Ссылки для упрощенного доступа

БукIинищ Москваялда кавказофобиялде данде митинг?


Кавказиязулгун азиялъулазул митингалъе гIурусазул прогнозал Исламалдаги, Кавказалдаги, миллатаздаги хурхун Россиялда бугеб рокьукълъиялда дандечIун кватIичIого Москваялда, Манежалъул майданалда, митинг тIобитIизе бугин лъазабуна дагьалъ цебегIан Кавказалдасагун Гьоркьохъеб Азиялдаса вакилзабаз.

Гьениб гьединго хIисабалде босун буго Россиялда мажгитал раялда, школазде лъимал хIижабги чIван рачIиналда дандечIеялъул суалал рорхизе. Гьединго ЦIех-рехалъул комитеталъ тIад хIалтIи гьабулев адвокат Мурад Мусаевасул рахъкквезе.

Амма кавказиялги Гьоркьохъеб Азиялдаса чагIиги рахъунарин гьеб митингалдеян рикIкIунеб буго «Русские» абураб гIуцIиялъул цевехъан Дмитрий Демушкиница. Щайин абуни гьел вакилзабазул жамгIиял гIуцIабазул, диаспорабазул нухмалъулел ругила тIалъиялда рарал чагIи. БатIи-батIиял комиссиязда гъорлъеги росун ругила гьел гьанже. Гьединлъидал тIалъиялъулгун, Москваялъул нухмалъиялъулгун гьоркьорлъаби хвезаризе бокьизе гьечIила гьезие. Щайгурелъул тахшагьаралъул тIалъиялъе рекIее гIезе гьечIила гьез гьабизесеб митинг. Гьединго бетIербахъиялда хадур Россиялде рачIарал тажикалгун узбекалги киданиги унарин жал къварид гьарулел ругилан бицине, щайин абуни гьел нахъисеб къоялъго хIалтIудаса нахъе рехизе бегьулин рикIкIунеб буго Демушкиница.

Демушкинил рагIабазда рекъон, батIи-батIиял миллатчилъиялъул тадбиразда Россиялъул миллатчагIаздасан рагIулездасаги цIикIкIун рокьукълъи загьир гьарурал кIалъаял гьарула федералиял политиказ.

ПалхIасил, Демушкиница гьедин абиялъе гIилла бугин мукIурлъана ЭР-ялъе Абакар Абакаров. Гьев ккола бицен гьабулеб митинг Москваялда тIобитIиялъе квербакъулезул цояв. Гьедин Демушкиница абулароанин гьанжелъагIан кавказияз ва Гьоркьохъеб Азиялдаса рачIарал мигрантаз церехун тахшагьаралда гьединал табирал гьарураланиян абуна Абакар Абакаровас. Жидерго масъалабазул хIакъалъулъ гьез тIалъиялде яги жамгIияталде гIарз бахъулароанила, гьелъ гьелги лъиданиги рихьулароанила, гьез абураб жоги лъиданиги рагIулароанила.

Амма гьелдаго цадахъ Демушкинги цогидалги данделъарал бакIазда, Москваялда, тIибитIараб пикру бугин дора ругел кавказиязулги, Гьоркьохъеб Азиялдаса мигрантазулги гьезул ватIаналдаса элитабазда бараб жо гIемер букIунин абун. Цо рахъалъ, гьеб битIарабги батизе бегьулин рикIкIунеб буго Абакаровас. Щайин абуни гьел элитаби рукIунила тIалъиялъ кваназарун хьихьарал чагIи. ТIалъиялъе гьедигIанго захIмалъуларила гьезда кверщел гьабизеги. Гьедин рижулила гъол «Кавказалъул элитабазда рарал рукIунин Москваялда ругел кавказиялги цогидалги» ян абун церехун рехсарал гIадал харбалги, гьединлъидал рахъинадай гьел Москваялда гьарулел митингазде яги рахъинародайин абурал щакдарабиги.

Хадусеб иргаялда Абакаровас рехсолеб буго кавказиязулги Гьоркьохъеб Азиялдаса чагIазулги гражданлъиялъул позиция гьечIолъи.

Абакар Абакаров: «Нилъ гIезегIан цоцадаса тIун руго. Нилъерго ихтияралги цIунун къватIире рахъине, гьезда хурхун ахIи базе лъалеб даражаялда гьечIо нилъ жеги. Дагь-дагьккун рачIунел руго нилъ гьелде. Гьале гьаб Москваялда тIобитIизе нижеда ракIалда бугеб митингалъул магIнаги гьеб буго – нилъер чагIаздаги Гьоркьохъеб Азиялдаса мигрантаздаги жидерго ихтиярал цIунизе малъи. Амма кигIан чи гьениве вачIиневали абизе, цебечIезабизе захIмалъула. Щайин абуни, цоцалъ гъункун нилъер чагIи, бусурбаби, къватIире рахъине ккани цо кIудияб жо тIаде бачIине ккола. ТIалъиялдаги бичIчIизе ккола гьединал тадбиразе нух къазе бегьунгутIи.

Жинда жанир гIумру гьабун ругел жамгIиятазул, къокъабазул, вакилзабазул позициялда бараб букIуна пачалихъалъул камиллъиги. Гьединлъидал Демушкинил рагIаби ритIухъ гьаризе яги нахъчIвазе къваригIани, кIудияв аналитиклъун вукIине кколаро чи. Гьадинги бихьулеб гьечIищ бугеб хIакъикъат? Амма гIадамал митингалде рахъиналъе, гьелъие гьезул пикру хисизе цохIо сордоги гIола. Гьединлъидал аналитиказеги социологазеги кутакалда захIмалъула кIудиял мегаполисазда гIадамал митингазде, акциязде рахъиналъе гIиллалъун щиб букIине бегьулебали лъазабизе. Гьеб цохIо сордоялда жаниб пикруги хисун я рахъуна гьел къватIире, ялъуни, рахъинчIого чIезе бегьула. Гьел гIезегIан ричIчIизе захIматал жал руго».

ТIалъиялъукьа нахъеги къан улкаялъул тахшагьаралда митинг гьабизе рахъине гьечIин кавказиялги Гьоркьохъеб Азиялдаса мигранталгиян рикIкIунев Демушкинида тIад рекъолев гьечIо Москваялда гIумру гьабун вугев Дагъистаналдаса политолог Руслан Къурбанов. Бицен гьабулел вакилзабазул нухмалъулел унголъунги ругила Москваялъул хIукуматалъул идарабазда рухьарал, амма гьезда бичIчIулила Олимпиадаялда цебе кавказиязулгун ва цогидазулгун гьоркьорлъаби хвезарун Москваялъе дандеккунгутIи.

Руслан Къурбанов
Руслан Къурбанов
Руслан Къурбанов: «Москваялдаги гьениб информация тIибитIизабулел алатазги цIакъ рахъккуна гьеб митинг тIобитIизе букIиналъул. Щайин абуни митинг тIобитIизе бегьилаанин цо-цо чагIаз пикру загьир гьабун гурони, гьанжелъагIан гьениб гьединаб даражаялъул тадбир тIобитIун букIинчIелъулха. Жибго Москваялъеги дадекколаро гьабсагIаталда улкаялда миллатчилъиги, къватIиса бачIараб халкъалдехун рокьукълъиги бугин абураб пикру билълъун ине. Гьединлъидал дида лъаларо, митингалъе щиб къо чIезабулеб бугебали, амма гьеб тIобитIизе ккола, гьелъие батIияб нух гьечIо».

Митингалъе жеги къо чIезабун гьечIо. Гьеб лъала декабралъул 22 яги 23 къоялъ Кавказалдасагун Гьоркьохъеб Азиялдаса вакилзабаз Москваялда тIобитIизесеб кIудияб пресс-конференциялда. Гьеб тадбир гьабулеб букIин лъайдал, митинг тIобитIулезулгун бухьен ккун буго Москваялда хIалтIулел яги гIумру гьабулел цогидал регионаздасагун улкабаздаса вакилзабазги.
XS
SM
MD
LG