Ссылки для упрощенного доступа

ГIарац кьолеб буго, амма хIажатазе щолеб гьечIо


Дербент
Дербент

Дербенталде моцIалъ цебе рарал чвахунцIадазул хIасилалда зарал ккарал гIадамазул гIемерисел жакъаги хутIун руго квен-тIех ва жанир рукIине рукъзалги гьечIого. Шагьаралъул нухмалъиялъ зарал ккарал гIадамазе чи рикIкIун анцIазарго гъурущ кьезе байбихьун букIана. Амма гьеб гIарац кьезе кколезул гIемеразухъе щун гьечIо. Лъеца зарал гьабурал рукъзабазе зарал ккарал гIадамал гьабсагIаталъ цоял гIага-божаразул, цоял лъалел хъвелазул дора руго хIебтIун. Къварилъи ккаразул гIемерисел руго херал, гIажизал гIадамал.

ЧвахунцIадалъул хIасилалда доб мехалъ гIумруялдаса ратIалъун рукIана кинавниги 7 чи, гьезул бищун гьитIинас жегиги лъагIелцин тIубан букIинчIилан хъвалеб букIана информалатаз.

Зарал ккарал гIадамазе кумек гьабулеб волонтеразул къукъа буго гьабсагIатги Дербенталда хIалтIулеб. Гьезул аслиял хIаракатчагIазул цояв ГIалиев Нурланица абуна «Эркенлъи» радиоялъе гIемерисел гIадамазе гьабсагIатги гIолеб гьечIин регизе бакI, гъоркь тIамизе бусен, ретIел хьит, къайи-цIа ва гьеб гуреб цогидабги хIажатаб щинаб. Мисалалъе Дербенталдаса Исламовазул хъизамалъ гIумру гьабулеб букIараб мина тIубнго тIатIалго ккун буго. ГьабсагIаталъ гьел рагIула гьудул гьламагъазабазул, жанир щибниги шартIал гьечIеб минаялъур. Регьел бугеб рокъор жанир лъимал тIад бугеб ратIлилъго регизе кколел руго.

Нурланица хадубги бицана кумек гьабизе кколел гIадамазул цо- цоязда лъалебцин гьечIин жидеего щвезе мустIахIикъаб кумекалъул хIакъалъулъ. Аслияб куцалъ гьел руго херал, гIажизал гIадамал, гьединазул рокъо-рокъоре ун цIех рех гьабизе кколеб буго, хIажатал кагътал ракIарун.

Цебеккун бицун букIахъе къварилъи ккаразе шагьаралъул нухмалъиялъ 10 000 гъуруш кьезе хIукму гьабун букIана. Амма цо хъизамалъе 25 азарго гъурщидаса цIикIкIун кьезе гьечIилан хъван букIана гьениб. Къварилъи ккаразул гIемерисез абулеб букIана гьеб гIарац жидее гIезецин гIоларилан. Амма Русланица бицана гьеб гIарац хIакъикъаталдаги щвезе кколел гIадамазе щолеб гьечIилан:

ГIалиев Нурлан: «Руго хъизанал жидее бицине гIанасеб къварилъи ккечIонигицин рецIалил гIарац щваралги, гьелдаго цадахъ руго гIарац щвезегIан иргаялда чIаралги. Гьединазухъе шун рукIана ниж гьал къоязда лъаларо ирга щоларогойищ гьезде бугеб яги шагьаралъул нухмалъулезда тIуранго кIочониш гьел тарал, амма мина-рукъалъе ккараб заралалда рекъон гьезие гIарац щун гьечIо жеги. Амма жидер рукъалъе кIудияб зарал гьабун бугин абун гIарац тIалаб гьабулезул гьениреги

щвана ниж. Балагьанаха, бугоха щибниги бицинегIанасеб гъая ккечIеб рукъ, гIицIго гIодоб бакI бугоан гьезул лъеца понцIозабун дагьаб, гьединго мокърукь бакIалъеги бугоан дагьаб гъая ккун, амма гьезие гIарац кьун буго тIубанго рукъ лъеца босараб гIадин документалги гьарун. Амма хIакъикъияб куцалъ къварилъи ккарал чанги гIадамал руго я гIарац, я кумек швечIого».

Краснодар мухъалда исана риидал лъим кIанцIидал гьенибги волонтеразул къукъаялда гъорлъ йикIарай Москваялда гIумру гьабун йигей Дибирова Луизацаги бицана «Эркенлъи» радиоялъе шагьаралъул нухмалъиялдаса кумек шварал чагIи цIакъго дагьал ругин Дербенталдаян. Мисалалъе жинда лъалеб лъабго хъизамалъе щун гьечIин жеги рецIалил гIарац гьелъул цIех-рех гьабун индал баянлъун бугин гьелъул хъвай -хъвагIай гьабурал кагътал рилун рукIин. Жибго къварилъи ккаразе гьабулеб гуманитарияб кумек гьабулеб куцалда жанирги гьадинал гIунгутIаби рихьулел руго гьелда.

Дибирова Луиза: «Дагьал, цIакъго дагьал гIадамазе щун буго гьеб кумекги, щваразги, гьа щванинха, лъим, ханжу пиринчI кьунилан абун цо бер ракIго швечIого буго гьелъул бицунеб. Гьениб бугеб бищунго кIудияб гIунгутIи ккола, гуманитарияб кумек гьабулел чагIазги, кумек хIажатав чи цIехон жиб жиб рукъалде щун цIех рехги гьабичIого, шагьар бакьулъеги рачIун, гьале ниж рачIун руго щиб щибниги босун хIажатал чагIи нижеда аскIоре рачIине бегьулилан тана. Гьединлъидал, узухъда балагь ккарал тIоцересел къояца гьезда аскIоса гIагардегIан рукъзал рукIарал гIадамазе щун буго гьеб кумек, бищунго зарал ккарал гIадамал абуни жидерго мина- къайи лъедаса бацIцIад гьабулел рукIана. ХIакъикъияб куцалъ кумек хIажатал гIадамазе гьеб щвечIо».

ГIодоркъояз чвахунцIадалъ зарал гьабурал бакIазда «хIалтIаби гьаризе» гвай бан къватIире рахъун рукIанин шагьаралъул нухмалъиянги хъвалеб буго цогидаб баяналда. Амма бищунго хIажатаб кумек Дербенталъулазе жеги-харги щун гьечIо.
XS
SM
MD
LG