Цолъарал штатазда россиялъул вакиллъиялъул кΙудияв дипломат консуллъиялъул хΙалтΙухъабигун цадахъ дандчΙвана Техасалъул нухмалъигун ва Максим Кузьминил хъизаналъул бетΙергун.
Вакиллъиялъул лъазабиялда абулеб буго: «...нижеда бихьана Эктор округалъул нухмалъиялъ трагедиялъул цΙех-рех гьабулеб букΙин... Ниж балагьун чΙун руго гьелъул хΙассилазде ва лъимер хвеялда нахъ криминалияб хΙакъикъат батулеб бугони, хьул буго, гΙайибиязе букΙине кколеб тамихΙ гьабизе букΙиналде.»
Техас штаталдаса рос-лъадиялъ Псковалъул лъималазул рукъалдаса жидерго хъизаналде вачарав лъабго сон барав Максим Кузьмин хун вуго январалда гьанжеги баянал гурел гΙиллабазе гΙоло.
Россиялъул лъималазул ихтиярал цΙуниялъул тΙадкъаял ругев Павел Астаховасул рагΙабазда, гьев вас хвезегΙан вухун вуго гьесул эбелалъ. Гьесго рикΙкΙунеб буго васасе психотропиял дараби кьолел рукΙанин.
Астаховасул рагΙабазда гьесухъе гьанже гьединал лъугьа-бахъиназда хурхун информация гьесухъе щола кΙватΙичΙого.
Павел Астахов: «2011 соналъул ахиралдаго лъималазул ихтиярал цΙуниялъул тΙадкъаял ругесул аппараталда нижеца гΙуцΙана къватΙисел пачалихъазул информалатазул, къватΙисел пачалихъазул инсанасул ихтиярал цΙунулезул сайтазул, хасго америкаялъул, мониторинг гьабулеб хасаб къокъа. Гьелъ бакΙарула информация.»
Хъизаназде рачарал лъимал хвеялъул чанго хΙужжаялда хадуб Цолоъарал штатазде бесдалал кьеялде данде инициатива тΙоцебе загьир гьабуна Астаховас. 2011 соналда гьес лъазабуна жив чΙван къотΙун даде вугин, россиялдаса лъимал къватΙире ритΙиялдейин. Бессдалал жидерго хъизаназде рачине бокьарал жалго россиялазул къадарги гьитΙинаб гьечΙин.
КъватΙисел улкабазде россиялъул бесдалал кьеялде данде пикру загьир гьаби гуребги, гьанже Астаховас гΙамал гьабулеб буго цере американияз жидерго хъизаназде восун вукΙарав 60 азаргогΙанав россиялъуласул къисмат баянлъизабизеги.
Павел Астахов: "Жакъа мониторингалъул, ай, гьезул гΙумруялъул ва хасго нилъер лъималазде данде гьарулел такъсиразул суал буго бищунго ракΙ унтизабулеб. Федералияб даражаялда Цолъарал штазада бажарулеб гьечΙо гьеб масъала тΙубазабизе. ХΙакъикъаталдаги бажарулеб гьечΙо. Дица риккунаро гьез гьеб ургъунго гьабулеб бугин, гьеб проблема бахчулеб бугин. Гуро, гьезда жибго хΙакъикъат лъалеб гьечΙо берцинго."
Интерфакс агентлъиялъе комментариял гьарулаго Федерациялъул мажлисалъул нухмалъулев хисулей Светлана Орловалъ суал лъолеб буго, «щай нилъеца нилъер лъимал битΙахъего хвалде ритΙизе кколел?» абун ва ахΙи балеб буго Дима Яковлевасул цΙаралда бугеб къанун хΙалтΙизе байбихьилелде къуваталде бачΙараб россиялъул бесдаллъимал американиязул хъизаназухъе кьеялъул хΙукму хвезабун, гьенире ритΙулел ахирисел лъимал Россиялдаго теялде. Амма гьебго заманалда Астаховас абулеб буго, жинда лъахъе, диваналъ къватΙире ритΙизе хΙукму гьабурал лъимал киналго Россиялдаса анин.
Астаховас гьединго загьир гьабулеб буго «Бесдалал гьечΙеб Россия» абураб программа гΙуцΙиялъул кΙварагΙелалъул инициативаги. Гьесул пикруялда, бесдаллъимал хъизаназде рачаразе хΙукуматалъ чΙезабизе ккола гΙарцил кумек.
Амма "Единая Россия" партиялъул депутат Пачалихъияб Думаялъул хъизаналъул, руччабазул ва лъималазул суалазда сверун комитеталъул нухмалъулей Елена Мизулинал рагΙабазда, цебе къабул гьабун букΙараб гьелдаго релъараб программаялъ ракΙалда рукΙарал хΙассилал кьечΙо. 2010 соналда лъималазул рукъазде нахъ буссинабуна хъизаназде бачун букΙараб 30 азаргогΙанаб лъимер, жидее пачалихъалъ кумекалъул гΙарац кьун хадуб гΙемер заман инчΙого.

2012 соналда Россиялда зулмуялдасан хун буго 2139 лъимер. Россиялда лъималазул ихтиярал цIунулев вакил Павел Астаховасул раг1абазда, 2011 соналда данде ккун 2012 соналда зулмуялдасан хварал лъималазул къадар 21,5% цIикIкIун буго.
Араб соналда Россиялда рухун гIакъуба кьун буго 89 000 лъимадуе.
КъватΙисел улкабазде россиялъул бесдалал кьеялде данде пикру загьир гьаби гуребги, гьанже Астаховас гΙамал гьабулеб буго цере американияз жидерго хъизаназде восун вукΙарав 60 азаргогΙанав россиялъуласул къисмат баянлъизабизеги.
Павел Астахов: "Жакъа мониторингалъул, ай, гьезул гΙумруялъул ва хасго нилъер лъималазде данде гьарулел такъсиразул суал буго бищунго ракΙ унтизабулеб. Федералияб даражаялда Цолъарал штазада бажарулеб гьечΙо гьеб масъала тΙубазабизе. ХΙакъикъаталдаги бажарулеб гьечΙо. Дица риккунаро гьез гьеб ургъунго гьабулеб бугин, гьеб проблема бахчулеб бугин. Гуро, гьезда жибго хΙакъикъат лъалеб гьечΙо берцинго."
Интерфакс агентлъиялъе комментариял гьарулаго Федерациялъул мажлисалъул нухмалъулев хисулей Светлана Орловалъ суал лъолеб буго, «щай нилъеца нилъер лъимал битΙахъего хвалде ритΙизе кколел?» абун ва ахΙи балеб буго Дима Яковлевасул цΙаралда бугеб къанун хΙалтΙизе байбихьилелде къуваталде бачΙараб россиялъул бесдаллъимал американиязул хъизаназухъе кьеялъул хΙукму хвезабун, гьенире ритΙулел ахирисел лъимал Россиялдаго теялде. Амма гьебго заманалда Астаховас абулеб буго, жинда лъахъе, диваналъ къватΙире ритΙизе хΙукму гьабурал лъимал киналго Россиялдаса анин.
Астаховас гьединго загьир гьабулеб буго «Бесдалал гьечΙеб Россия» абураб программа гΙуцΙиялъул кΙварагΙелалъул инициативаги. Гьесул пикруялда, бесдаллъимал хъизаназде рачаразе хΙукуматалъ чΙезабизе ккола гΙарцил кумек.
Амма "Единая Россия" партиялъул депутат Пачалихъияб Думаялъул хъизаналъул, руччабазул ва лъималазул суалазда сверун комитеталъул нухмалъулей Елена Мизулинал рагΙабазда, цебе къабул гьабун букΙараб гьелдаго релъараб программаялъ ракΙалда рукΙарал хΙассилал кьечΙо. 2010 соналда лъималазул рукъазде нахъ буссинабуна хъизаназде бачун букΙараб 30 азаргогΙанаб лъимер, жидее пачалихъалъ кумекалъул гΙарац кьун хадуб гΙемер заман инчΙого.
Роберт Колсон (ЭР)