РакIалде щвезабила, вацал МухIамад, ГIусман, Юсуп, Гъазидибир ХIамзатовал ва гьезул яцалъул вас МухIамад ГIумаров чIвана 2012 соналъул 18 марталда Гъизляралда ккараб кьабгIей-рагъалда. Хваразул гIагарлъиялъ рикIунеб буго Гъизляр мухъалъул нухмалъулев Андрей Виноградовасул хъаравулзабаз чIванилан ХIамзатовал.
Хъаравулзабигун ХIамзатовазул рагъ ккун буго автомобилал чIезарулел бакI сабаблъун.
Виноградовасул хъаравулзабазда тIад диван Дагъистаналъул тIадегIанаб диванханаялда гьоркьисала байбихьана. ТамихI къотIизе буго Заирхан МухIамадгIалиевасе, Залимхан МухIамадгIалиевасе, МухIамадхIабиб МухIамадовасе, Шамил МухIамадовасе, Садикъ МухIамадовасе ва Юсуп Шариповасе.
Диванчилъул ккола Закир Исрафилов. Жибго диван Исрафиловас къараблъун гьабуна процессазда гъалмагъирал ккун хадур. ГIайиб гIунтIизабулезул гIагарлъиязда ва ХIамзатовазул гIагарлъиязда гьоркьор дагIби-рагIи кколеб букIана.
ЧIварав ГIумаровасул эбел Загьраца абуна Эркенлъи Радиоялъе жидее митинг гьабизе бокьун бугин, щайгурелъул диваналда къануназда рекъон хIукму къотIиялда жал божулел гьечIин.
Гьелъ абухъе, диваналда сурав босичIел нугIзал жеги хутIун руго, амма гьел процессазда рачIине хIинкъулел руго. «Эркенлъи» радияолъ цебеги чанги нухалъ бицун букIана диваналда рачIинехъин рукIарал нугIзал полициялъ ккун рукIин ва, адвокатазул лъазабиязда рекъон, гьел нугIзал низам цIунулез хIинкъизарулел рукIун ругин диваналде унгеянги абун.
ХIамзатовазул адвокат Сапият МухIамадовалъул рагIабазда рекъон, юстициялъул министерлъиялъ митингал щай гьукъулелали бичIулеб гьечIо.
«Лъабго нухалъ гIарза кьун хадуб жавабал рачIунел рукIана минюсталдаса митинг гьукъулеб бугин щайгурелъул телефоналдасан митинг гIуцIулез ахIанин жидеца гьеб тадбир гьабулеб гьечIиланги абун», - ян бицана МухIамадовалъ.
Гьелъ абухъе юстициялъул министерлъиялда инкар гьабуна бицине лъица телефоналдаса ахIарабали.
Ункъабилеб нухалда митинг гьукъун буго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялдаса бачIараб гIарза сабаблъун. «Митинг гьабизе бокьун букIана 19 маялда. Жанисел ишазул министерлъяилъул гIарзаялда хъван буго жидехъе информация щванин гьеб къоялда теракт хIадурулеб бугин изну гьечIого яргъид гIуцIарал къукъабазде гъорлъе унез.
МВДялъул гьеб гIарзаги хIисабалде босун, минюсталъ иргудалаб нухалъ гьукъана митинг», - илан абуна адвокат МухIамадовалъ.
ЧIварав ГIусман ХIамзатовасул чIужу Гулминаца бицана «Эркенлъи» радиоялъе жидее бокьун бугин митингалда бицине диван кин унеб бугебали. Гьелъул рагIабазда рекъон, диваналда гIахьаллъулел хIинкъизарулел руго гIайби гIунтIизабулелгун бухьен бугел чагIаз.
Гулмина ГIусманова: «Диваналда гIахьаллъизе кколел нугIзал хIинкъизарулел руго. Гьезда абулеб буго нижер рахъ ккун сурав кьуни, гьезиеги вацал ХIамзатовазе гьабураб гIадаб жо гьабилин. Гьел хIинкъалаби кьолел чагIи сундасанаги нечолел яги хIинкъулел гьечIо».
Диваналъул иргадулаб данделъи тIобитIана 19 маялда. «Кавказский узел» информагентствоялъул лъазабиязда рекъон, гьеб диваналда адвокат Сапият МухIамадовалъ диванчиясухъе гIарза кьуна присяжниязул коллегиялдаса микьго чи вахъине кколин.
Гьелъ диваналда бицун буго коллегия гIуцIулеб мехалда щуго чияс бицичIин цебе жидеца административиял къанунал хвезарун рукIин ва лъабгояз бицичIин битIун жидеца гIумру гьабулеб ва хIалтIулеб бакI. Диванчияс адвокаталъул гьариялда тIаса хIукму къотIизе буго 23 маялда.