Газалъул ва токалъул идарабаз лъазабулеб буго гIадамаз цIатариялъухъ гIарац кьечIолъиялъ свинабун букIанин гьебилан, гIадамаз лъазабулеб буго жидеца щибаб моцIица гIарацги кьолила, тIалъиялъе букIине кколелдаса цIцIикIкIун гIарац бахъизе къваригIун бугин жидехъайилан.
Шамат ва гьатIан къояз МахIачхъала-Астрахань федералияб нух ккун букIана ЦIияблак мухъалдаса гочинарурал росабалъа гIадамаз. Новостройилан абун лъалел гочинарурал тумаз гIумру гьабун бугел Тухчар, Дучи, Шушия, ЦIияблак гIаммаб къагIидаялъ I0 гIан росулъа гIадамал моцIица газги гьечIого хутIун рукIун руго.
Токги дагьаб-дагьаб заманалъ радалги къасиги гурони кьолеб букIинчIин бицана «Эркенлъи» радиоялъе бакIалъул гIадамаз. Гьелдаса разигьечIолъиги загьир гьабун къан букIун буго гьез нухги.
Багирчаева Эльмира: «МоцIица газ букIинчIо нижер доба, гьелда тIадеги токги свинабун букIана. Сордо – къоялда жаниб кIицIул кьолаан гьеб токги, амма цIакъго дагь гурони букIунароан гьебги. Рукъ гвангъизабулеб хIалалъ чирахъгицин рекIинабулеб букIинчIо кьураб мехалда гьеб токалъги.
ГIемерав чиясул техника хвана рокъоб, гьеб токалъул базар сабаблъун. Гьанже батIаго май моцI гурелъул бугеб, квачан буго къватIибги, рокъобги. Гьединлъидал я ток гьечIого я газ гьечIого, я бухIараб лъим гьечIого квачан холел, чара хун рукIана гIадамал. Цоязул гIисинал лъимал руго, цойгидазул рокъор цIикIкIарал чагIи руго, гьезие дагьабги захIмалъиларищха.
Гьеб жо букIине бегьулеб жойищ бугеб моцIица гIадамал гьедин тезе? Гьадингоги цо лъикIаб къо бихьичIо нижер халкъалда, кIицIул гочинарун гьанже бетоналъул гьарурал, рагьлилги цIурал, квачан хварал рукъзабахъ тун руго хIукуматалъ.
Гьелда тIадеги гьаб балагьги бачIинабун буго нижеде. Гьабизе жо тIагIун рес къотIун рахъун рукIана ниж къватIире. Митингал тIоритIун хадуб кьуна газ, гьел тIоритIун гурони бегьуларищ гьанже нижее рукIине кколел шартIал чIезаризе?».
Гьедин бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Новостроялъул Шушия росулъа Багъирчаева Эльмираца.
Гьелъул рагIабазда рекъон шамат къоялъ гьел митингалде рахъараб мехалда мухъалъул нухмалъиялъул вакилзаби рачIун руго гьелгун дандчIвазе. ХIакимзабаз лъазабун букIун буго гьебго сордоялъ гьезул рукъзабахъ газ букIине бугилан.
ЦIарал болжазда жаниб газ кьечIеб мехалда нахъисеб къоялъ митинг тIобитIун течIого федералияб нухги къан буго гIадамаз. Гьеб мехалда ЦIияблак мухъалъул бетIер Айдиев ХIажи вачIун вуго гьениве.
Гьес лъазабун буго жиндица кколел идарабаздеги ахIун сагIаталдасан газги токги букIунеб хIал гьабилилан. Гьесдаги божичIого жеги сагIатгIан мехалъги рагьичIила гIадамаз нухилан бицана Эльмираца. Жал хIакимзабазда божилъиялдаса инарун ругила гьез, гьединлъидал газ кьун бахъинегIан жал гьениса рагъаричIин бицана гьелъ.
МоцIица гIадамал газги гьечIого теялъе гIилла щибилан цIехезе «Эркенлъи» радиоялъ МахIачхъалагаз компаниялде ахIана. Гьезул юридикияб бутIаялъул нухмалъулей ХIажимурадинова Эльмираца, лъазабуна, заманалъ газалъухъ гIарац кьечIолъиялъ свинабун букIанин Новострояда ругел ЦIияблак мухъалъул росабалъ газилан. Чанги саназ гIарац кьечIел чагIиги ругила гьезда гьоркьорилан.
ХIажимурадова Эльмира: «Нижеда цебе масъала лъун буго гьел гIадамахъа гIарац бакIаризе. Гьезда гьоркьор руго чанги саназ цониги нухалъгицин газалъухъ гIарац кьечIел чагIиги.
РикIкIун бажарулареб гIан гIемер нухалъ ритIун рукIана гьезухъе заманалда газалъухъ букIине кколеб гIарац кьейилан тIалаб гьабурал кагъталги, къотIана чанги гIакIабиги, амма гьеб киналъулго щибго хIасил ккечIо.
Нижги гIадамал руго, нижедаги бичIчIула кинабго. Квачараб хасалихъе мехалда газги гьечIого хутIи расги лъикIаб иш гуреблъи лъаларев чи вукIинищ.
Амма гьезда нижги ричIчIаха, нижер чвантинибе унеб гIарац гурелъул гьездаса тIалаб гьабулеб бугеб, гьезда абулеб буго нужеца бухIарабгIанасеб цIатариялъухъ пачалихъалъе букIине кколеб гIарац кьейилан.
Щиб абуниги гьез гIинтIамичIеб мехалда къатIинабуна гьезие газги. Гьанжеги гьеб заманалъ кьун буго, гьал къоязда жаниб гьез байбихьизе ккола гIарац кьезе. Гьелъие санагIалъиялъе нижеца щибаб азбаралъубго гIарац кьун бажарулеб хIал гьабун буго».
Газалъул идараялъул баяназда разигьечIо Новостроялъул гIадамал. Гьезул рагIабазда рекъон гIадамаз газалъухъ букIине кколедухъ гIарацги кьолеб буго, амма газалъул идараялъ багьа-багьанаби ратун къотIулел руго гьезда гIакIаби.
Гьел гIакIаби кьезе жидеца инкар гьабулеб бугин лъазабуна «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Багирчаева Эльмирацаги.
Багирчаева Эльмира: «Дир 78 сон барав инсуца щибаб моцIица счетчикалда рекъон газалъухъ гIарац кьолеб букIана. Гьеб кьураблъи тадсикъ гьарулел документалги руго гьесухъ.
Амма гьесда газалъул 236 азарго гъурущ налъи бугин хъван батана газалъул идараялъ. Гьединал чанги чагIи гуро гьанир. Щибаб моцIица гIарац кьураб гIечIого, гьаваялдаса росун гьазул гIакIабиги нижее щибизе къваригIун ругел.
Гьеб базар сабаблъун чанги чияс газалъул идара диваналдеги кьун букIана, амма гьез щиб гьабунги жидеего нухал ралагьулел руго».
Гьединго Эльмираца бицана гIагараб заманалда жидер росабазул ругел киналго захIмалъабиги, масъалабиги рорхараб кIудияб митинг тIобитIизе бугила жидеца.
Гурони жидер ургъел гьабизе ракIалдаго гьечIила я бакIалъул нухмалъиялда, я республикаялъул тIалъиялдайилан.