Ссылки для упрощенного доступа

Гьудулзабазе-кинабго, тушбабазе-къанун


Россиялъул президент Владимир Путиница гьабулеб буго гIарац бихьизабулеб ишара Москваялда инвестициязул форумалда. 29Сен2009
Россиялъул президент Владимир Путиница гьабулеб буго гIарац бихьизабулеб ишара Москваялда инвестициязул форумалда. 29Сен2009

Россиялъул президент Владимир Путинил коррупциялъулгун бухьен букIин чIезабулеб «Путинил балъгояб бечелъи» абулеб бащдабсагIаталъул фильм бихьизабуна Би-би-си телевидениялъ итни къоялъул къаси.

Би-би-си телевидениялъ итни къоялъул къаси, бищунго гIадамал ралагьулеб ригьалда, «Понорама» абулеб программаялда бихьизабуна Россиялъул президент Владимир Путинил хIакъалъулъ бащдабсагIаталъул фильм. «Путинил балъгояб бечелъи» абулеб гьеб фильмальда бицен гьабулеб буго Росиялъул президентасул коррупциялде ва криминалиял элементалгун хурхен букIине бегьиялъул.

«Путинил балъгояб бечелъи» абулеб гьеб фильмалда абулеб буго Россиялъул президент дунялалда бищунго бечедал чагIазул цояв вугин ва гьес гIумру гьабулеб къагIида СагIудиязул ГIарабиялъул къиралазулалда релъараб бугин. Гьеб программаялда гьединго абулеб буго Путин «Россиялъул аслияб балъголъи вугин».

Гьеб фильмалда тIоцебесеб нухалда официалияб куцалда бицен гьабулеб буго коррупциялъул схемабигун Путинил хурхеналъул. Гьелъулги лъазабулеб буго Америкаялъул финансазул министерлъиялда санкциязул бутIаялъе бетIерлъи гьабулев Адам Шубиница. Гьес тIадчIей гьабулеб буго Путинил официалияб харж лъагIалие 110 азарго долларалда бащалъулеб батани, гьесул хIакъикъияб бечелъи гIемерго цIикIкIараб букIиналда ва гIемерал соназда гьесда гьеб махщалида бахчизе бажарулеб букIиналде.

Россиялъул политолог ва журналист Станислав Белковскияс гьебго фильмалда жиндирго балъгоял информаторазда мугъчIвайги гьабулаго абулеб буго Путинил бечелъи 40 миллиард долларалда бащалъулин.

Гьебго тарихалъул лъазабулеб буго ЦРУялъги. Гьеб идараялъе дуца информация кьун букIанищан журналистас гьикъидал Белковскияс абуна букIинчIин, гьезда гьеб информация жидедаго, жиндир гIахьаллъиги гьечIого батун бугин.

Цебеги магърибалъул информалатаз Путинил корупциялъул бицараб мехалда гьес кьун букIана гьадинаб жаваб:

Владимир Путин: «Гьеб буго чIанда. МогIронисаги бикIун жидерго тIанчазда бацIцIарб жо».

2015 соналда президентсул сайталда кьун букIана 2014 соналда Путиние щвараб харжалъул декларациялда. Гьелда рекъон, гьесул лъагIалил харж бащалъун букIана 7.5 миллион гъурщида.

Гьеб фильмалда кIудияб бакI кколеб буго Путинилан абулел кIалгIабаз ва яхтабаз. Гьединго бицунеб буго, фильмалъул авторазул пикруялда, гьес бечед гьарурал гьесул гьудулзабазул. Гьел ккола Ротенберг, Тимченко, Абрамович, Сечин, Миллер ва цогидал. «Судкомфлот» абулеб компаниялъул бетIерлъун вукIарав Дмитрий Скаргаца гьединиб бицунеб буго Абрамовичас Путиние 35 млн долларалъул багьаяб яхта кьураб куцалъул нугIлъун вукIанин живан.

Пачалихъалъул хъулухъги жиндирго мурадазе хIалтIизабун Путиница жиндирго гьудулзаби ва жиндир рахъкколел бечелъизарулеб ва жиндие дандекколарел чагIи гIумрудул тIинда речIчIулел рихьанин нилъедайин абуна гьениб тIадехун рехсарав Америкаялъул финансазул министерлъиялдаса Адам Шубиница.

Гьес гьеб фильмалда бицаралде балагьун батIа восун цо президент Путиниде данде Америкаялъ санкциял гьаризе рес букIиналъул бицунеб буго гьеб улкаялъул экспертаз.

Америкаялъул пачалихъияв секретарасул кумекчилъун вукIарав ва гьанже Маккейнил институталда хIалтIулев Дэвид Кремерил пикруялда гьеб фильмалъ Путинил сверухълъиялда бугеб корупциялде кIвар кьезе тIамизе буго Америкаялъул администрация. Жиндир пикруялда, Путин жидеде данде санкциял гьарурал Россиялъул хъулухъчагIазул сияхIалде восизе кколин ва кIудияб коррупциялде гIахьаллъи бугел гIадамазде данде санкциял гьаризе рес кьолин Америкаялъул къануназин абуна Кремерица Эркенлъи Радиоялъул гIурус хъулухъалъе.

Джордж Мэйсонил университеталдаса профессор-политолог Марк Катцица гьебго гIурус хъулухъалъе абуна ФСБялъул вукIарав офицер Александр Литвиненко чIваялъул жавабчилъи Путинилги букIине рес бугин Британиялъул тIалъиялъ лъазабун хадуб Вашингтоналъ кIвар живго Путиниде буссинабун бугин. Гьелъул хIасилалда Путиниде данде санкциял гьаризе рес бугин президент Барак Обамал администрациялъин.

Гьебго заманаялда, Америкаялъул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица лъазабулеб бугин Россиялде данде гьарурал санкциял нахъе рахъизе рес бугин Украиналъул кризисалда прогресс щваниян. Гьедин Вашингтоналъ Кремлалъе батIи-батIиял сигналал гьарулел ругин. Цо рахъалъан санкциял нахъе рахъизе рес бугин, цоги рахъалъан санкциял хас гьабун Путниде данде гьаризе рес бугин абуна Катцица.

Владимир Путинил пресс-секретарь Дмитрий Песковас Би-би-сиялъул бицен гьабулеб фильмалда абуна гьеб кинабго «ургъун бахъараб жо» бугин. Живго Путиница гьеб фильмалъе комментарий кьечIо. Талат къоялда гьев вукIана, ТАССалъ лъазабухъе, коррупциялде дандечIей гьабулеб Шараялъул данделъиялда.

XS
SM
MD
LG