Депутатазул пикруялда рекъон гьеб къануналъ рес кьезе бегьула ришватчилъиялъул ва бакIал такъсиразул мухIканаб хIакъикъат бакIарулел информалатазул вакилзабазул гIумру цIуна-къараблъун букIине.
Къанун къуваталде лъугьани гьелда рекъон къвакIизабизе буго прессаялъул вкаилазабазул гIумруялде квер борхарал чIагIазе гьабулеб тамихI. Гьедин мисалалъе журналистазде данде къуват хIалтIизабураб, ялъуни гьесие хIинкъи кьеялъул хIужа тIатинабуни такъсирчиясда тIад къотIизе рагIула 200 азарго гъурущ гIакIадул. ХIакъикъияб къагIидаялъ гьесул сахлъияле зарал гьабураб ва гьесда тIад хIал гьабураб хIужа бугони такъсирчи 10 соналъ эркенлъиялдаса махIрум гьавизе вугилан хъвалеб буго рехсараб къануналъул хIакъалъулъ кьураб баяналда.
Россия хIакъикъаталдаги рикIкIуна журналистазул гIумруялъе хIинкъи цIикIкIараб пачалихълъун. Соналдаса соналде гIадин цIикIкунел руго информалаталъул вакилзаби кьабурал, ялъуни гьел гIумруялдаса ратIалъиялъул хIужаби. ИчIабилеб июлалда Дагъистаналда чIван «Новое Дело» басмаялъул нухмалъулев хисулев АхIмаданаби АхIмаданабиев. Гьесде щвезегIан Дагъистаналда чIварал журналистазул сияхIалда гьев вуго 17абилеб бакIалда, жегиги рагьун гьечIо гьесда цере гIумруялдаса ратIалъарал гьесул пишацоял чIваялъул такъсиралги.
Гьанже цIияб къануналъ рес кьеладайха журналистазул хIалтIи ва гIумру парахатаб букIине? Гьеб суалалда тIасан гара-чIари гьабуна «Эркенлъи» радиоялъ батIи-батIиял информ.алатазул вакилзабигун
Журналистазул гIумру цIунизе гьеб къануналъ кIудиб пайда кьеларин, амма гьелъ журналистазул хIалтIул бугеб кIвар цIикIкIинабизе бегьулилан рикIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчи, «Дагъистаниял» абураб газеталъул бетIерав редактор ГъазимухIамадов ГIалисултаница.
Жакъа журналист чIванилан абун гьелъухъ тамихI цIикIкIинабиялъулъ гурин иш бугеб, иш бугин гьев журналистас жиндирго макъалаялда борхараб цIакъаго актуалияблъун лъугьараб суалалда хIукумталъул идарабаз букIине кколедухъ къимат кьеялъулъ бугилан абуна гьес хадубги.
ГIалисултанов ГъазимухIамад: «ГIадамазулалда релълъараб яшавги гIумруги букIинелъун журналистал хIажаталлъун кколел руго чанго батIиял басмаялдаги хIалтIун жидеего гIарац балагьизе. Амма гьесул хIалтIул къимат гьечIо я халкъалда, я хIакимзабазда гьоркьоб. Гьел цIиял рахъарал къануназги щибниги хисизе гьечIо гьесул гIумруялда жаниб».
ГIажаибаб жо гьабизехъин бугин гьеб къанун хIадурулел чагIаз, Уголовияб кодексалда гьадинги ругин журналистазул гIумруялде квер борхарал чагIазе тамихI къвакIизабизе кколин бихьизаарурал бакIал, ва гьеб гуребги щайин гьеб къанун хас гьабун журналистасул гIумру цIуниялъе абун хIадуризе кколебилан гьикъулеб буго «Новая Газета» басмаялъул шеф редактор Сергей Соколовас. Мисалалъе цо къотIнор рукIаго журналистасдеги инсанасул ихтиярал цIунулесдеги цадахъ гьабунин тIадекIанци, гьа, гьеб мехалъ инсанасул ихтиярал цIунулев кисаб бакIалдасайин къадарав вугев журналистасдаса цохIо дов цоясул гIумруялъе хIинкъи бугеб такъсир гьабунилан гьев цIунизе кканиян гьикъулеб буго экспертас.
Жидеего дандекколеб куцалда цIунулин низам цIунулезги къанун, журналистасул ялъуни шагIирасул ва хъвадарухъанасул батIалъи гьечIин гьезие кинасул гIумруялъе хIинкъи цIикIкIун бугебали, гьединлъидал иргадулаб къанунги гьадингояб кагътил тIамачлъун хутIизе бугин халкъалъеян рикIкIунеб буго «Свободная Пресса» абураб интернет сайталъул нухмалъулев Шаргунов Сергейица.
Мунагьал чураяв АхIмаднабицаги живго цIунизе чагIи кьейилан гьаридал кьун гьечIин, журналистаздехун тIалъиялъул киданиги букIинчIин хинаб бербалагьи, гьединаб къанун хIадурун хадубги кIудияб хиса-баси букIинилан кколеб гьечIин жиндаян мукIурлъана «Эркенлъи» радиоялъе Болъихъ мухъалда къватIибе биччалеб «Гьудуллъи» абураб газеталъул бетIерав редактор ГIумаханов ГIумаханги.
ГIумаханов ГIумахан: «ЦIияб къанун хIадур гьабун бугиланиаргIурабго гьелде цо божилъигун ралагуьнги рукIуна нилъ, хьул буго гьеб къанун бахъун хадусалаги журналистал рокьуларещиназул пикру хисилин. Гьал чагIи тIалъиялъги цIуна-къалел ргуилан абураб пикруялдаса хIинкъун нахъекъазеги бегьула гьел жижерго хъубал вахIшилъабаздаса»
«Новое Дело» газеталъул бетIерав редактор хисулев АхIмаднабиев АхIмаднаби гьединго хIалтIулев вукIана Кавказский Узел абураб интернет сайталъул Дагъистаналда вугев мухбирлъунги. АхIмаданаби чIварав такъсирчи валагьизе кумек гьабуралъухъ 200 азарго гъуруш кьезе бугилан лъазабуна гьеб сайталъул нухмалъиялъ журналист чIвараб къоялъго, амма гьедигIан бигьаго такъсирчагIи ратизе рукIиналда божулев чи цIакъго дагьав вуго жакъа Дагъистаналда.