Ссылки для упрощенного доступа

Унгогийищ Дагъистан экстремистияб дандечIеялъул централде буссун бугеб?


Информалатазул лъазабиязда рекъон, 19-20 апрелалда хасаб операциялда чIварав «Имарат Кавказ» абураб экстремистияб къокъаялъул лидер Гебеков ГIалиасхIабил бакIалда тун вуго Генуб кьалбал ругев Сулейманов МахIамад. Цо-цо экпертаз рикIкIунеб буго, гьеб гIуцIиялда жаниб ахирисеб заманалда загьирлъулеб тенденциялъ ресал рагьулел ругин «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул асар регионалде цикIкIиналъейин.

Россиялъул гIелмияб академиялъул Этнополитикиял цIех-реххазул централъул гIалимчи Ярлыкапов АхIмадил пикруялда, Шималияб Кавказалда шартIал раккулел руго «Имарат Кавказ» «Исламияб пачалихъ» абураб радикалиял исламистазул гIуцIиялъул филиалалде буссиналъе. Гьелъие тIоцебесеб ишараги хурхараб бугин «рохьилазул» цояз «Исламияб пачалихъалъе» гьа балеб букIин.

АхIмад Ярлыкапов: «АхIвал-хIал хисулеб буго цIакъ хехаб къагIидаялда. Гебеков чIваялъги гьеб ахIвал-хIал дагьалъги хIалуцинабуна. Гьеб гIуцIиялъул гьоркьохъеб даражаялъул лидеразул гIемерисез гьа балеб буго "Исламияб пачалихъ" гIуцIиялъе. Гьел процессазде балагьун, абизе бегьула "Имарат Кавказалъул" батIа чIараб гIуцIи хIисабалда статус хисизе бегьулин. Рес буго "Исламияб пачалихъ" гIуцIиялъул Шималияб Кавказалда фиилиалалде гьеб буссине. Гьединаб хIинкъи гIуралъ хIакъаб буго».

Ярлыкаповас рикIкIунхъе, гьеб процессалде данде къеркьей цакъ захIматаб масъала ккола. Шималияб Кавказалъул яргъид гIуцIаразул цоязда «Исламияб пачалихъалда» гъорлъ рукIин бихьулеб буго пайдаяблъун кинабго рахъаздаса, гьездаго гъорлъ, материалияб рахъалдасанги.

АхIмад Ярлыкапов: «Дир пикруялда, гьеб процессалде дандечIеялъул ресал дагьал руго талъиялъул. Баянаб жо, Россиялъул нухмалъиялда "Имарат Кавказалъул" яргъид гIуцIаразда тIад контроль чIезабизе бажаруларо. Гьа баялъул процессги чIезабизеги бажарулеб жо гуро. Ахирисезда "Исламияб пачалихъ" гIуцIиялъул проект бихьулеб буго "Имарат Кавказалъулалдасанги" лъикIал перспективаби ругеб гIуцIи хIисабалда. "Исламияб пачалихъ" гIуцIиялъул филиал хIисабалда гьеб гIуцIиялъул гIахьалчагIазе гIарацги щвезе буго цIикIкIун. Гьеле гьединаб арифметика бугин абизе бегьула.»

ЭР. - Дур пикруялда щиб гьелде данде лъезе бажарулеб улкаялъул ва региналъул нухмалъиязда?

АхIмад Ярлыкапов: «Гьеб рахъалда Россиялъул пачалихъалъул ресал цIакъ гьитIинал руго. Щибха гьелъие хутIулеб бугеб? Гьелъ, дир пикруялда, цIикIкIинабизе ккола гьеб балъгояб экстремистияб къуваталде данде къеркьей. Гьелдаго цадахъ щулалъизаризе ккола гIорхъаби, доб рахъалдаса яргъид гIуцIарал республикабазде риччачIого рукIиналъе. Щай? Гьаб рахъалда руго "Исламияб пачалихъалъе" гьа барал, доб рахъалдаса гьебго гIуцIиялъул кьеразда рагъул махшелги хIалбихьиги щварал тIаде рачIани, улкаялъе буго кIудияб хIинкъи».

Цо заманалда Дагъситаналдаги, цогидал республикабаздаги хIал бихьулеб букIана «рохьилазулгун» диалог гIуцIизе. Гьеб вариант жакъа халат бахъинабизе бегьуларищ?

АхIмад Ярлыкапов: «Гьезул идеологияб бербалагьи ракIалде босун, гьел гIадамал Россиялъул нухмалъигун кIалъазе гьечIо, дир пикруялда. Диалог гIуцIизе бегьулеб батаниги, гьеб гьабизе бегьулеб батила салафиязул батIи-батIиял къокъабазулгун. Щай? Щайгурелъул жибго "Исламияб пачалихъ" гIуцIи салафиязул гIахьаллъиялдалъун гIуцIун бугониги, регионалда гьединазул кIудияб къокъа данде буго "Исламияб пачалихъ" проекталде. Гьединаб факторалдаса пайда босизе ккола. Гьебго факторалъ салафиязул лидерал цулел ругин абизе бегьула пачалихъалъулгун диалогалде. Амма гьеб гIуцIиялъе гьа баразулгун диалог гIуцIизе бажарулеб жо гуро».

Ярлыкаповасул абулеб буго, Шималияб Кавказалъул «рохьилазул» «Исламияб пачалихъалде» симпатияби цIикIиналъул яги дагьлъиялъул фактор «Имарат Кавказ» гIуцIиялъул лидераздаги бараб бугин гIуралъин. Гьанже гьелъул нухмалъулевлъун вахъарав Сулейманов МахIамадил бербалагьи кинаб бугебали бихьизе ккани, заман къваригIинин, жубалеб буго Ярлыкаповас.

Ахирисеб заманалда «Имарат Кавказалъул» нухмалъуде дагъистаниял рачIунел руго. Дур пикруялда, кколищ гьеб Шималияб Кавказалда экстремистияб къеркьеялъул центр Дагъистаналде буссун бугин абураб?

АхIмад Ярлыкапов: «Гьеб ккола ахир-къадги "Имарат Кавказалъ" жиндирго позициби кьолел ругин абураб, гьебги щиб гьеб "Исламияб пачалихъ" гIуцIиялъе пайдагунин.

РакIалде щвезабила, тIоцеб гIуцIиялъул нухмалъуда рукIана чачанал, хадуб гьелъул лидерлъун вахъана Гъабардагун Балкариялдаса Анзор Астемиров. Гьелда хадуб гьелъул нухмалъуде рачIана дагъистаниял. Гьанже гьенир гIуцIго дагъистаниял ругинцин кколеб буго. Гьезул кьеразда ругел Кавказалъул магърибалъул рахъалдаса гIадамазул къадар бихьулеб къагIидаялда дагьлъана. Гьединлъидал дицаги рикIкIуна Шималияб Кавказалъул экстремистияб дандечIеялъул центр Дагъистаналде буссунеб бугин. «Имарат Кавказ» гIуцIиялда гъорлъ ругел чачаназул къадарцин дагьлъулеб бугин ккола дида».

XS
SM
MD
LG