Россиялъул президент Владимир Путинилги Рималъул император Калигулалги хасиятазда гΙемер гΙаммаб бугилан абулеб буго Свердлов областалда гьанже машгьураб махсароялда. Инкататус абураб жиндирго чу Калигулаца тун буго сенаторлъун. Путиница танкаби риччалеб заводалда хΙалтΙулев лъиданиги лъаларев мастер Игорь Холманских тΙамун вуго Уралалъул федералияб округалъул президентасул хасав вакиллъун. Гьанже пачалихъалъул бетΙерасул хъулухъалде тезе иргаялда бугила Путинил Кони абураб гьойин жубалеб буго цо-цояз гьеб махсароялде тІадеги.
Уралалъул федералияб округалда президентасул вакил Холманских тей ккола гьев, ракΙалдаги гьечΙого, карьераялъул болъодасан лъикΙаланго тΙаде вахи. Гьелъ гІемерисел тамашалъизаруна. Гьелда нахъ гΙемерисезда бихьулеб буго политикияб гали. Екатеринбургалдаса политолог Константин Киселевасул пикруялда, Холманских кисан балагьаниги, гьединав машгьурав чи гуро, гьедигΙанго кΙудияб кΙвар гьесде буссинабизе ккани.
Киселев: "Гьев лъиданиги лъалев чи гуро. Гьев гьавин абизе бегьулев чилъун вихьулев вукΙинчΙо. Гьев гΙадамазда ракΙалда чΙолев чи гуро. Жакъа дун кΙалъана цо-цо журналисталгун, дозулги буго гьединабго пикру. Киналго гьеб хΙужаялда тΙад релъанхъулел руго.»
Холманских гьединаб кΙудияб хъулахъалде тΙами гΙемерисезда бихьулеб буго президентасул рищиязда цебесеб кампаниялда гьесие Путиница жиндирго рахъ ккуралъухъ кьураб шапакъатлъун. Рищиязда цебесеб кампаниялда цадахъго оппозициялъ тΙоритΙулел рукΙана Путиниде данде протесталъул акцияби. Телевидениялъул чΙагояб эфиралда Нижний Тагилалъул заводалъул хΙалтΙухъабазул цΙаралдасан кΙалъалаго Холманскихица лъазабуна, жал хΙадурал ругин Путиниде данде чΙарал оппозициялъул протестазе ахир лъезелъун Москваялде рачΙинеян. Цо-цо аналитиказул пикруялда, гьев чиясе Путиница гьабураб букІине рес буго жиндирго рахъ кколел гьес цІакъ кІодо гьарулел рукІиналъул элитаялде битІулеб сигналлъун. Гьелда бан гьадин абулеб буго Екатеринбургалдасанго цогидав политолог Сергей Мошкиница.
Мошкин: "Путиница киназдаго - политикиял элитабазда, бизнесэлитабазда, жиндирго сверухълъилда - бихьизабулеб буго, гьес гьанжелъезегΙан рукΙарал гΙадатал, къагΙидаби, нормаби гΙадахъ росичΙого толел рукΙин. Гьесул берблагьиялда гьанже гьечΙо политикиял традицияби. Гьес бихьизабулеб буго гьанжеялдасан нахъе рутΙухълъиялъул роцен ва удлкаялда хΙукмаби къабул гьариялъул цого-цо субъект гьев живго кколев вукΙин. Гьелъие нух рагьун букΙин ва гьеб лъицаниги щаклъиялде гъоркье бачине кколареблъи."
Холманских гьавуна 1969 соналда Нижний Тагилалда. Ункъоабилел соназул ахиралда гьес хъулухъ гьабулеб букΙана рагъул къуватазда десанталъул машинаби рачине ругьун гьариялъул инструкторлъун. Хадуб гьес цІиккинабуна жиндирго цІалул даража. Гьелдаса нахъе хΙалтΙана уралалъул заводалда. Гьенирго лъебергогΙанаб соналъ хΙалтΙана гьесул эбел-эменги. Мастерлъун гьев тІамуна цебесеб соналъул ахиралда.
Декабралдаса Холманскихил цΙар лъалеб буго киназдагогΙадин. Протесталъул акцияби тΙоритΙулеб мехалда Путиние ракΙалъе гΙолел рагΙаби загьир гьарун хадур, Холманскихица жиндирго регионалда тΙоритΙана гьединго Путинил рахъ ккун чанго митингги. Ι8 маялда Путиница загьир гьабуна, гΙемерисез Холманскихие сайгъатлъун риккунеб хъулухъ кьеялда хурхараб калам.
Путин: "Дица риккуна, тΙолабго гΙумруялъ индустриялда хΙалтΙулев, хΙалтΙул гΙадамазул гΙумру, гΙадатияв гражданасул гΙумру лъалев чи хΙисабалда, гьединаб хъулухъалде мун тΙамулев вукΙин, битΙараб гали кколин. Дуда бажаризе буго гΙадамазул мурадал цΙунизе."
Гьелда хадуб Кремлалъулгун гьалмагълъи гьабулел информациялъул алатаз байбихьана чΙечΙого Холманских веццизе, гьев хъизаналъул чи вугин, гьев кΙудияв спортсмен вугин, гьев шашкабазул мастер вугин абун.
Свердлов областалдаса оппозицияв хΙаракатчи Леонид Волковасул пикруялда, мастерасул хъулухъалде Холманских лъейги телевидениялдасан гьабураб лъазабиялда цебе лъабго моцΙалъул гьесул хΙаракатчилъиялда банги жиндир кΙудияб щаклъи бугилан.
Волков: "Гьединаб политтехнологияб тактика хΙалтΙизабиялъул пикру бачΙун батизе бегьула Халкъияб Фронт гΙуцΙун хадуб. Гьелъул автораз риккун батила, оппозициялде данде унго-унгояб хΙалтΙул класс данде бахъинабилин абун. Гьеб пикру бачΙун батизе буго цебесеб ригΙидаго. Киназдаго рагΙараб пикру Холманскихица загьир гьаби букΙун батизе бегьула цебего хΙадур гьабун букΙараб сценарий гΙумруялде бахъинабиялъул ахир."
Политолог Мошкиница абулеб буго Холманских ракΙалдаги гьечΙого хъулухъалде ккарав чи вугила, гьев Кремлалда жиндиего пайдагун хΙалтΙизавизе бегьулев чи вукΙин вихьиялъе гΙолойила.
Мошкин: "Гьев ккола ракІалдаги гьечІого кΙудияб хъулухъалде ккарав чиясул мисал. Гьединаб политикияб ахΙи-хΙур загьирлъулеб заманалда гьев, гьевни щиб, гьединав чиясул типаж данде кколеблъун батана гьанжесев президентасе.»
Гьедин лъазабуна ЭР комментариял гьарулаго Уралалдасан политолог Мошкиница.
Том Балмфорт