Ссылки для упрощенного доступа

«Рокьукълъи бекьи-цивилизация кколаро»


«Израилалъул рахъ кквей- жигьад къезаби» абулеб плакаталда цере, Нью-Йорк, метроялъул Таймс-Сквер станция, 24Сен2012
«Израилалъул рахъ кквей- жигьад къезаби» абулеб плакаталда цере, Нью-Йорк, метроялъул Таймс-Сквер станция, 24Сен2012

Нью-Йоркалъул метроялда жаниб христианазул ва жугьутIазул къукъабаз гьанже байбихьун буго бусурбабазул рахъ ккураб рекламияб компания тIобитIизе. Гьеб буго гьенибго дагьаб цебегIан букIараб бусурбабазде данде тIобитIараб рекламияб компаниялъе жаваб.


Шималияб Америкалда инсанасул ихтиярал цIунулел раввиназ ва христианазул къукъабаз 8 октябралда Нью-Йоркалъул метроялда жаниб бан буго рекламаялъул 20-гIан гьумер. Раввиназул плакатазда хъван букIун буго: «Рокьукълъиялда ва рокьиялда гьоркьоса рокьи тIаса бищула. Кумек гьабе нилъер мадугьалзаби- бусурбабазде данде бугеб фанатизм чIезабизе».-ян.
Христианазул къукъабазул плакатазда хъван букIун буго: «Нужерго мадугьалзаби бусурбаби рокьизе ккола».-ян

Гьез гьединаб хIукму гьабун буго бусурбабазде данде букIараб рекламияб компаниялъе жаваб хIисабалда. Гьеб компания америкалда гIатIидго какулеб букIана исламофобиябин абун. Гьеб компаниялъул гъорхъабалъ метроялда жанир рарал плакатазда хъвалеб букIун буго: «ЦебетIураб цивилизациялъул чиясда ва гIалхулав чиясда гьоркьоб унеб рагъулъ рахъ ккола цивилизациялъул чиясул. Израилалъул рахъ кквеялъ жигьад къезабула»-ян.

Гьеб компания тIобитIулеб букIун буго бусурбабазде данде бугеблъун лъалеб Америкалъул Эркенлъи цIуниялъул инициатива абулеб ай AFDI кампаниялъ.

Гьеб кампаниялъул ишал тIуразарулей директор Памела Геллерица Эркенлъи Радиоялде бачIараб электронияб кагътида абулеб букIана бусурбабазде данде плакатал жидеца ралел рукIанин 2010 соналдаса нахъе палестиналъул рахъ ккурал плакатал шагьаралъул жамгIияб транспорталда тIиритIизариялъе жаваб хIисабалдайин.
Гьелъ рикIкIунеб буго жидер ихтияралгун эркенлъабазе хIинкъи баккулеб бугин ва Эркенлъи Радиоялде бачIараб кагътида тIадеги хъвалеб букIана: «Гьаб буго эркенлъиялъе гIоло гьабулеб рагъ. ГIалхулал гIадамазда щиб букIаниги квеш бихьиларедухъ дирго эркенлъиялдаса махIрумлъизе дун хIадурай гьечIо»-ян.

Рахел Хан-Тростер ккола Раввинал инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун абулеб программаялъул директор.

Рахел Хан-Тростер: « Бусурбабазде данде гьеб компания байбихьараб мехалда нижехъе рачIана гIемерал суалал щиб нилъеца гьабизе бугеб, нилъер реакция кинаб букIине бугеб, нилъер мадугьалзаби ва гьудулзаби бусурбабаздехун гьединаб рокьукълъи загьир гьабулеб мехалда раввинал ва жугьутIал хIисабалда нилъеца щиб абизе кколебин гьикъулел».

Рахелил рагIабазда рекъон, гьезул къукъа букIун буго кколеб бугеб какараб тIоцебесеб къукъа ва 3-билеб октябралдаго гьез метроялда жанир ран руго: «Рокьукълъи бекьи цивилизация кколарин» абурал игIланал.

Христианазул Sojourners абулеб къукъаялъул президент ва генералияв директор Джим Уоллисица абуна: «ГIиса аварагас мунгогIадин дурго мадугьалги вокьайин абуралде тIаде тIокIаб щибго жубан букIинчIо ва жубазе кколаро»-ян.

Америкалъул Эркенлъи цIуниялъул инициатива абулеб кампаниялъ бусурбабазде данде бугеб компания тIобитIиялъул лъазабураб мехалда Нью-Йоркалъул метроялъул тIалаб гьабулеб Metropolitan Transportation Authority ай MTA идараялъ инкар гьабун букIана гьезие разилъи кьезе. Хадуб бакIалъул федералияб диваналъ чIезабун буго гьезул рекламаялъе нух кьезе кколин. Гьелдаса хадубги МТАялъ «Нью-Йорк таймсалда» гьабураб лъазабиялда хъвалеб букIана гьеб реклама чиясул къадру хвезабулеб бугин.

MTA идараялъул вакил Аарон Донованица абуна Эркенлъи Радиоялъе «жидер кверал рухьун рукIанин» ва гьесго лъазабуна плакатазул гIемерисел тIаса расун хвезарунги рукIанин.

Бусурбабазул рахъ ккурал плакатаздехун AFDI-ялдаса Геллерил пикру цIехон хъвараб кагътие бачIараб жавабалда абулеб букIана: «Гьел раввиназул нигат лъикIаб буго. Дица хъваралдаги рокьукълъиялъул бицунеб букIинчIо, гьебги букIана рокьул калам»-ян.

Кортни Брукс
XS
SM
MD
LG