Ссылки для упрощенного доступа

БукIинадай МахIачхъалаялда «Олимпиялъулаб гIодобиччай»?


Олимпиада лъугIизегIан Россиялда кутакалда кIвар кьезе бугин хIинкъигьечIолъи букIинабиялдейилан лъазабун букIана россиялъул къуваталъул идарабаз. Олимпиадаялъул заманалда МахIачхъалаялда гIадлу-низам цIуниялъе ва хIинкъигьечIолъи букIинабиялъе низамцIунулезе кумекалъе жамгIиял къокъаби гIуцIизе байбихьун бугин абурал кагътал чIван рукIана къватI-къватIалда.

Цере- цере некIсияб Грециялда Олимпиялъул хIаял тIоритIулеб мехалда киналго рагъал лъугIилъе толел рукIун руго. Гьез киса-кибего гIадамазде ракълиде рачIаян ахIи балеб букIун буго. Нилъер заманалдаги Олимпиялъул хIаязул заманалда рагъал лъугIизе тейин, ракълиде рачIайин гьарулеб букIуна гьел хIаял тIоритIулезги, гьезулъ гIахьаллъи гьабулезги, амма гьезул ахIиялъухъ гIин тIамулев чи гIемер гьечIо. Гьединлъидал Россиялъги Сочиялда Олимпиялъул хIаял унел ругебгIан мехалъ цIакъ кIудияб кIвар кьоле буго хIинкъигьечIолъи букIинабиялде, хасго Кавказалда гьелъул рахъ цIакъго цIакъ кьваризабун бугин абизе бегьула. Цере рукIаразда тIадеги гьенире дагьалги цIикIкIун оскариялги, полициялъул хIалтIухъабиги рачIун руго, рагъулаб техникаги гIемерлъун буго буго.

Олимпиада лъугIизегIан шагьаралда гIадлу-низамги хIинкъигьечIолъиги букIинабиялъе низамцIунулезе кумекалъе рахъине хIадур руго цо-цо гIолохъаби. Гьедин МахIачхъалаялъул къватI-къватIаза, гIемертIалаял минабазда чIван руго гьел жамгIиял гIадлу-низам цIунулел къокъаби гIуцIулел ругин, гьенире бокьарав чи гъорлъе лъугьине бегьулин хъварал кагъталги. ЧанцIулго ахIаниги МахIачхъалаялъул администциялъухъан кин гьел къокъаби хIалтIулел ругел, щал ва чан чи гьезул мухъилъ вугевилан абурал баянал щвечIо нижехъе. Гьединго лъазе кIвечIо гьеб гIадамаз жалго лъикIал лъугьун гьабулеб бугеб ишищ яги тIасан кьураб буюрухъищалиги.

Гьединго МахIачхъалаялъул къватIахъ Эркенлъи радиоялъ гьабураб цIех-рехалъ бихьизабуна шагьаралъулазда гьел къокъаби гIуцIулел рукIиналъул хIакъалъулъ лъалебцин гьечIолъи. ГIадамазул цIикIкIунисез гьеб чIалгIаде гьабулеб иш бугилан рикIкIунеб буго.

Гъазиев Рамазан: «Берцинаб, батIи-батIияб олимпиадаялъул спортивиб парталги ретIун берцинлъи гьабулел ругонигицин пайда букIина гьел къокъабаздасан. Гьел рихьараб мехалда гIадамазул ракIал роххизе бегьула, киса-кирего дунялалда рукIуна гьел спортивиял волонтералин абулел чагIи, амма гьез кутакаб гьабулеб хIалтIиги букIунаро.Нилъер гIолохъабиги цо кинаб бугониги ишалде руссун рукIиналъе гIоло гьединал къокъаби гIуцIигицин дида бичIчIила, амма гьел къватIал тирун х IинкъигьечIолъи букIиналда хадуб халкквей гьезде тIаде босизабиялъул пайда букIинарин ккола дида».

Гьедин бицана «Эркенлъи» радиоялъе «Анжи» футболияб клубалъул фанатазул «Дикая дивизия» къокъаялъул бетIер Гъазиев Рамазаница.

Журналист ХIапизов Юсупил пикруялда рекъон гьел къокъаби гIуцIи пайда гьечIеб иш буго, гьелде тIадеги Юсупица рикIкIунеб буго кодоб кинабгIаги ярагъ яги гIадлу хвезабулезе тамихI гьабизе рес гьечIел гьел жамгIиял къокъабазул гIахьалчагIазул гIумруялъецин хIинкъи бугилан.

ХIапизов Юсуп: «Дида гьел къокъаби гIуцIиялъул пайдаго бихьуро. Щиб гьелъ кьезе бугеб. Цосина ярагъ кодов бугев чиясде тIаде ккани щиб гьабизе бугеб гьел жамгIиял гIадлу-низамалда хадуб халкквеялъе гIуцIарал къокъабаз? Жакъа бокьарав чи хьвадилев вукIуна нилъер гьанив ярагъги кодоб ккун. Бокьараб дагIба-къец ккезе бегьула гьезда гьоркьоб, цосина рагъизе ккани, яги гьев гIадлу хвезабулес ярагъ къватIибе бахъани балагьалде рачине бегьула. Официалияб къагIидаялъ гьел гъалмагъир гьабурал чагIазе гIадлу гьабизе кинаб бугониги рес кьолеб бугонигицин, гьел къокъабаздасан пайда букIине бегьила, гурони гьезул щибгIаги пайда бихьуларо дида.

ЦIех-рех гьабуразда гьоркьой гьел къокъаби гIуцIиялъул рахъ кколин жиндицайилан абурай цого цо чIужугIадан ятана нижеца.

ГIалиева ПатIимат: «Дица гьел къокъаби лъикIаб иш бугилан рикIкIуна. Нилъер гьаб хIинкъи цIикIкIараб бакI бугелъул полициялъе кумекалъе гьел рукIаниги щиб. Ясал рачунел ратани дунгогицин гьезул кьерулъе лъугьинаан».

Гьаниб рехсезе ккола цере-цереги Дагъистаналъул чанги росдал жамагIатаз росулъ гIадлу-низам букIинабиялъе гIоло жамгIиял къокъаби гIуцIун рукIанин. Гьезул чангиязухъ ярагъгицин букIанилан. Амма гIемер мех балалдего гьел къокъаби риххун руго щай гурелъул гьезие гIоло росдал гIадамазда гьоркьоб тунка-гIуси кколеб букIиналъ. Гьелъие мисаллъун бачине бегьула 20I3 соналъул риидала Лаваши мухъалъул Хажалмахи гьел гIадлу-низам цIунулел гIолохъабаздаги цойгидаздаги гьоркьоб кьал ккеялъ гьенив кIиго чи чIван вукIараблъи.

XS
SM
MD
LG