Ссылки для упрощенного доступа

ЦIа свинабулезулгун басмаханаялъул дагIба


МахIачхъалаялда рагьун буго цебесеб къоялъ къан букIараб Дагъистаналъул газетазулгун журналазул басмахана. Гьеб къаялъе гIиллалъун рехсолеб букIана цIа свинабулезул санкция. Басмаханаялъе моцIил болжал цIан букIана гьез жидер тIалабал тIуразе. Гьеб даг1ба-раг1иялъе г1илла ц1а свинабулезул т1алабалда барабищ бугеб, ялъуни басмаханаялъул нухмалъулесул хъулухъ къвариг1иналда барабищ бугеб?

18 августалда гьелъул кIалтIа хасаб кагъатги седон нахъе ун рукIана гьел. Амма итни къоялъул къалъуда суал тIубанин лъазабуна басмаханаялъул вакилзабаз.

Дагъистаналъул газетазулгун журналазул басмаханаялда бугеб 12 тIалаялъул щибаб ккун буго цо-цо газеталъул редакциялъ. Гьединго бищун тIаса буго музыкалияб каналалъул редакцияги, бищун гъорькегIан – Дагъистаналъул официалияб информагентлъиялъул редакция.

ЦIа свинабулез цебеккунго гьабураб лъазабиялъул санги гьабичIого, реакциязул нухмалъулез тIубан гьечIо гьез цере лъурал тIалабал. Масала, гьезул дагIба буго нагагьлъун цIа ккани, къватIире тIуризе бакI хутIун гьечIолъиялда. Жиде-жидер редакциязда ремонтал гьарулелъул редактораз жидедаго берцин бихьухъе къачIан руго жаниса тIалаби. Гьедин рацун руго гьеб мина балеб мехалдаго жанисан кIкIуй, яги цIа гьарун рукIарал бакIал. Гьезул бакIалда цо-цо редактораз жидеего чвердолел ва хIухь бахъулел бакIал гьарун ругин бицана ЭР-ялъе цIа свинабулез. Гьединго ремонтал гьарулеб мехалда хIалтIизарун руго пластикалъулги, гьединго хеккого цIа рекIунеб цогидаб материалги. Редакторазе гьеб учузго чIолеб буго.

ЦIа свинабулез дагIба бай гуребги, Дагъистаналъул газетазулгун журналазул басмаханаялда тIасан цойги хабарги буго. Цо-цо баяназда рекъон, басмаханаялъул директорасул хъулухъ къваригIун букIине бегьула хасал чагIазе. Амма живго басмаханаялъул директор МахIач МухIамадов гьелда божулев гьечIо.

МахIач МухIамадов: «Гуро, лъицаниги ургъараб жо гуро гьеб. ЦIа свинабулезул жидерго хIалтIи буго. Амма гьаб ахIвал-хIалалдаса пайда босизе бокьарал чагIиги ратила. ЦIа свинабулез жидеда тIадаб жо гьабулеб буго. Цогидаз гьукъула гьединаб жо - я ришват кьун, яги лъикIаб бицун чIезабула. Гьелъие дир гIилла букIинчIо. Щайгурелъул дун чияр гъалатIазе жаваб кьезе кколев чи гуро. Гьаб тIала жидер бугин, жавабги жидецаго кьелилан, бокьа-бокьараб гьабизе лъугьуна редакторал. Цинги цIа свинабулел рачIараб мехалда дихъе ритIун рачIуна дуца кьейин гьезие жавабилан. Дида кIоларо гьезда цере тIалабал лъезе. Гьезда тIад вугев чи ккола министр. Амма министрасухъги гьел гIенеккулел гьечIо. Дие бокьун буго щивас жинди-жиндир жаваб кьезе. Ккани дицаги кьела бокьарав чиясда цебе жаваб».

Цо-цо баяназда рекъон, 19 августалда республикаялъул хIукуматалда тIобитIана гьеб суалалда тIасан хасаб данделъи. Амма щиб гьениб бицарабали жеги лъалеб гьечIо.

XS
SM
MD
LG