Ахираб заманалда кавказиязул гIезегIан чи бетIербахъизе Москваялде ун, гьенир гьел гIемерлъун ругониги, жегиги ругьунлъулел гьечIин москваялъулал дагъистанияздеги гьезда релълъараздегиян абулеб буго гьенир гIумру гьабулел кавказияз. Гьедин гьоркьор къотIулел гьечIила улкаялъул тахшагьаралда кавказиял тун батIиял чагIазе кьолел ругин мухьдахъ кколел рукъзал абун хъварал лъазабиял.
Гьелъ гIажаиблъизарулел руго жалго риэлторалгицин. Масала, Москваялда кквезе рукъзал ралагьулеб HomeApp компаниялъ цIех-рех гьабун буго гьелда бан. Цинги лъазабиязухъ балагьун гIуцIун буго хасаб картаги. Гьениб батIи-батIиял кьераз бихьизабулеб буго гIурус тун батIиял миллатаздехун рокьукълъи загьир гьабулел Москваялъул мухъалги.
Гьеб компаниялъул вакилзабаз кьочIое босун буго гьеб шагьаралда рукъзал кьолел ругин хъвараб 800 000 лъазаби. Рукъзал гIурусазухъе гурони кьеларин хъвараб гIечIого, гьезие гьел жеги учузго кьелинги тIаде жубалеб рагIула гьел лъазабиязда.
Бицен гьабулеб масъала унголъунги бугин Москваялда ва гьелда сверухъ ругел мухъаздаян бицунеб буго ЭР-ялъе чанго соналъ Москваялда гIумру гьабун йигей Дагъистаналдаса журналист ПатIимат Расуловалъ.
ПатIимат Расулова:
Росгун цадахъ Москваялда чияр рокъор гIумру гьабулел рукIана Дагъистаналдаса Заираги.
Заира:
Доб цебехун бицен гьабураб Hom App компаниялъ гIуцIараб картаялда бихьизабухъе, гIурус тун батIиял миллатаздехун, цо лъан-лъалареб гурони, рокьукълъи бихьизабуларел мухъал ккола шагьар бакьулъегIан ругел. Масала, Садовое кольцо, Ленинский проспект, Замоскворечье.
Амма кавказияздехунги цогидаздехунги божилъи дагь гьабулеб буго Москваялъул рагIалдегIан ругел мухъазда - Юго-западный абулеб ва Бакъбаккул мухъазда.