Байбихьуда информ.алатаз кьураб баяналда абулеб букIана Кавказ Узел сайталъул мухбир ХIажиев ХIасан абурав гIолохъанчи вачун ун вугин полициялъулазила
Бищунго полициялъул кIвар буссинабураб хIажалъун кккун рагIула Такиуддина ан-Набохонил "Система ислама» абураб тIехь гьесул рокъоб бати. РакIалде щвезабила, гьеб тIехь экстремизмалъула
Нахъаде лъана ХIажиев ХIасанго гIадин жеги чанго чи рачун ун рукIин низам цIунулез. МахIачахъалаялда
Кинавниги ккун вугин 50 ниги чиян бицана Эркенлъиялъе «Россиялъул конгресс» абураб гIуцIиялъул тIадегIанаб шураялъул вакил Абакаров Абакарица, гьеб митинг тIобитIиялъе квербакъарав чи ккола гьев. Полициялъ рачун арал гIадамазул цоцазулгун кинабниги гьоркьоблъи я хIалтIулъ, я хIаракатчилъиялъ
Абакаров Абакар: «Щиб кинали гьикъизе чицин щолев гьечIо. Дир хьул буго дагьаб хадусангIаги кинаб бугониги баян бачIинин къватIибейилан. Гьенир ккун аразда гьоркьор руго цо-цо дида лъалел хъвалелги, хутIарал киналго щалали дидагоцин лъаларо битIараб бицани.
Кинал суал гьезие кьолел рукIарал, щиб гьезда низам цIунулез бицарабали гьелда рекъон лъазе рес буго гьел рачун иналъе гIилла. Дидагони ккола гьеб митинг сабаблъун гьабураб жо букIиналда, щайгурелъул ахираб заманалда гьединаб тайпаялъул данделъи тIобитIун букIинчIелъул МахIачхъалаялда»
Гьоркьоб заман индал лъана полициялъулаз вачун ун вукIарзул цояв къватIиве виччан вукIин. Гьев ккола МахIачхъалаялдас
ХIамидов Руслан: «Цо кинабалиго литератураялъул бугоан гьез чIечIого цIехолеб, дица абунаха гьалейин дир рокъор ругел тIахьалилан. Гьезухъги балагьун жидехъго ругел сияхIазда дандеги ккун хал гьабуна гьез гьелъул. Хадуб абуна жида цадахъ вилъине колилан. Гьез дун вачана УБОпалъул анлъабилеб бутIаялде. Гьавги дол цояздаго аскIове спорталъул тадбирал тIоритIулеб рокъове вачине кколилан аублеб раг1ана цояс, амма дун вачун вачIарас абуна, кIваричIин, дирго кабинеталдеги вачун цIех-рех гьабилан гьасулилан.
Дун вачана кIиабилеб тIалаялде. Гьениб чанго батIиб суал кьуна дие, щай митингалде ун вукIарав, киназул рахъалда мун вугев абун, салафиявиш, суфиявищали гьикъулеб мех букIун батилаха гьезул гьеб. Гьелдаса хадуб рокъове виччана. Цин цогидалги жанир ругеб бакIалде витIизехъин вукIана, амма дагьаб хадуб гьелги рокъое риччазе ругин гьавги виччазе бегьулин абулеб рагIана гьез цоцазда. Амма жеги гьезул цониги чи къватIив виччанилан рагIичIоха».
ХутIаразул хIакъикъат кинаб ккарабали баян щвечIо нижехъе. ЦохIо МахIачхъалаялдас