Ссылки для упрощенного доступа

ЛъикIаб хиялалъул квешаб хIасил


Россия -- ЦIалдохъабаз цIезабизе кколеб хасаб форма.
Россия -- ЦIалдохъабаз цIезабизе кколеб хасаб форма.

Рособрнадзор абураб гIуцIиялъул лъазабиялда рекъон, 25 азаргогIан чиясухъа бажарун гьечIо исана цогояб пачалихъалъул экзамен (ЕГЭ) кьун. Гьезие балугълъиялъул аттестат щвезе гьечIинилан лъазабуна рехсараб гIуцIиялъул нухмалъулей Глебова Любовица. Гьелъ гьединго абулеб буго исана тIаде цIикIкIанин химиялъул, физика ва тарих лъазабиялъул гIадал предметал кьун бажаричIел гIолохъаби.


Дагъистаналъул лъай кьеялъул министерлъиялъ информациялъул алатазе кьурал баяназда рекъон, гьаб соналъ цогояб пачалихъалъулаб экзамен кьеялда республикаялда гIахьаллъун вуго кинавниги 29 287 гIолилав. Лъай кьеялъул министер МухIамад-Фазил ГIазизовасул рагIабазда рекъон, араб соналда дандеккун цогояб пачалихъалъулаб экзамен кьеялда жаниб республикаялда щибниги хис–баси лъугьун гьечIо.

ТIолго Россиялда дандеккун балагьани, цIакъго гIодобегIанаб къимат кьолеб буго гьес республикаялда гIурус мацI малъиялъе. Амма лъикIал хIасилал рихьизарун руго исана биологиялъул, химиялъул ва хIисабалъул предметазул рахъалъ. Мисалалъе босани, биологиялъул экзаменалда хъвараб 5 хIалтIуе щун буго 100 бал.

Амма гьанибго абизе ккола цогидал баяназда абулеб букIана кIиго чиясе щун ругин гьел балалилан. Цогояб пачалихъалъул экзамен кьеялъул тадбирал жеги лъугIун гьечIо республикаялда гьезул чIванкъотIарал баянал лъазе руго июлалъул 20 абилеб къоялъ.

Улкаялда ва гьелдаго цадахъ Дагъистаналда ЕГЭ кьезе байбихьаралдаса 5 сон тIубала исана. Педагогикиял гIелмабазул кандидат Кавсарат Сулеймановалъ абуна ЭР-ялъе Дагъистаналда гьеб программа хIалтIизабизе байбихьаралдаса лъималазул ва эбел-инсул психологияго хисанин тIубан, гIарац кьун гурони экзамен кьун бажаруларилан абураб пикруялде рачIинарунин гьелъ киналго.

Кавсарат Сулейманова: «Эбел-инсуца гIарацги кьун щварал балаздалъун цIализе рорчIарал лъималазул лъай тIатунеб буго тIоцебесеб бащдаб лъагIел иналдего. Тестазул кумекалдалъун хал гьабидал щибниги лъайги батичIого нахъе ритIун рачIунел руго гьел. Гьеб бичIчIизабизе ккелаанха эбел-инсудаги. Амма гьез щиб гьабунги жиндирго лъимер гьенибго хутIизе рес балагьулеб буго. ЛъикIалги квешалги рахъал ратила ЕГЭ-ялъул, амма нилъер гьанир квешал рахъал цIикIкIун руго».

Цогояб пачалихъалъул экзаменалъул ругел лъикIал рахъазулги бицана Кавсарат Сулеймановалъ хадубги. Мисалалъе, пуланаб цIалул идараялде жаниве лъугьине бокьараб чиясул рес бугин цо предметги тIаса бищун жиндирго ракI рекъараб бакIалде цIализе ворчIизе.

Кавсарат Сулейманова: «ЛъикIаб хIасил цогояб пачалихъалъул экзаменалъ кьолариланги абизе кIвеларо, щайгурелъул ракIбацIцIадго цIалулел лъималги дагьал гьечIелъул нилъер. Гьезда гьоркьор цIалиги лъайги щвезе бокьарал гIолилазул 40-50 процентниги буго. Мисалалъе, дагьаб цебегIан Дагъистаналъул Пачалихъияб университеталда букIараб данделъиялда гьелъул ректор МуртазагIали Рабадановас абуна Россиялъул тIадегIанал цIалул идарабаздеги рорчIичIого жидехъе рачIунин гьел цIализе. Жидецаги ахIизецин кколарин, жалго рачIинеги рачIунин».

Гъуниб мухъалдаса гIемерал соназ лъай кьеялъул идараялда хIалтIарав ГIабдулхаликъов МухIамадица абуна цогояб пачалихъалъул экзамен ургъи лъикIаб пикру бугоанин, амма гIаксалда байбихьун бугин гьабулеб хIалтIиян.

ГIабдулхаликъов МухIамад: «ЛъикIал мугIалимзабиги жанир рахъараб цебетIураб район буго Гъуниб. Амма гьабсагIаталда бокьараб къоялъ къец ахIизе хIадурав вуго дун, гьанир ругел мугIалимзабазе кьуни гьеб ЕГЭ-ялда кьолел суалал, гьезухъаги бажаризе гьечIо гьелъие жавабал кьун.

ЦIакъ тохал лъай кьеялъул хIалтIухъаби ритIун рачIунел руго гьанже республикаялъул тIадегIанал цIалул идарабаздаса. Гьеб мехалъ рес щиб гьезие гIарацги цогидабги кьун ЕГЭ кьезе кIолев чи валагьичIого. Жибго гьеб гьабизе ракIалде ккей цIакъаб пикру бугоан, амма гIаксалда байбихьун буго кинабго хIалтIи. Цин гьеб кьезе тIамилалде хIадуризе ккелан гьелъие хIажатаб цIалул программа тIахьал, махщалил лъай борхизабиялъул курсазда гьелъие хIадур гьаризе ккелаан мугIалимзаби. Суалал кьун гIолелищ захIматал, гьелъие жаваб кьун бажарулареб мехалда».

Цогояб пачалихъалъул экзамен билълъанхъизабизе байбихьарабго абулеб букIана гьелъул кумекалдалъун лъугIизабизе бугин лъай кьеялда жанисеб ришватчилъи. Амма экспертазул пикруялда рекъон, гьанжелъагIан тIобитIараб пачалихъалъул экзаменаздасан бихьулеб буго ришватчилъи, гIаксалда, тIадеялдаса-тIаде цIикIкIунеб букIин.
XS
SM
MD
LG