«Шималияб Кавказалъул яргъид гIуцIаразул къокъаби ва Сирия» абураб доклад загьир гьабуна арбагI къоялда Халкъаздагьоркьосеб кризисалъул къокъаялъ. Гьелда регионалда бугеб ахIвал-хIалалда ва гьенисан Сириялде рагъалде унезда хурхун бугеб ситуация бихьизабун, Россиялъул нухмалъиялъе рекоменадцияби кьолел руго хакIаб дерадикализациялъе гьаризе кколел галабазда хурхун. БатIа чIун рекомендацияби кьолел руго гьединго Дагъистаналъул нухмалъиялъеги.
Докладалъул автораз кIвар буссинабулеб буго ахирисеб кIиго сонида жаниб Шималияб Кавказалъул республикабазда бихьулеб къагIидаялда зулмуялъул даража гIодобе ккун букIиналде. Гьезги гьеб рикIкIунеб буго регионалдаса радикалиял гIуцIиязул гIахьалчагIи рагъизе Сириялдеги ГIиракъалдеги ун рукIиналда.
Гьедин букIаниги Дагъистаналдаги Гъабардагун Балкариялдаги хутIулел рагIула гIисинал къокъаби «Исламияб пачалихъ» абураб Россиялда гьукъараб гIуцIиялъул идеяби къабул гьаруларел, Гьел хутIулел руго Россиялда гьукъараб Имарат Кавказ гIуцIиялъул хIаракатчагIи хIисабалда. Гьединал къокъабазул квербакъи гьанже регионалда ккун буго минимумалдейин, хъвалеб буго докладалда.
БукIине бегьулищ докладалда бихьизабураб ахIвал-хIалалде ва тенденциязде асар ахирисел хIужжабазул, ай, Россиялъ Сириялдаса рагъулазул контингенталъул бутIа нахъе бачунеб букIиналдаса? Гьадинаб суал нижеца кьуна Шималияб Кавказалъул рахъалдаса эксперт Варвара Пахоменкое.
Варвара Пахоменко: «Кинаб хIасил гьелъ кьезе бугебали, абизе захIматго буго гьабсагIат. Россиялъул пачалихъиял хъулухъчагIаз гьанже абулеб буго, гьеб операциялъул масъала букIанин террористияб гIуцIабаздаса бергьинин. Гьеб хIалкIолеб жого гуро. ХIакъикъаталдаги, гьедин абулеб букIана цебе экспертазги.
Гьелго пачалихъиял хъулухъчагIазул рагIабазда, Россиялъул мурад букIана, Россиялда гьукъараб Исламияб пачалихъ ва ДжабхIат ан-Нусра гIадал гIуцIабазе Сирия биххизабизе биччангутIи.
Лъица щиб абулеб букIанинги, жигьдистаздаса гьениб бугеб хIинкъи гьанжеги хутIулеб буго. Гьездаса хIинкъи Россиялъеги хутIулеб буго.
Сириялда гIемер чагIи рагъулел руго Шималияб Кавказалдаса рачIарал. Гьай-гьай гьаниб хутIулеб буго хIинкъи гьел Шималияб Кавказалде нахъе руссиналъул. Гьезул цоял цолъизе бегьула экстремистиял яргъид гIуцIаразул къокъабигун. Гьединал мисалал гьанжеялдего руго. Гьединлъидал абизе бегьула. кIудияб хIинкъи гьелдаса букIине бугин».
Докладалъул автораз хъвалеб буго, Россиялдаги цогидал пачалихъаздаги гьукъараб «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъе квербакъи Шималияб Кавказалъул республикабаздаса талхизабизе ккани, Россиялъ гIуцIизе кколин дерадикализациялъул стратегияйин. Гьелъие къваригIунин батIи-батIиял темабазул ва гIелмабазул интеллектуалиял сурсатал цолъизари. Гьездаго гъорлъ рукIине кколин регионалда сверун эксперталги, къуватиял структурабаздаса, лъай кьеялъул идарабаздаса, диниял гIуцIабаздаса ракIбацIадал, жидерго сфераялда кIудияб даражаялъул махшелги божилъиги бугел вакильзабигийин.
ГIолиллъиялде кIудияб асар букIине бегьулин къануналъул адаб гьабулел фундаменталистазул лидеразулин ва гьезулгунги контактал гIуцIизе кколин.
Халкъаздагьоркьосеб кризисалъул къокъаялъ радикализациялъул багьанаби тIагIинариялъул мурадалда Россиялъул хIукуматалъе гьарулел рекомендациязда абулеб буго, тIоцебего къабул гьаризе кколин рагIалде рахъинаричIел конфликтал, рагIирекъонгутIиял ва регионал церетIеялъул ресал къотIизари радикализациялъе багьанаби рукIин хIисабалдайин.
Радикализация халат бахъине биччангутIиялъул мурадалда Россиялъул хIукуматалъ къувалъизабизе кколин ГIагараб Машрикъалдаса нахъе руссунел жигьадистазде данде гьабулеб къеркьейин. Гьелъиейин абуни, щулалъизабизе кколин цIех-реххалъул идарабазул ритухъаб ва къануналде данде кколеб хIалтIул къагиIдабазул бажари.
Гьел идарабаз гьединго гьединал гIадамал гьесизаризе кколин жидеего бокьун ракълилаб гIумруялде руссиналъе гьарулел галабазде ва антиэкстремистияб пропагандаялда гIахьаллъхиялде.
Хасаб къагIидаялда Дагъистаналъул Жанисел ишазул министерлъиялъе гьарурал рекомендациязда абулеб буго, гьелъ инкар габизе кколин къанунал къабул гьарулел салафитазда хурхун билъанхъизабулеб дискриминациялъул практикаялдасайин. Гьелдаго цадахъ инкар гьабизе кколин профилактикаялъул сияхIал гIуцIиялдаса ва цогидал къануназдеги конституциялдеги данде кколарел къагIидабаздасайин.