Ссылки для упрощенного доступа

Цоцаде мугъал жалго цIуниялъе гурони руссинаризе кколаро...


Россиялде хьвадулел гуржияз визабазул режим бигьалъизабизе бегьиялъулъул хIакъалъулъ лъазабуна Россиялъул президент Владимир Путиница. Гьабулищ гьединаб галиялъ кумек 2008 соналда риххарал рахъазаул гьоркьорлъаби рукIалиде рачинеалъе?

Информалатаз лъазабулеб буго Россиялъул талъиялъ гьабураб лъазабиялдаса гуржиял рохханин, амма Евроцолъиялъ загьир гьарурал гьелдаго релъарал планаз гьел гьелдасанги цIцIикIкIун рохизарунин.

Гуржиялъа политолог Торнике Шарашенидзеца абулеб буго, гьеб лъазабиялъ гуржиязул аслияб бутIа бицунхъего боххизабичIин. Гьанже Россия цебе гIадин гуржиязе къваригIун гьечIин, хасго гIолохъабазейин. Россиялъ бижинабураб рагъалда хадуб, гIолохъабаз цIалул яги хIалтIул бакI хIисабалда жакъа бищулеб бугин Европаги Америкагиян, жубалеб буго гьес.

Торнике Шарашенидзе: «БитIараб бицани, дида ккун букIинчIо визабазда хурхараб Евроцолъиялъул хIукмуялъ гуржиялъ гьединаб кIудияб энтузиазм бижинабилин, дун гьелъ тамашалъиавуна. Гьелдаго цадахъ дида ккун букIинчIо Путинил лъазаби гIадамаз гьединаб тохаб, чIамучIабго гIадаб къагIидаялда къабул гьабилин.

ГIемер заман ана, гьанже гуржиязул пикруялъулъ Россия цIакъ дагьаб хутIун буго. Бизнес яги гIагарал Россиялда ругез, гьединаб режим гьечIеб мехалдаги кинабалиго къагIидаялда ралагьула гьел визаби ва къваригIараб мехалда хьвадула гьенире. ГIолохъанаб гIелин абуни, жакъа аслияб къагIидаялда гIурус мацIалда кIалъаларо, гьезие Россия къваригIунги гьечIо гьанже».

Шарашенидзеца абулеб буго, Москваялъ Тбилисиялде данде агрессивияб хьвада-чIвади билъанхъизабун хадуб, жидер вино, мандаринал ва цогидаб продукция Россиялде баччизе рес къотIизабунин. Амма даран тIубанго гьоркьоб къотIичIин. Гуржиязулгун дармил бухьеназде ругьунлъарал Россиялъул партнераз гьеб продукция жидецаго гьанисан босулин бугин гьанжегицийин.

Торнике Шарашенидзе: «У, нижеразулъ букIана гьадинаб миф, Россиялъул базар нижее рагьани, гуржиязул экономика тIегьазе батилин абураб. Лъабго гIанаб сон лъугIана Россиялъ жиндирго базар нижее рагьун хадуб. ЛъугьинчIо щибниги, хисичIо щибниги. Цингиги жакъа жибго Россиялдаги загьирлъулеб буго экономикияб кризисги.

«Коммерсант» басмаялъул рукъалъул вакил ва журналист Иван Суховас абулеб буго, Россиялъ гуржиязе визабазул режим бигьалъизаби лъазабиялъул асар кIудияб букIине гьечIин.

Иван Сухов: Узухъда, Россиялъулги Гуржиязулги рахъазда визабазул суал бихьулеб букIана кIиябго рахъазул хIалуцарал гьоркьорлъаби дагьалъ гIаги хинлъизариялъул гали хIисабалда. У, «Гуржиязул анищал» багъа-башари баккун хадуб, гьоркьорлъаби хинлъиялъул процесс байбихьана, хасго улкабазда гьоркьоб авиаресал цIилъизарун ва цогидал гIисинал кIиябго рахъалъе пайдаял тадбирал тIоритIун хадуб. Амма дида бичIунаро, кин гьел гьоркьорлъаби тIадеги церетIезе ругелали, улкабазда гьоркьор дипломатияб бухьенцин гьечIеб мехалда. ХIакъикъаталдайин абуни, мурадалде щвезе ккани, бицен гьабизе кколеб букIана визабазул режим гуржиязе тамахлъизабиялъул гуреб, визаби къваригIунареб режим хIалтIизе биччаялъул.

Сундеха цинги Россиялъ гьединал лъазабиял гьарулел ругел? Гьел гьарулел ругин, ккола дида, мадугьалзабазулгун гьоркьорлъаби рукIалиде руссинариялъе Россиялъ кIудияб хIаракат бахъулеб бугин, Россия ракълилаб улка бугин халкъаздагьоркьосеб жамгIияталда бихьизабиялъул мурадалдайин».

ХIакъикъаталдагийин, абулеб буго Шарашенидзеца, гуржиязул тIалъиялъеги бокьун букIине ккола, жиндирго мадугьалихъ жиндаса хIинкъи гьечIеб улка букIине. Гьоркьорлъаби ракълилал рахъалде руссарабгIан, гьезулги ракIалги гIодоре риччалаанин, амма Тбилисиялдаса 40 километраялъул манзилалда Россиялъул рагъулаб база бугеб мехалда, жидер рахъ Москваялъул хьвада-чIвадиялда божун букIиналъе бакIго хутIулеб гьечIин, хасго чанго соналъ цебе букIараб ракIалодеги босунин, жубалеб буго Шарашенидзеца.

Суховасул пикруялда, Россиялъулги Гуржиялъулги гьоркьорлъаби лъакIлъиялъул максимум буго жакъа. ТIокIаб тIаде гьелул даражабахиналъе кинал гIаги шартIалги гьечIин. ГIагарисеб заманалда гьел рукIиналъеги багьанаби раккиялъул хьулалги хутIулел гьечIин. Гьебин кколин гуржиязул тIаде бачIунел гIелалъул пагьмуялда Россия квешаб мадугьал хIисабалда щулалъизе бугин абурабин, рикIкIунеб буго экспертас.

XS
SM
MD
LG