Дербент мухъалъул бетIер Къурбанов Къурбан хIалтIудаса вахъиялда сверун бугеб ахIвал-хIал къо бахъанагIан хIалуцун гурони, роцIцIунеб гьечIин абулеб буго гьеб мухъалъул гIадамаз.
Гьезул гIемерисезул божилъи гьечIо Къурбановасда хъулухъ тезабиялда. Гьев сихIирав чи вугила, Азербайджаналъул бетIера Ильгьам ГIалиевасулгун бугеб гьудуллъиги хIалае ккун, вугебго хъулухъалда чIезе бокьун бугин Къурбановасейилан абулеб буго дербент мухъалъул жамагIатчагIаз.
Жив халкъалъ вищарав чи вугила, гьез жиндир рахъги кколеб бугилан абун, рихьдае жиндирго торгIокколел чагIиги данде гьарун, живго цIакъав чилъун хIалев вугин гьев Къурбанов, гьединлъидал унголъун гIадамазул гьесдехун бугеб бербалаги бихьизабиялъе жидеца Дербент мухъалъул киналго росабалъа гIадамалги ахIун данделъи гIуцIизе бугилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дербент мухъалдаса «Намус» жамгIияб идараялъул бетIер Самедов Шекспирица.
Гьес баян гьабуна Къурабнов хIалтIудаса вахъейилан тIалаб гьабураб данделъи I5 августалъул къаси Белиджи росулъ тIобитIизе ракIалда бугила жидеда. Амма мухъалъул нухмалъиялъ гьеб изнугьечIого гьабулеб данделъи бугилан багьанаги батун, жал нахъе къотIизе полициялъул хIалтIухъаби рачIине ругин абурал харбалги щванин жидехъейилан.
Гьедин букIаниги жидеца гьеб тадбир тIобитIичIун толарила, толеб хIал халъалъулги гьечIила, Къурбановасул тухум –кьибилалъ бичун бахъунеб мухъги бугила, гьелдаса разигьечIел гIадамал къватIире рахъинчIого кидалкъадги хутIуларилан бицана Шекспирица «Эркенлъи» радиоялъе.
Шекспир Самедов: «Гьаниса гIебеде кинабго жо бичун буго, гIадамал жанир руссине бакIцин хутIун гьечIо. БелиджигIадаб кIудияб росулъ клубгицин гьечIо, гьебги хутIараб дагьабниги бичизе бегьулебщинаб бакIги, ракьги Къурбановасги гьесул тухум кьибилалъги бичун буго. Белиджиялда бугеб чогърол заводги, консервал гьарулеб заводги гьебги Къурбановас некIого бичана.
Мухъалда ругел жамгIиял ахал, нухлул рагIаллъаби гьес бичизе бажарунеб щинаб жо бичун буго. Цого чияс гьедин жиндиего бокьа-бокьараб гьабун данде ккелищха гьелдаса разигьечIо гIадамалги. Гьезул цIакъго ццин бахъинабун буго Дагъистаналъул тIалъиялда цебе Къурбановас нижер Дербент мухъ кутакалда цебе тIолеб бугин, гьениб кинабго иш роцIцIун бугин, церецин букIинчIеб гIадаб кутакаб бачIин бугин цIолболилан абун гьерсал рициналъ».
Гьединго Самедов Шекспирица бицухъе халкъалъул разигьечIолъи рагIула Дербент мухъалда хIалтIизе бакIал гьечIолъиялдаса. Гьезул 60 процент гIадамазул цойгидаб бакIалде унила хIалтIи балагьизе. Гьеб ахIвал-хIалалда мухъги тунила, Дербент мухъалда хIалтIигьечIезул къадар 200 чиясдецин вахунарин абун хIисаб кьолеб бугила Къурбановас, гьелъ гIадамазул цIакъ ццин бахъинабун бугилан абуна гьес.
Гьединго Дербент мухъалъул гIадамазул разигьечIолъи бугила I6 соналъ хисичIого мухъалъул бетIерлъиялда цого чи вукIиналдаса. Къурбановас щиял рищиял тIоритIулел мехалда хIурмалги гьарун, живго бергьинавулилан абун ццин бахъун руго жамагIатчагIи.
Гьезул рагIабазда рекъон 2009 соналда рукIарал мухъалъул бетIерасул рищиязда Къурбановасе гьаркьазул 98 процент щун букIун буго. Гьединаб хIасил унго-унголъунги букIине рес гьечIила, Къурбановас ричун росун щиб, хIинкъизарун щиб кверде росарал хIакимзабаз бергьинавунин гьев рищияздайилан абулеб буго гьез.
Дербент мухъалъул администрациялъул пресс-хъулухъалъул бетIер ХанмухIамадов МухIамадица «Эркенлъи» радиоялъе бицана жидеда гьеб Белиджиялда букIине бугеб Къурбановасде данде гьабулеб данделъиялъул хIакъалъулъ щибниги лъаларила.
Гьел нахъе къотIулел чагIиги жал гурила, хасал идарабазул иш бугила гьеб. Гьез изнугьечIого данделъун ругин рикIкIани нахъе къотIулила гьел, данделъизе изну батани жидерго иш лъугIизегIан жалго толила.
Къануналда рекъон гьедин тIобитIулеб данделъиялда гьоркьоре лъугьине лъилниги ихтияр букIунарила. Амма гьеб данделъи гIуцIарал гьеб тадбир тIобитIизе разилъи тIалаб гьабун Дербенталъул администрациялде рачIун рукIун гьечIо.
Гьединго ХанмухIамадовас абуна Къурбановасде гьел гIадамаз гIунтIизарулел гIайибал кьучIгьечIел ругилан. Гьаб сагIат гьев сапаралъ вукIун гьезие жаваб кьезе регIун гьечIила. Гьелс къанунги хвезабун букIарабани, гьев хIинкъунги вукIаравани тIалъиялъ абурабги гьабун гьес хъулухъ телаанила. Гьесул щибниги хIинкъизе жо гьечIила, гьес къанунги гIадлуги хвезабунги гьечIила, тIадежоялъе халкъалъ божилъиги гьабун вищун вугев гьев жиндирго болжал лъугIичIого хъулухъалдаса инеги гьечIилан.
Гьаб сагIаталда жаниб Дербент мухъалъул администрациялда Дагъистаналъул рикIкIеналъул палатаялъ тIоритIулел руго иргадулал гурел халгьабиял.
Гьел ургъунго жиндир хIалтIулъ риччарал гъалатIал ралагьиялъе гIоло рачIарал чагIи ругилан, гьез тIубараб администрациялъул хIалтIи чIезабун бугин лъазабун букIана гьал къоязда букIараб пресс-конференциялда Къурбанов Къурбаница. Жив гьадин хъулухъалдаса вахъиги къанунги жинди ихтиярал хвезабиги бугиланги абуна гьес.
Адвокат Расул Къадиевасги Къурбанов хIалтIудаса вахъи гьеб къанун хвезаби бугилан рикIкIунеб буго. Россиялъул къануналда рекъон болжал лъугIичIого халкъалъ вищарав бетIер хIалтIудаса вахъине бегьулеб гьечIо. Такъсиргьабиялда щаклъи бугонигицин хъулухъалдаса заманалъ нахъе гьавун гурони, тIубан вахъизе бегьулеб гьечIо.