Ссылки для упрощенного доступа

Дагъистаналъул прокурорасул тах чIобоголъана. Лъиде щвараб ирга?


Дагъистаналда республикаялъул тIалъи хисун хадуб хъулухъазда хиса-басиял унел руго. Политологазул ва экспертазул пикруялда рекъон, гьединал хиса-басиял рукIине руго аслияб къагIидаялъ республикаялда ругел федералиял хъулухъазда.

Гьал къоязда Дагъистаналъул прокурорасул хъулухъалдаса нахъе ана Андрей Назаров. Гьев тIамуна Башкириялъул прокурорлъун ва I8 апрелалда регионалъул парламенталъ тасдикъ гьавуна. Дагъистаналъул прокуратураялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулес лъазабухъе, Андрей Назаров республикаялъул прокурорасул хъулухъалда хIалтIана 2009 соналдаса нахъе ва гьеб заманалда лъикIаб хIалтIухъ гьесие щвана чанго тIадегIанаб шапакъат. ЦIияв прокурор жеги хъулухъалда тIамун гьечIо, гьесул ишал тIуралел руго прокурор хисулев Дибиров МухIамадица.

«Черновик» газеталъ лъазабухъе, гIагараб заманалда хъулухъалдаса нахъе ине вуго республикаялъул жанисел ишазул министер МухIамадов ГIабдурашидги. Гьесул бакIалда гIага-шагарго вачIине вуго гьебго идараялъул экстремизмалде данде чIараб бутIаялъул нухмалъулев БатIалиев АхIмад ялъуни министер хисулев Василий Салютин. Нухмалъулев хисизе рес буго федералияб хIинкъи гьечIолъиялъул идараялда ва республикаялъул пенсионнияб фондалда абун хъвалеб буго «Кавказская политика» сайталъ.

Республикаялъул нухмалъуде Рамазан ГIабдулатIипов вачIарабго гьес информалатазе бицунеб букIана кадровиял хиса-басиял гьаризе кколин киналго идарабазда ва хасго республикаялда ругел федералиял идарабазда. Гьес бицунеб букIана аслияб къагIидаялъ ришватчилъи бугел ва республикаялъул интересазда данде кколареб хIалтIи гьабулеб бугин гьел идарабазда. ТIоцебесеб иргаялда къуваталъул идарабазул хIалтIудаса рази гьечIин живилан абун букIана терроралда данде чIараб комиссиялъул данделъиялда.

Чанго батIи-батIиял экспертаз ва политологаз рикIкIунеб буго киналго регионалда ругел федералиял идарабазул нухмалъулел рукIине кколин республикаялъул нухмалъулес хъулухъалда тIамулел, гьесие мутIигIлъулел чагIи. Гурони республикаялда бугеб ахIвал-хIал гIемерисеб мехалъ гьезда бараб буго, амма хIасил тIалаб гьабулеб буго нухмалъулесдаса. Гьедин бицун букIана цебеккун «Эркенлъи» радиоялъе Шималияб Кавказалъул исламиял цIех-рехазул централъул нухмалъулев Гереев Русланица ва гьединго «Настоящее время» газеталъул бетIерав редактор Фатуллаев Милрадица.

Респубикаялъул тIалъи хисигун федералиял идарабазул хIалтIи кинаб букIине бугеб ва кинал хъулухъалъулал хиса-басиял рукIине бегьулел абурал суалазда тIаса «Эркенлъи» радиоялъе жиндирго пикру загьир гьабуна «Кавказская политика» сайталъул бетIерав редактор, журналист Шевченко Максимица.

Шевченко Максим: «Дида ккола къватIисел регионаздаса заманаялъ федералиял хъулухъазе нухмалъи гьабизе Дагъистаналде ва цоги Кавказалъул регионазде рачIунел гIадамазда гьениб щибниги хисизабизе кIолеб гьечIин. Гьезда лъалеб буго жал заманаялъ рачIарал чагIи рукIин ва гьенир ругел гIадамал гьезие чиярал руго. Кавказалда хъулухъ гьабизе иналъухъ гьезие гIарац цIикIун кьолеб буго, карьера гьабулеб буго ва хадур жидерго ватIаналде руссунел руго. Гьединлъидал, дир хIисабалда бакIалъулал гIадамал тезе ккола гьединал хъулухъазда. Дагъистан гьезие буго жидерго ватIанлъун ва гьел хъулухъазда хIалтIизе мустахIикъал чагIи Дагъистаналда гIунги тIокI руго. Амма гьанжелъагIан букIараб политика жеги хадубги букIине буго дир хIисабалда, щайгурелъул Москваялда жидерго Кавказалдехун бугеб бербалагьи жеги хисун гьечIо. Гьезда кколеб буго гьаниб цо кинабалиго чияраб, батIияб бакI бугилан ва тIолгороссиялъул къанунал ва нухмалъиялъул къагIидаби гьанир данде кколарин.

Шималияб Кавказ хасаб федералияб округ хIисабалда батIа гьабиги, Кавказалда тIолгохалкъалъул рищиял риччангутIиги ва гьеб гурел цоги хIужабазги бихьулеб буго федералияб центалъул Кавказалдехун хасаб бербалагьи букIин. Дида ккола гьеб мекъаб политика бугин ва гьелъ рес кьезе гьечIин Кавказ федералияб конституционнияб полеялда жанибе бачIине».

Журналист Муса Мусаевасул пикруялда рекъон, жиндир хъулухъалда Андрей Назаров хIалтIулев вукIанин гIодовиччан, кинал ругониги кIудиял политикиял ялъуни криминалиял лъугьа-бахъиназулъ гIахьаллъичIого, ва гьеб буго гьесул хIалтIуе лъикIаб къимат кьеялъе аслияб гIилла. Бокьарав федералияб идараялъе нухмалъи гьабулев хIакимчияс хIаракат бахъула Москваялда вугев жиндирго хIакимасе рекIее гIезе, республикаялда ахIвал-хIал хисизабиялъул масъала гьечIо гьезда цебеян рикIкIунеб буго журналистас. «Черновик» газеталъул журналист Агъаев Маирбекил пикруялда рекъон, федералияб тIалъиялъ Жанисел ишазул министерлъиялъул нухмалъулев хисулев вуго гьебго гIиллаялъ, ай жидерго божилъи бугев ва жидеего рекIее гIолев чи хъулухъалде ккезавиялъул мурадалда.
XS
SM
MD
LG