бенеславский: «АхIвал-хIал бищунго пашманаб къагIидаялда рагIалде бахъине бегьиялъул сценарий нижеца нахъе рехулеб гьечIо. Дица бицен гьабулеб буго гьел I2-I5 соназ туснахъазде рехиялъул мурадалда пиратчилъиялъул гIайиб гIунтIизабизе, гIайибиял рукIин рикIкIине бегьиялъул. Ниж хIадурал руго ахIвал-хIал бищунго ракIалъе гIолареб сценариялда рекъон загьирлъизе бегьиялде. Гьай-гьай бокьараб гьединаб хIукмуялда хурхун нижеца гIаразаби кьезе руго Европаялъул инсанасул ихтиярал цIуниялъул диваналде. Ай, нижеца гьеб кинабго гьедин тезе гьечIо.»
Рузман къоялда Greenpeace International гIуцIиялъул ишал тIуразарулев директор Куми Найдул рагIабазда, тIолабго дунялалда 500 азарго чияс къагътал хъван руго жидерго хитIабал россиялъул вакллъиязде Гринписалъул хIаракатчагIи эркен гьари тIалаб гьабун. Экологиял гIуцIиязул вакильзабаз лъазабулеб буго, россиялъул нухмалъиялъ гринписалъул вакильзаби эркен гьаричIони, дунялалда гьезул рахъ ккун акцияб тIадеги гIемерлъизе бегьулин. Кинабха бугеб реакция лъугьа-бахъаралда сверун россиялъул жамгIияталда? Гьединаб суалалъе жаваб кьолаго Книжниковас кIвар буссинабуна, россиялъул бугеб хаслъхиялде. Россиялда демократиялъул даража цикIкараб букIарабаниян абулеб буго гьес, гьединаб хIужжа загьирлъичIого хутIизеги бегьулеб букIанин.
Алексей Книжников: «Гьаниб буго жиндирго хаслъи. ГIаммаб къагIидаялда гьединаб жамгIияб багъа-башари, хIукуматалъул гурел гIуцIиял Россиялъе цIияб гIадаб хIакъикъат ккола. Хасго Европаялде, Америкаялде дандеккун. Гьединал демократиял къагIидаби нилъехъ гьанже-гьанже байбихьулел ругин абизе бегьула, гьезде дандеккун. ГIаммаб къагIидаялда босани, жамгIияталъ гьеб хIаракатчилъиялъул абизегIанго рахъ кколеб гьечIо. Цингиги Гринписалъул хIалтIиялде данде цакъ къуватаб пропагандаги унеб буго. Дида ккола, лъугьа-бахъунелда сверуннилъер жамгIият гIага-шагарго бащад бикьун бугин».