Ссылки для упрощенного доступа

Президентасул «цІалкІогун» нахъ буссинабураб къанун


Москва - Россиялъул Пачалихъияб Дума
Москва - Россиялъул Пачалихъияб Дума

8 соналъ цебе Владимир Путинил инициативаялда рекъон, нахъе рахъун рукІана губернаторал кинабго халкъалъ гьаркьал кьун рищиялъул къагІида. Улкаялда цого-цо Дагъистаналда киданиги хІалтІизабун букІинчІо гьединаб къанун. Гьанже Пачалихъияб Думаялъ къабул гьабураб гьединал рищиял нахъе руссинарулеб къануналда рекъон, гьединал ресал раккулел руго республикаялдаги. Щиб гьеб кколеб Дагъситаналъе? БукІинищ гьелъул лъикІаб асар чанго соналъ чІечІого кьвагьиялги, тІадекІанцІиялги загьирлъулеб ахІвал-хІалалде. Лъугьинищ гьеб коррупционеразе нухмалъиялде нух къаялъе багьаналъун? Раккизаризе ругищ гьелъ цогидал позитивиял тенденцияби?

Регионазул бутІрул тІолабго халкъалъ гьаркьал кьун рищиялъул къагІидаялде нахъе руссине рес кьолеб къанун Россиялда рухІалде бачІана Ι июналда. Гьанже улкаялъул 83 субъектазул парламентаз жидерго регионалиял конституциязда ва къануназда хиса-басиял гьаризе ккола гьел Россиялъул Конституциялдеги федералияб къануналдеги данде кколедухъ. Гьелъул тадбирал гьанжеялдего тІоритІана Москваялдаги, Москваялъул областалдаги, Татарстаналда, Башкортостаналда, Чувашиялда, Амур, Челябинск областазда, цогидал регионазда. Дагъистаналдаги тІоцебесеб цІалиялда гьединаб къанун къабул гьабуна хамис къоялда. Гьелда рекъон, гьанжеялдаса нахъе руспубликаялъул бетІерасул хъулухъалде кандидатуразул цебелъей гьабизе буго политикиял партияз. Амма, рес букІине гьечІо жидецаго жидерго кандидатураби лъезе. ТІадегІанаб хъулухъалде вачІине бокьарав чияс бакІаризе ккезе буго жиндирго рахъ кколел муниципалиял даражаялъул депутатазул гъолбасазул І0 процент. ТІоцебесеб цебелъеялда рекъон гьелъул даража букІана 5 процент. Къанун кІиабилеб цІалиялда къабул гьабизе ккола июлалъул байбихьуда.

Къанун хІалтІизе байбихьун хадуб кинаб хиса-баси ккезе бегьулеб Шималияб Кавказалда? БукІунищ гьелъул асар регионалда бугеб хІалуцараб ахІвал-хІалалде? Нижее комментариял гьарураз риккунеб буго, гьеб къануналъ регионалъул бутІрузул рищиял тІадруссинарулел рукІаниги, гьел жибго рагІиялъул магІнаялде тІуранго данде кколарин. Гьел аслияб къагІидаялда божулел гьечІо гьеб галиялъ регионалда ахІвал-хІал лъиклъизабизе букІиналда. Машгьурав жамгІияв хІарактчи Уладиев Сулайманица абулеб буго дагъистаналъул нухмалъиялде ине бокьарал гІадамазул гІамал-хасият, хьвада-чІвади ракІалде босани, гьеб ахІвал-хІал хІалуццинабизецин бегьулин.

Уладиев Сулайман: «Дагъистаналда президент киданиги вищун вукІинчІо. Гьанже рес букІине гьечІо жинцаго жиндирго кандидатура лъун, республикалъул бетІерлъун вахъине. Бихьизабуна фильтр, цІалкІойилан абула нилъеца гьелде. ЦІалкІилаха гьез, жидерго кандидатура лъезе рес гьечІо, гьеб гьечІониги. Цебе Россиялъул президентас рихьизарулаан, нилъер депутатаз кверал рорхулаан. РорхичІони, гъолги хъамулаан нахъе. АхІвал-хІал гьаниб хисила. Гьанир ругеллъидал бутІруллъун рахъине бокьарал гІезегІан гІадамал. Хъулухъалде рачІине бокьаразул 99 процент Дагъистаналда букІуна аздагьабигІадал чагІи, кодор миллиардалги ругел (рикъарал рукІуна гьелги), жиде-жидер армиябиги ругел (ярагъги гьезухъ букІуна жакъаялде бищунго цІияб), жидеего квал-квал гьабулеб бугони, бокьарав чи хІайвангІадин чІванги реххула гьез. Республикаялъул бетІерлъуде кандидатура лъезе планал загьир гьарун, дунгІадав чи гьез аскІове къазе виччаларо. Щайгурелъул нилъер халкъ ругьунлъун буго чакараллъухъ, гьанже долларазухъ жидерго гьаркьал ричизе. Нилъ гьединал бецІал чагІи руго. (Квешаб жоялде квешабин абизе ккола. Квеш кквезе кколаро.) Нилъер гьаниб халкъалъе европаялдагІин рищизе ресал кьуни, гьав анкькІочарав бандит вищизехъен вуго хъулухъалде. Гьелде щиб абизе кколеб? Халкъалде абуни, ле, гІадамал, гьел хІукуматалъул хъулухъчагІазда бараб бугин нилъер ахІвал-хІалги, яшавги, нилъер рукІа-рахъинги, киналго лъималазул къисматги – гьелъул сан гьабулев чи вукІунаро.

АхІвал-хІал хисилаха цингиги дол дица абулел аздагьабазул, хъачагъазул цо партиялдасан чанго чияс кандидатура лъуни. Республикалъул бетІерасул тах лъихъе щвелеб абун суал бугеб мехалда, гьез гьаниб питна гьабизецин рес буго. Халкъалги хадур цІан, жиндирго росо, мухъ, миллат хадуб цІан, бокьараб жо гьабизе бегьула гьез. Гьелъие гІоло гьез нилъ, лъабго миллионгІанав чи гъоб гьан ххенолеб алаталдасанги риччала, къварагІел бугони. Гьелде ругьунлъун руго гьел. Дида бихьуледухъ, гьаниб ахІвал-хІал хІалуцине бегьула, ургъел бугеб хІал буго гьаниб.»

Регионазул бутІрул рищиялъул къагІида хІалтІизе байбихьун хадусеб къоялдаго, Дагъистаналда цо-цояз байбихьизе буго республикалъул бетІерасул тахиде нух бахъизе. Гьебги щиб, хъачІаб конкуренциялъул шартІазда. Гьезул къагІидаби хурхарал рукІине руго бикъа-хъамун щвараб гІарац хІалтІизабиялдасан байбихьун чІвай-хъвеялде щун чурукал технологиял хІалтІизариялда. Гьединлъидал республикаялда ахІвал-хІал дагьалъги хІалуцине бегьула. Гьединаб пикру загьир гьабуна нижер программаялъе Уладиев Сулейманица. Разилъулевищ мун гьединаб пикрялда? Гьадинаб жаваб кьуна гьединаб суалалъе «Миллат» абураб аваразул лъиданиги бачІеб газетаялъул бетІерияв редактор БисавгІалиев МахІамадица.

БисавгІалиев МахІмад: « АхІвал-хІал хІалацине буго. Гьелдаго цадахъ гъол ярагъги бугел, гІарацги, къуватги бугел финансазулгун политикиял къокъабазда лъан букІине буго, жидехъ бугебгІадабго ярагъ дандиязухъги букІин. Гьединлъидал гьез жалго цІуниялъул мурадалда билъанхъизабизе буго кагътиде босун гьечІеб дипломатия хІалтІизабизе буго рищиязда. Амма рагъги биял тІейги, дида бихьухъе, букІине гьечІо. КІиябго рахъалда лъала дандиязухъги ярагъ букІин.»

Кинал ругел пикраби цІияб къануналда сверун дагъистаналъул мадугьалихъал республикабазул вакильзабазул?

Карданов Азамат, Гъабардагун Балкариялдасан жамгІияв хІаракатчи: «Дир пикруялда, щибниги хисуларо. Гьеб гьабун буго, гІадамазул протест жидеда рагІун букІиналда, жидер халкъалъул пикрабазда хурхун ракΙ унтун букІиналда гІадамал божизаризелъун. Гьеб буго бихьудае гьабулеб гали. ХІакъикъаталдаги, гьеб къануналъул кинаб цІар батаниги, гьеб кколаро халкъалъул жидеего бокьарав лидер вищизе рес баккун бугилан абураб жо, хасго гьелда бихьизабун бугеб фильтр ракІалде босани. ТІадтараз фильтралдасан ворчІизе вуго гІицІго гьезие къваригІарав кандидат.»
.
МахІамад АхІмадов, Чачаналъан компартиялъул регионалияб бутІаялъул лидер: «Улкаялъул нухмалъи лъикІаланго хІинкъун буго. Хасалил бищунго цІорорал къояз гІадамал протест загьир гьабизе къватІире лъугьун рукІана. Амма гьез лъазабураб жо, гьеб къанун гуро, гьеб ккола гьойдуе рехараб ракьагІадаб жо. Гьеб ккола губернаторазул рищиязда сверун унго-унгояб фарс. Гьеб ккола халкъалъул жидедего бахъараб цІим нухмалъиялъ хьибилалдехун биччазе гьабулеб хІалбихьи, гьелъие хІалтІизабулеб интсрумент. ХІакъикъаталдаги гьел рукІине гьечІо эркенал рищиял. Кинал рищиял гьел рукІунел, кандидатал тІадтаразул фильтрадасахун риччалел ругони. Лъица кьолеб гарантия, гьеб цІалкІоялдасан нилъее, рищарухъабазе къваригІарал кандидатал рорчІизе рукІиналъул. Лъицаниги. Гьеб букІине буго гІагсаб хІакъикъат. Гьединлъидал диеги, дунгогІадазеги бокьун гьечІо гьеб фарсалда гІахьаллъизе. Цингиги нижер партиялъ, я парламенталъул, я президентасул рищиял къабул гьаричІо легитимияллъун.»

Шаов Азамат, черкессазул тарихчи: «Гьеб формаялияб гали ккола. Кибехун буссинабуниги, нухмалъиялде вачІине гьечІо халкъалъе къваригІарав чи. ТІадегІанав хъулухъчиясул тІадкъаял цин цояс цогидасухъе кьун, заман щвараб мехалда нахъе росун: гьеб къагІида бихьун хадуб гІадамаз кьезе байбихьана суал: «– Щай гьеб нижеда, халкъалда гьикъичІого гьабулеб?» абун. Гьединал къагІидаби хІалтІизарулел руго, халкъалъул кІал къазабиялъул мурадгун. Амма нилъги беццал гурелъул. Щай гьеб къануналда, гьез абухъего, фильтр бугеб?! Нилъеда лъалагури, гьеб фильтралъул кумекалдалъун регионазда гьез хъулухъазда гІицІго жидеего данде кколел чагІи лъезе рукІин, гьебги щиб, нилъеда гьаркьалги кьезарун. Гьединаб къагІидаялда рищиязул имитацияги гьабун, гьезул тІадеги рес баккулеб буго, регионалъул бетІерасул гІайибазул жавабчилъи хІалкъалда тІад лъезе, гьев нужецаго гурищ вищун вукІаравинги абун.»

ЦІидасан дагъистаналъул экспертазухъе.

ЭР: «МахІамад, дуца цере загьир гьарурал пикрабазда бицен гьабулеб букІана гІицІго, гІадамазул пикруялда, пачалихъалъул бюджет бикъа-хъамиялъул яги цогидал къануниялгурел къагІидабазда бечелъарал гІадамазул. Дуца гьанжеги рехсечІо цогІаги Дагъистан рукІалиде бачиналъе рес кьолел амбициябиги, гІаклъуги, цІодорлъиги бугев, республикаялъул бетІерасул хъулухъалда вукІине хІакъикъаталдаги мустахІикъав, амма жиндир миллионал гьечІев чи. Кколищ гьеб жакъасел шартІазда, гьединав чиясул гьединаб хъулухъалде щвеялъе киналгІаги шансал гьечІилан абураб жо?»

БисавгІалиев МахІамад: «Жакъасеб Россиялда, дур ЭнштейнилгІадаб бетІер бугониги, кигІан къуватав экономист мун вукІаниги, кигІан кІудияб нухмалъи гьабиялъул махшелги хІалбихьиги дур букІаниги, жакъасеб Россиялъул хІакъикъаталда политикиябги, финансазулги (хасго финансазул), яргъилги жидерго электораталъул къуват гьечІого, жамгІияталъул бербалагьиялда, вацІадав чи нухмалъуде вачІине рес гьечІо. Гьелъие эволюция, наслаби хиси къваригІуна. ГІадамазул бутІрулъ, пикрабалъ хисизе ккола кинабго. Бечедав чигурони нухмалъулевлъун вукІине бегьуларин абураб пикру буго Кремлалъулги, дагъистаналъул нухмалъиялъулги, халкъалъулги. Гьеб къокъаб заманалда хисизабизе кІоларо.»

ЭР: «Гьединаб пикруялда разилъулел гІадамал дагьал гьечІо. Амма, дуца абухъего, вацІадав чи нухмалъиялде вачІиналъе шартІал раккиялъул рахъалдехун нух бахъулел гІадамал рукІине ккелаха, гьелъие жамгІияталъги жиндирго гражданияб позиция бихьизабизе ккелаха. Кир ратилел гьединал гІадамал? Гьалегури, гІемер заманалда жаниб кинал къанунал рахъанаиги, лъикІаб рахъалдехун хисулеб гьечІогури ахІвал-хІал.»

БисавгІалиев МахІамад: «Россиялъул тарихалъул хал гьабуни, гьелъул, гьелдаго цадахъ дагъистаналъул нухмалъиязул хал гьабуни, абизе бегьула, россиялъулги, гьелдаго гъорлъ дагъистаналъулги халкъалъе ориентирлъун букІана тІалъи, нухмалъулел. Кинаб жамгІияб пикру прессаялъ букІа, хъвадарухъабаз, рухІиял церехъабаз, жамгІиял гІуцІабаз тІибитІизабулеб букІаниги, вореха нужеца вацІадав чи вище, вацІадав чи вукІине ккола нухмалъуда, вацІадав чи тІаде гьавизе ккола, вацІадав чи нухмалъуда нилъеего лъикІ вукІунин абурал пикраби тІиритІизариялдалъун гьеб процесс хисиялда дун божуларо. Тохлъукьего, тарихиял хІужжабаздалъун, лъугьа-бахъиздалъун вацІадав чи нухмалъуде ккани, гьев чи вукІуна халкъалъе ориентирлъун. Гьагъав тІад вугев чиясул идеологиялдалъун халкъ бачІуна рацІадал гІадамал рищиялъул нухде. Гъоркьан тІаде бачІине рес гьечІо. ГьанжелъезегІанги бачІун букІинчІо. Жакъаги гьеб бачІине бегьиялда дун божуларо.

ЭР: «Ай, нилъер талихΙ битІахъего Москваялда, Кремлалда барабищ бугеб?»

БисавгІалиев МахІамад: «У. ГІицІго лъаялдаги, гІакълуялдаги, гІелмуялдаги, вацІалъиялдагилъун нухмалъуде вачІарав Россиялъул президентги вугони, гьесда релъарал бутІрул регионаздеги рачІани, гьеб мехалда хъвалезги гьеб хъвазе буго, бицунезги гъоб бицине буго, халкъалъги гъоб къабул гьабизеги буго. Байбихьизе буго рацІадалги, гІаклъу бугелги, гІелму бугелги гІадамал нухмалъуде рачІунеб заман.»

Уладиевасул пикруялдаги, дагъистаналъул рищарухъаби хІадурал гьечІо хІакъал демократиял рищиязде. ХІадурал рукІине ккани, тІоцере гьел жидерго гьаркьал ричиялдаса эркен гьаризе ккола, эркен гьаризе ккола лагълъиялъул психологиялдасан.

Уладиев Сулайман: «Щивав чисяул букІине кола ихтияр, гьеб конституциялъги бихьизабунги буго, жинцаго жиндирго кандидатура лъезе бокьараб вищулеб бакІалде - мэр вукІа, президент вукІа, Пачалияхъияб Дума букІа, нилъер халкъияб мажлис букІа. Дун гІемер жо бихьарав чи вукІиналъ, абулеб буго, гьедин букІаниги нилъераз вищула довго бандит. Нилъеде ирга щвезе толаро доз. Щайгурелъул гъезухъ буго гІарацги армиябиги. Гъозда гъорлъ вуго чанго чи долларазул миллиардал ругел. Киса гьел щварал? Даран базаралдалъун гьез гьеб гьабичІо. Гьединаб, жалго хІалтІун бечелъарал гІадамал нилъер риккине бегьула кверзул кильщаздалъун. Аслияб къагІидаялда дица кІвар буссинабулел гІадамал ккола гьалго аздагьабазул вацазул яцасул лъималги, вацгІалзабиги. Доб буго бикъараб гІарац. Пачлихъалъулин абула, гьеб нилъер гІарац ккола. Доз бокьарав чи вичун восула, восизе кІвечІев хІамагІадин чІвала яги хІинкъизавула. Гьединаб хІакъикъаталда кинха абила киназго гьаркьал кьун бутІрул рищи лъикІаб жо кколин!

Дида лъала, гьабизе колеб жо – дагъистаналъул халкъалъ, щивав чияс пикру гьабизе ккола жакъа, кире щун ругел абун суалги лъун. МахІачхъалаялда ругел кІуди-кІудиял минабиги машинабигийищ нилъер ахІвал-хІалалъул роцен? Гуро. Гьеб борциналъе хІалтІизабулеб букІине ккола гІадамал гІумруялда рази рукІиналъул даража, ритІухълъиялъул яги текълъиялъул даража. Гьединал роценал халтІизаризе ккола ахІвал-хІалалъе къимат кьолеб мехалда. Гьелъул ургъел гьабизе ккола дагъистаналъул халкъалъ. Дицаги абулеб букІуна гьездасан, гьел цІогьабаздасан квешал чагІи гьечІин, аздагьаби гьел ругин. Амма аздагьабилъун гьел гьаруна нилъеца, халкъалъ. Щай? Щибниги гьел цІогьабазда гьабизе бажаруларо, халкъалъ жиндирго къвакІараб рагІи абулеб бугони. Халкъалъ гьебги гьабуларо. Нилъ бецІаллъун хутІулелги руго.»

ЭР: «Халкъ кантІизе ккани, щибха къваригІунеб, бугищ дур пуланаб рецепт?»

Уладиев Сулайман: «Буго. Гъоле Муса аварагас пиргІанасул лагълъиялда рукІарал жугьутІал 40 соналъе салул авалахъалде рачана, лъагълъи бихьичІел, эркенлъиялда рижарал гІадамал гІемерлъизегІан. Нилъецаги нилъецаго ахІвал-хІал хисизабизе ккола. ЦІодорал, гІакълу бугел гІадамал кІалги къан чІезе бегьуларо, хІинкъизе бегьуларо. Гьелда тІад хІалтІи гьабизе ккола. Диниял чагІацаги, интеллигенциялъги гьабизе ккола жидерго хІалтІи. Студентазухъа экзаменазухъ нусго доллар бакІарула рукІинчІого, цІалул идарабазул хІалтІухъабазги хІалтІи гьабизе ккола, гъозул рукІубегилъидал дагъистаналда бугеб ахІвал-хІал щолеб. Халкъ кантІизабизе ккола. Москваялда гІадамал къватІире рахъинчІогури, жидее гІарац цІиккинабеян, жидее пенсияби цІиккинареянгабун. Доз абуна жал хІамулги гурин, жал лъагъзаби кколарин. Жал гІадамал ругин. Жидеца жалго хІакъир гьаризе теларин абун.»
XS
SM
MD
LG