Гьал къоязда пачалихъияб Думаялъул депутатал Иван Сухаревас ва Антон Ищенкоца Россиялъул къануналъул 286 бутIаялде тIаде журазе хиса-басиял хIадурун руго. Гьеб цебеххун рехсараб къануналъул бутIаялда рекъон жиндирго хъулухъалдаса букIине кколелдаса цIикIкIун пайда босиялъухъ чи тамихIалде цIала. Депутатаз лъазабулеб буго гьеб бутIа хвезабиялъухъ тамихI дагьабги кьварараб букIине кколин, хIатта гIумруялъго туснахъ гьаризегицин кколин гьеб хвезабурал чагIийин рикIкIунеб буго гьез. Сухаревас ва Иващенкоца абулеб буго гьеб къанун кьваризабизе тIалаб гьабиялъе аслияб гIиллалъун кканила туснахъазда ругел яги кинаб букIаниги такъсиргьабиялда щаклъи букIун ккурал чагIи рухулел, гьезие гIазаб кьолел хIужжаби Россиялда гIемерлъулел рукIин, амма гьеб ишалъул гIайибиязе букIине кколеб тамихI гьабунгутIи. Иван Сухаеревас абулеб буго гьеб къануналъул бутIа хвезабиялда рекъон тIад такъсиргьабиялъул иш гьабуразул 80% бигьаяб тамихIги гьабур рорчIулел ругила. Гьезул цIикIкIунисезе гьабулеб тамихIги гIадлуги шартI бихьизабураб тамихIалде цIцIан яги цIцIараб заманалъ хIукуматалъе чIобого хIалтIизеги тIамиялда лъугIулеб буго. ДиванчагIаз тукадаса хисиряб вискиялъул шиша бикъарав чи туснахъалда жанив тIамулев вугила, гьенир тIамур ругезе гIакъуба кьолел рукIарал эркенго толел ругила. Гьеб къанун кьваризабиялъ гьел чагIазе букIине кколеб кьварараб тамихI гьабизе тIамизе ругила диванчагIи, тIокIаб гьез жидерго чагIийин абун гIадамазе гIазаб кьолел рукIарал низамцIунулезе санагIалъаби гьаризе гьечIилан, рикIкIунеб буго депутатас.
Халкъазда гьоркьосел инсанасул ихтиярал цIунулел идарабазул баяназда рекъон Россиялъул туснахъал рехсолел руго бищунго инсанасул ихтиярал хвезарулезда гьоркьор. Дуняналда бищун вахIшиял туснахъазда гьоркьо рикIкIунел Россиялъул Владимирский централ ва Бутырка туснахъал. Инсанасул ихтиярал хвезариялъул рахъалъ Дагъистаналъул туснахъалги цебесеб кьерда ругин рикIкIунеб буго адвокат Исрафил Гададовас.
«Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда гьес бицана Дагъистаналда туснахъалда тIамуразе гIазаб кьеялъухъ низамцIунулел тамихIалде цIаялъул цониги хIужжа лъаларила жиндидайилан.
Гададов Исрафил: «Низам цIунулез, туснахъалда тIамун ругел яги такъсир гьабиялда щаклъи букIун ккурал, чагIи рухиялъул хIужжабазул 80% халцин гьабуларо диваналъги, хасал идарабазги. Гьел киналго руго цоцада рухьарал чагIи, цоцазе санагIалъабиги гьаричIого толаро гьез. Дица ихтиярал цIунулезул киналгогIадин рухун рукIанин низамцIунулезилан абизе кIола. Гьездаса аслияб къагIидаялъ тIалаб гьабулеб букIуна кинаб букIаниги такъсир жидедаго тIаде босизе, яги цониги чиясде гIайиб гIунтIизабулел гьереси баянал кьезе. Гьев вухарав чиясул къаркъалаялда хъахIиллъаби рукIа яги биречарал бакIал рукIа, яги цойгидал гьесда кьабиялъул лъалкIал ругониги адвокатасухъ гIинтIамулев чи вукIунаро. Гьезда хурхун экспертиза гьабейи тIалаб гьабуни гьебги хIисабалде босуларо диванчагIаз, щиб багьана батунги нахъчIвала. Гьел туснахъ гьарурал рухарал чагIиги щалали чIезабун бажаруларо, гьезул киналго гьурмазда маскабиги ххун рукIуна. Дагъистаналда экстремизмалде данде рагъбалеб бугиб абунги бокьа-бокьараб гьабизе рес щун буго гьел хасал идарабазул хIалтIухъабазе. Гьеб ахIиялда гъоркь жидеего бокьараб нухги балагьула гьез. Владимир Путиница гьел экстремистал ратани хIажатханаялъургицин чIвайин лъазабун бугила, пачалихъго гьезде данде къеркьелеб бугин абун жидецаго гьабулебщинаб битIараб бугин чIезабизе лъугьуна гьел».
Гьединго Исрафилица лъазабуна жиндирго хъулухъалдаса цIикIкIун пайда босиялъухъ тамихI кьваризабунин абун Дагъистаналда туснахъазда лъикIаб рахъалдехун хиса-баси ккеялда жиндир божилъи гьечIилан. Республикаялда кинабго къуваталъул идарабазул системаго цоцада бухьун, цоцаца ккун бугила, гьез гьеб хисизабизеги биччаларила.
Россиялъул туснахъазда бугеб ахIвал-хIалалда хадуб халкколеб жамгIияб комиссиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул нухмалъулев Айгумов ХIасаница «Эркенлъи» радиоялъе бицана, Дагъистаналда тусахъалда ругел рухиялда щаклъи букIун чанго чиясда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьун букIанила, амма гьеб цохIонигияб жеги рагIалде бахъун гьечIилан.
ХIасан Айгумов: «Гъоркьисала туснахъазда тIамурал рухиялда бан полициялъул 6 хIалтIухъанасда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьун букIана. Рагьун рукIаниги щибха гьел гьезул цохIонигияб жеги рагIалде бахъун гьечIеб мехалда. Гьединал баянал кьун рукIана республикаялъул къуваталъул идарабазул коллегиялда Дагъистаналъул жанисел ишазул министр ГIабдурашид МухIамадовас. Гьес рагьун абуна жидер кьеразулъги ругила гьединал гIакълу гьечIел гIадамал, гьез хIалтIизарун ратулила гьел къануналде данде кколарел къагIидабиги. Гьединал хIужжаби тIагIинаризе кколин лъазабун букIана гьес. Дида лъала гъоркьисала гьедин жидерго хъулухъалдаса цIикIкIун пайда босиялъухъ ва цойгидал хIалтIул къагIидаби хвезариялъухъ 20ниги полициялъулав хIалтIудаса нахъе реххун вукIаравлъи».
Айгумовас гьединго абуна туснахъазда бугеб гIохъолъа араб ахIвал-хIал халат бахъунеб букIиналъул гIайиб жалго жанир тIамураздаги бугила. Гьез ва гьезул гIагарлъиялъ хIинкъун гьединал хIужаби къватIире лъазаруларила, щибаб гьединаб лъугьа-бахъиналда хурхун ахIи-хIур бахъинабулеб букIрабани гьезул къадар дагьлъизе бегьулаанилан рикIкIунеб буго жамагIатчияс.