Ссылки для упрощенного доступа

Дагъистаналъ къабул гьарулел руго Украиналдаса лъутизе ккарал


Украинаялдаса жидерго бакIал тун лъутизе ккаразул 45 чи вачIун вуго Дагъистаналде. Гьел киназулго чIей буго «Дельфин» абураб хIухьбахъулеб базаялда. Рагъдаса лъутарал бокьараб гIан мехалъ рукIине бегьулин гьеб бакIалдайин, гьезие къваригIарабщинабги чIезабизе бугин лъазабулеб буго республикаялъул нухмалъиялъ.

ТIолабго дунялалда 20 абилеб июнь тIурун рачIаразул къолъун рикIкIуна. Гьедин Цолъарал милатазул гIуцIиялъул баяназда рекъон 20I4 соналъ дунялда 45,5 чи рикIкIине бегьулев вуго тIураравлъун. Гьелго баяназда рекъон дунялалд щибаб 4 секундалда жаниб цо чи тIурун вачIуневлъун вахъунев вуго. Ахирисеб 20 соналда жаниб бищун гIемер тIурун рачIарал рукIун руго 20I3 соналъ, гьелъие гIиллалъун ккун буго Сириялда рагъ байбихьи. ГIадамал жидерго ватIанги тун тIурун рачIиналъе бищун кIудияб гIилла кколеб буго рагъ. Гьедин дунялалъул тIурунрачIаразул 55 процент кколеб буго гIемерал саназ рагъ унеб бугеб Афгъанистаналъул, Суданалданалъул, ГIиракъалъул, Сомалиялъул ва Сириялъул гражданал.

Гьел хIукуматаздаса гIадин гIемер тIуричIониги Украинаялдасаги гIемерав чи тIрулев вуго. Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул баяназда рекъон цохIо ахирисеб чанго моцIалда жаниб жидерго бакIги тун Украинаялдаса гочун вуго I0 азарго гIан чи. Щибаб къойил гьезул къадар цIикIкIун гурони, дагьлъулебги гьечIо. Россиялъул информалатаз кьолел баяназда рекъон бищун гIемер Украинаялдаса тIурун рачIаразул рещтIен буго гьелъулгун гIорхъода бугеб Ростов икълималда, амма Россиялъул цойгидал регионазги къабул гьарулел руго гьел. Гьедин гьал къояз Дагъистаналда къабул гьаруна 45 украинаялдаса тIурун вачIарав. Гьезул цIикIкIунисеб къадар кколеб буго руччаби ва лъимал. КиналгIаги гьел гIадамал гIумру гьабун тун руго ралъдал рагIалда бугеб «Дельфин» абулеб хIухьбахъулеб бакIалда.

ТIурун рачIаразе рукIине кколел киналго шартIал чIезарун ругин бицана «Эркенлъи» радиоялъе гьеб бакIалъул нухмалъулев ГIалиев ГIумархIажица . Гьез гIумру гьабун ругила , жанирго шартIалги ругеб, къваригIунеб къайи-цIаги бугел гьитIинал рукъазабахъ. Гьезие щибаб ригьалъ чанго батIияб квен гьабулел богогьабиги ругила, нилъер гьаниб букIунеб квен бокьичIони, жалго ругьунаб квен гьабизе гьезие богорукъгицин кьун бугила, гьединлъидал гьезул щибниги зигардиги гьечIила, киналдасаго рази ругин абулеб бугила гIадамаз, амма жал хIалтIи гьечIого бажаруларин, кинаб букIаниги хIалтIи балагьейин жидеейилан ругин гьелилан бицана ГIалиевас.

ГIумархIажи ГIалиев: Киназего хIалтIи кьун бажаринчIониги бажараралгIан чагIигIаги хIалтIуда лъезе хIаракат бахъилаха нижеца. Нижеца гьел гIадамазе къваригIанщинаб жо чIезабунги буго, кигIан бокьаниги, бокьарабгIан мехалъ гьанир рукIинеги толел руго, амма гьедин букIаниги бугелъуб-бугебги тун рагъ бугеб бакIалдаса тIурун рачIарал гьел жидее хIалтIи кьеян гьаризе рачIиналда бахиллъун вуго дунгоцин. ЧIобого щварабщиналдаса кепги босун рукIинчIого, жал хIалтIизе инилан лъугьиналъ бихьизабулеб буго гьезул тIадегIанлъи. КиналгIаги лъикIал гIадамал руго, цониги жоялдаса разигьечIолъи загьир гьабулев чиги вукIинчIо гьезул, сундухъго нижее баркалаги кьун рукIуна. Кинаб бугониги хIалтIудаги чIухIиларила жал, квен гьабулеб бакIалде, черо-ххелолеб бакIалде, хIатта бакIал ралелъурецин хIалтIизе ине хIадур ругин жалилан абулеб буго гьез».

Кинаб хIалтIи щваниги гьебги гьабун гьаниса гIебеде чIун яги Россиялъул цойги регионазде гочун гурони тIурун рачIараз жал Украинаялде тIокIал тIадруссинарилан лъазабулеб буго. ТIад руссун хадубги жидер гьениб кинаб гIумру букIинебали лъаларила, жидер Луганский икълималда рагъги, гъалмагъирги лъугIун хадубги чанги заман къваригIинила гIумру ругьунаб къагIидаялде буссинейилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Украинаялдаса тIурун ячIарай Наталья Ивановалъ.

Наталья Иванова: «Нижер 5000го гIан чияс гIумру гьабун бугеб росулъа гIадамазул 50 процент тIурун ана. Гьел нахъецин руссинелищалиги лъаларо. Нахъруссун батIаго щиб гIумру нижер гьениб букIинеб. Кида лъугIилеб рагъ, кида рукIалиде бачIинеб бикь-бикьун щущан араб хIукумат. Гьадингоги расги лъикIаб хIал букIинчIо нижер гьениб, магIишат гьабулагоги гIемер къо бихьулаан. Гьанже гьенире тIадруссун гIумруги яшавги гьабизе дагьабги захIмалъиларищха. Хасго лъималазда гьеб кинабго жо кида кIоченеб, киналго хIинкъун руго ниж, гьенир гьоркьоса къотIичIого роржунел вертолеталги рукIана, кьвагьа-гIанхъиялъулги лъугIи букIинчIо».

Гьел тIурун рачIразул киналго тIалабал тIуразелъун, хасгьабун гьезде руссун рукIине, гьезул къваригIалал тIуразаризелъун Дагъистаналъул тIалъиялъ хасаб комиссияги гIуцIун буго. Гьединго республикаялъул нухмалъиялъ ва Дагъистаналъул миллияб политикаялъул министерлъиялъ лъазабулеб буго дагьалги тIурун рачIарал къабул гьабизе хIадур бугин республикайилан. Гьединго гьел гIадамал къабул гьаризе хIадур ругин абулел хъизаналги ругин лъазабулеб буго министерлъиялъ.
XS
SM
MD
LG