Ссылки для упрощенного доступа

МакьастIа - гIумруялде бахъинабичIеб анищ


Шималияб Кавказалда курортал раялда сверун оптимистияб риторика ва ахIи-хIур цинтIаго гIодобе ккана июналда. Россиялъул хIукуматалъ инкар гьабуна регионалда базе ракIалда букIараб 7 курорталда гъорлъан 4-ялдаса. Экономикияб хIисаб ракIалде босун, проектал гIумруялде рахъинари мекъаб гали букIин щаялиго гьанже гурони бихьун гьечIо тIадтаразда. Гьелъул хIакъалъулъ цо-цо экономистаз абулеб букIун рагIула 2010 соналдаго, ай, курортал гьенир раялъул инициатива загьир гьабизе байбихьараб мехалдаго.

Шималияб Кавказалда разе ракIалда рукIарал курортазул ункъгоялдаса хIукуматалъ инкар гьабулеб букIиналъул хIакъалъулъ вице-премьер Александр Хлопониница лъазабуна Федерациялъул Мажлисалда 18 июналда. Проекталда ругел гIунгутIиязул хIакъалъулъ жинцаги жиндир цо-цо кколлегабазги загьир гьарурал пикраби гIадахъ росун рукIарабани, проблема баккизе букIинчIин, гIагсалда, финансазул экономия гьабулаго данде кколел проектал гIумруялде рахъинариялда икъбалал щвезе рес букIанин, абуна эркенлъи радиоялъе комментариял гьарулаго Россиялъул гIелмияб академиялъул Базаралъул проблемабазул институталъул вакил Михаил Чернышовас. Гьес хасаб кIвар буссинабуна Хунзахъ мухъалда базе байбихьараб Макьаста курорталде.

Михаил Чернышов: «Макьаста» проекталда гъоркь букIинчIо экономикияб рахъалдаса пайда бихьизабулеб кьучI. Гьелда гъорлъ букIанин абизе бегьула политикияб кьучI. МугIрузул лыжабазул курорт гьениб баялъул хIукму хурхараб букIана гIицIго "Курорты Северного Кавказа" гIуцIиялъул бетIер Хунзахъ мухъалдаса вукIиналда. Амма гьеб хIукму данде кколеб букIинчIо гьениб бугеб хIакъикъаталде, ай, гьенир гьечIо мугIрузул лыжабазул спорталъе къваригIунел мугIрузул щобал ва гIазудал къваригIунеб къадар. Гьай-гьай, гIемер гIарац хвезабун, мугIрузда гьединал щобал къотIун къваригIунел параметрабазде данде ккезаризе бегьула ва лъезе бегьула гIазу гьабулел агрегатал. Амма гьениб хвезабураб гIарац бецIизе кIвезе букIинчIо. Жибго проекталъул параметрабиги кьучI гьечIого кIодо гьарун рукIана. Ай, гьеб проекталъ бихьизабураб мугIрузул лыжабазде хъештIезе рачIунел туристазул къадар гьечIо ва букIине ресги гьечIо. Гьеб проекталъул маркетинг щвалде щун гьабун букIун гьечIо. Амма дица рехсарал гIемерисел проблемаби хурхарал руго гьединго Шималияб Кавказалъул курортазул цогидал проектаздаги.»

«Курорты Северного Кавказа» абураб акциязул жамгIият гIуцIулеб мехалдаго щай гIенеккичIел экономистазухъ? Щай гьанже гурони хIукму гьабичIеб гьеб ункъабго проекталдаса инкар гьабизе? Гьел ва цогидал суалазе гьанжеги цогIаги пачалихъияб идараялъ мухIканаб жаваб кьечIо. Чернышовас хьул загьир гьабуна, гьел суалазе жавабал къанунал цIунулел идарабазул кумекалдалъун ралагьизе рукIиналде.

ЭР. - Щибха цинги Макьастаялда гьабураб хIалтIи, хвезабураб гIарац гIададагосебищ букIараб? Щиб гьениб букIине бегьулеб гьанже?

Михаил Чернышов: "Макьаста букIине гьечIо миллияб даражаялъул мегапроект. Гьеб букIине буго муниципалияб гIуцIиялъул даражаялъул гьитIинабго туристикияб объект."

«Курорты Северного Кавказа» гIуцIиялъул тIолабго проекталъул бицине байбихьараб мехалда Чернышовас цебелъей гьабун букIун буго Макъастаялда хириябги кIудияб магIна гьечIебги проекталъул бакIалда, ГIахъуша мухъалда бугеб Чиндирчеро базаялъул ресал цикIкIинариялъул.

Михаил Чернышов: «Дагъистаналда жиндирго заманалда гIумруялде бахъинабун букIана "Чиндирчеро" абураб проект. Гьениб хIакъикъаталдаги буго мугIрузул лыжабазул курорт баялъул шартIал ва гьеб база гьанже берцинго хIалтIулебги буго. Гьеб бакI гIатIилъизабиялъе ва дагьалъ бечедаб инфраструктура гIуцIиялъе къваригIуна, Макьасталде данде ккун, чанго нухалъ гьитIинаб гIарцул къадар. Заманалъ бихьизабуна гури, пачалихъалъул гIарац гIолеб гьечIеб мехалда гьединаб щвалде щвечIел проектал гIумруялде рахъинаризе бажарулареллъи, гьел кIиабилеб планалде кколеб рукIин. Гьелъул хIасилалда, дагьалъ цебе Хлопониница лъазабухъе, приоритетал ахир-къадги руссинаруна лъабго объекталде. Гьеб ккола Архыз, Ведучи ва Эльбрус курортазде. Эльбрусалда хурхунги цо-цо суалал хутIулел руго.»

Туристазул Макка Шималияб Кавказалда гIуцIиялъул идеялъул рахъ ккун букIана доб заманалда президентлъун вукIарав Дмитрий Медведевас. Проекталда рекъон, 2020 соналде Кавказалъул щобазда раккизе кколел рукIана дунялалъул классалъул, конкуренция хIухьезе бажарулел курортал ва базаби. Гьелъие гIоло 2010 соналъул декабралда Дагъистаналдаса бизнесмен АхIмад Билалов нухмалъудеги тIамун рагьана «Курорты Северного Кавказа» абураб акциязул жамгIият. Гьелъул акциязул 98 процент букIана пачалихъалъухъ. Амма хадуб гIадада тIокIлъигун гIарац хвезабиялъул гIайиб гIунтIизабурав Билаловги ана улка тун къватIиве. Гьев лъазавуна халкъазда гьоркьосеб валагьиялде. Гьелда хадуб абухъего «кIалдиб хIацIугун» беццулеб букIараб проекталъул хIакъалъулъ бицине байбихьана дагьалъ гIодобе биччан, тIоцебе загьирлъулеб букIараб оптимизм буссана, Россиялъул халкъ ругьунаб, коррупциялъ бижинабулеб пессимазмалдеян, абуна Чернышовас.

Шималияб Кавказалъул курортазул проект гьитIинлъизабулеб букIиналъул хIакъалъулъ лъазаби баккарабго ккаралда хурхун информалатазда ва Интернеталда раккIана гIемер версияби. Жакъа интернеталда бищунго машгьураб пикру буго хурхараб Кавказалда хвезабизе кколеб букIараб гIарац Крымалде буссинабулеб батилин абураб. Гьединал пикрабазул авторазул ракIчIей щулалъизабулеб буго хамиз къоялда Россиялъул Федерациялъул регионалияб цебетIеялъул министр Игорь Слюняевас гьабураб лъазабиялъги. Гьесул рагIабазда, хIукуматалъ 2015 соналде щвезегIан Крым цебетIеялъе хвезабизе буго 100 миллиард гъурущ. Цебе Слюняевас лъазабун букIана, Крым ва Севастополь цебетIезабиялъул федералияб программаялъе 2020 соналде биччазе бугин 800 миллиардалдаса триллионалде щун гъурущин.

XS
SM
MD
LG