Ссылки для упрощенного доступа

Д. Медведев: "Нилъ хIадурал рукIине ккола захIматаб заманалде"


Гьаб анкьалда Москваялда «ХIайдарил экономикияб форумалда» Россиялъул премьер-министр Дмитрий Медведевас россиялъулал ахIана захIмалъиязде хIадурун рукIиналде ва ресазда балагьун гIумру гьабиялде.

Дмитрий Медведев: «Нартил багьа хадубги гъоркье унеб бугони, бюджеталъул параметраби мухIканлъизаризе ккезе руго. ХIадурлъизе ккола бищунго квешаб сценариялде, цогидал улкабаздаго гIадин».

Бюджеталъул минимум 10 проценталъул сиквесторалъул хIукму гьабуна хIукуматалъ дагьалъ цебе.

Премьерас гьединго гIадамал ахIана кризисалъул заманалда ресазда рекъон гIумру гьабиялде. Медведевасул рагIабазда, рукъа-рахъиналъул сфераялда гуребги, гьеб хъвалеб буго бюджеталдаса хвезабизе ракIалда букIараб гIарцил къадар дагьлъизабиялдаги, пачалихъиял активазул бутIаялъул приватизация гьабиялдаги.

Россиялъул хIукуматалъул «2016 соналъул приватизациялъул амбицияби кIудиял план» букIиналъул хIакъалъулъ форумалъул кулуаразда тасдикъ гьабун буго гьединго вице-премьер Игорь Шуваловасги.

Экспертаз кIвар буссинабулеб буго, Россиялъул тIалъиялъ экономия гьабиялде халкъ тIоцебесеб нухалда ахIулеб букIиналде. Гьелда цебе, довго Медведевасги президент Путиницаги гIадамазде ракI чIун абулеб букIана, улкаялда ахIвал-хIал кватIичIого рукIалиде буссине бугин.

Москваялъулги тIолабго Русалъулги Патриарх Кириллицацин дагьалъ цебе россиялъулал ахIулел рукIана экономикияб захIмалъабазе гIоло ракI къварид гьарун рукIунгутIиялде ва лъазабуна, улкаялда кинаб гIаги трагедия загьирлъулеб гьечIин.

Амма Россиялъул президент Владимир Путинил ахирисел каламазде гIенеккун патриархасул рагIабаз оптимизм абизегIанго бижинабулеб гьечIо.

Владимир Путин: «Бокьун буго кIвар буссинабизе базаралда хисулеб ахIвал-хIалалде. Дида лъала хIукмуаталъ гьанже гьеб хIалалъул анализ гьабизе байбихьун букIин. КIвар буссинабулеб буго гьеб суал цIакъ кIвар кIудияб букIиналде. Нилъ хIадурал рукIине ккола ахIвал-хIалалъул бокьараб вариянталде. Гьеб кколаро нилъеца кинабго жо цинтIаго хисизабизе кколин абураб. Амма такрар гьабулеб буго, нилъ хIадурал рукIине ккола ахIвал-хIалалъул бокьараб сценариялде».

Медведевас гьединго абуна, «бищунго аслияб ва бищунго нилъее кIвар кIудияб жо кколин гIадамазе щолеб пайдаялъул даража гIодобе кколеб букIинин». Гьеб темаялдаги улкаялъул нухмалъи цебе хъвалеб букIинчIо.

Медведев мукIурлъана гражданал мискIинлъулел рукIиналъе, гьоркьохъеб классалъе зарал кколеб букIиналъе ва цебесеб соналъ щвезабураб экономикияб кьабиялдаса бищунго квешаб хIасил букIиналъе.

Экономикияб форумалда «Гражданиял инициативабазул комитеталъул» бетIер Алексей Кудриницаги лъазабуна, Россиялда мискIиназул къадар бихьулеб къагIидаялда цIикIкIунеб бугин.

Алексей Кудрин: «Нилъеда бихьулеб буго мискIиназул къадар цIикIкIунеб букIин. Гьебги щиб цIакъ хехаб къагIидаялда цIикIкIунеб букIин. Гьединаб жо букIинчIо 2008-2009 соназул кризисалъул заманалда».

Премьер-министрас рагIи кьуна экономика цIебетIезабиялъул ва гIадамазул гIумрудул даража гIодобе ккеялъул тенденция гIагсаб рахъалде буссинабиялъе тадбирал тIоритIизе.

Дмитрий Медведев: «Амма гьоркьохъеб классалъе гьаниб гьечIо хьулал лъезе щибниги: кумек гьабизе буго гIицIго бищунго социалияб рахъалдаса цIуничIел, пачалихъалъул квербакъи гурони жидее хутIичIел гIадамазе».

Россиялъул финансазул министр Антон Силуановас кIвар буссинабуна, бюджеталда хиса-басиял гьарунгутIиялъул хIинкъиязул хIакъалъулъ.

Антон Силуанов: «Нилъер гьанжесеб масъала ккола бюджет хIакъикъаталде данде кколеб къагIидаялде бачин. Гьеб нилъеца гьабичIони, лъугьине буго 1998-1999 соназда ккараб. ЦIиял реалиязде балагьун бюджеталда хиса-басиял гьаричIого тани, загьирлъулеб инфлияциялъухъ, халкъалъ кьезе ккезе буго жидерго гIарац».

XS
SM
MD
LG