Ольга Довбышица абулеб буго информалатазда тIибитIизабулеб рекламаялъ гIедегIан кIудияб хайир кьолеб гьечIин, гьединлъидалин къваригIунеб бугин цойги нух балагьизе.
Гьале гьеб мехалъ прессалъе хIалае рачIунел ругин хIакимлъиялъул ва бизнес структураби. Гьел бетIергьабилъун рахъунел гьечIониги, гъозие ресги ихтиярги щолеб буго жидее хIажатал макъалаби тIадкъазе журналистазда.
Аслияб къагIидаялда гьел ккола пачалихъияб хIалтIи ва хIаракатчилъи беццулел макъалаби. Гьадинаб бухьеналда «информационияб хъулухъилан» абулеб буго жиндирго хасаб докладалда Экономикияб тIадегIанаб мактабалъул гIелмияй хIалтIухъан Ольга Довбышица. Ва гьелдалъун нахъе бахъунеб буго интернет журналистикаялъул экономикияб ва политикияб лъидаго бачIеблъи.
ГIемерал регионазда рекламалъул базар цебетIун гьечIин, абулеб буго цIех-рехчIужу. Хасго гьеб сабаблъун тIадтаразда ва бизнесчагIазда бигьаго кIола прессаялда тIад тIубараб контроль гьабизе.
Гьелдалъун прессалъеги кIудияб пайда щолеб бугин, абулеб буго гIелмияй хIалтIухъаналъ. ТIадежолялъеги – социалияб капиталги кIодолъулеб буго. Мисалалъе Довбышица бачунеб буго Ростов икълималда гьеб рахъалъан бугеб ахIвал-хIал.
Гьабураб цIех-рехалъул хIасилалда рекъон 2011 соналдаса байбихьун 2013 сон щвезегIан гьениб бищун кIудияб къадаралда прессалъе гIарац биччан буго жанисеб ва информационияб политикаялъул министерлъиялъ.
СияхIалда гьединго руго Ростов шагьаралъул администрация, Рищиязул комиссия, Аксай мухъалъул администрация ва Ростов шагьаралъул Дума.
Информациониял контрактазул системаялда гъорлъ журан руго пачалихъиял ва коммерциялъулал медиакомпаниял. Ва гIарцул рахъалъан бищун кIудияб кумек щун буго коммерциялъулал фирмабазе.
Довбышица абулеб буго гьелдалъун цIакъ щулиял бухьенал чIезарун ругин ва тIадтараз кIудияб квербакъи гьабулеб буго лоялиал медиа стурктурабазе.
Пачалихъиял хъулухъчагIазул гьаракьлъун лъугьунеб буго блогосфераги. Рехсараб докладалъул авторалъ гьединго цIех-рех гьабуна Омскалдаги Якъутскалдаги бугеб ахIвал-хIал. Гьенир официалиял тадбиразул бицен аслияб къагIидаялда гьабулеб буго пачалихъиял гурел интернет-сурсатаз.
Социалиял сайтал регионалиял тIадтараз гьедегIан гIатIидго хIалтIизарулел гьечIо. Амма гьенирги руго хIалбихьи щварал схемаби. Хасго блогосфера.
Рехсарал ва цогидал регионазда блоггераллъун рахъунел руго малъи-лъай бугел гIадамал. Гьеб гуребги, гIемерал жалго пачалихъиял хъулухъчагIиги ккола жигарал блоггераллъун.
Гьенир тIадтараз гьоркьо-гьоркьор гIуцIулел руго блоггеразул курсал, батIи-батIиял данделъаби. Гьелдалъун гьез бихьизабулеб буго жидерго интерес ва жидер ракI рагьараблъи, ян бичIчIизабулеб буго Экономикияб ТIадегIанаб Школаялъул медиа-цIех-рехалъул лабораториялъул гIелмияй хIалтIухъан Ольга Довбышица. Гьедин регионалияб медиабазаралъе политикияб асар гьабулеб буго бакIалъулал тIадтараз, ян хIасил гьабулеб буго гьелъ.